Авар цӀарис
Сериябазул бутӀа: |
Авар грамматика |
---|
ЦӀарис жаваблъун бачӀуна щав, щий, щиб, щал гьикъазе, ва семантикияб рахъалъ рахъалъ рикьула хасаздеги гӀаммаздеги. Элъул категорияби авар мацӀалда руго хадусел: класс (чиясул, чӀужуялъул, гьоркьохъеб), рикӀкӀадулаб форма (цолъул, дагьлъул, гӀемерлъул) ва хӀалат: (абсолутив, эргатив, генитив, датив, инструменталис ва локативазул серияби).[1]
ЦІарсил гІаламатал
[хисизабизе | код хисизабизе]ЦIаралъул руго хадусел грамматикиял гIаламатал:
- Хассалги гIаммалги рукIин. Хасал цIаразде гъорлъе ккола гIадамазда (хасго), хIайваназда, бакIазда лъурал цIарал: МухIамад, ГIали, Москва. ГIаммал цIаразде гъорлъе уна хутIаралщинал: лъар, бетIер, зоб, ракь, мегIер;
- Цолъул ва гIемерлъул форма букIин: бетIер — бутIрул, ракь — ракьал, мегIер — мугIрул;
- Чиясул, чIужуялъул ва гьоркьохъеб жинс букIин. Авар мацIалда рагIаби жинсазде рикьула гьел щив? щий? щиб? абурал суалазда рекъон: чиясул жинс (щив?) — вас, эмен, вац; чIужуялъул жинс (щий?) — яс, эбел, яц; гьоркьохъеб жинс (щиб?) — хIалтIи, ракь, гIор.
- ИгІрабазда рекъон свери: вац — вацас — вацас ва гь. ц.
Класс
[хисизабизе | код хисизабизе]Авар цӀарсал рикьула лъабго классалде. ТӀоцебеселде гъорлӀе ккола бихьинчиясда хурхарал цӀарсал: бихьинчи, эмен, вас, вац. КӀиабилелъ гъорлӀе рачуна чӀужуялда хурхарал цӀарсал: чӀужу, эбел, яс, яц ва ц. ХутӀарал цӀарсал, чӀагоялги, чӀагоял-гурелги жал рихьизарулел, уна лъабабилеб классалде гъорлӀе.
Класс | Жинс | Цолъул форма | Мисал | ГӀемерлъул форма | Мисал |
---|---|---|---|---|---|
I | чиясул | в | вас вачӀана | р/л | васал рачӀана |
II | чӀужуялъул | й | яс ячӀана | ясал рачӀана | |
III | гьоркьохъеб | б | чу бачӀана | чуял рачӀана |
РикӀкӀадул форма
[хисизабизе | код хисизабизе]ЦӀарсазул буго цолъул, дагьлъул ва гӀемерлъул формаби. Руго цо форма гурони гьечӀе, мисалалъе, цолъул форма гурони букӀунаро рокьи, сахлъи гӀадинал абстрактивиял цӀарсазул.
Руго цо-цо pluralia tantum рагӀаби: кагътал (хӀай, цолъул формаялда кагъат — жинда тӀад хъвадаризе хӀалтӀизабулеб жо), цӀороберал, цӀадираби. Гьабго тӀелалде гъорлъе рачине бегьула рос-лъади, эбел-эмен гӀадал рагӀабиги. Гьенирго руго батӀи-батӀиял росабазул гӀадамазде абулел цӀаралги, щай гурелъул гьезул корреляталлъун цолъул формаялда рукӀуна адъективал, жал топонимаздаса лъугьарал[2] (балагье Авар росабазул гӀадамазда абулел цӀарал).
Цо-цо цӀаразул цолъул формаялъул рукӀине бегьула цадахълъиялъул магӀнаги: гамачӀ — цо яги гӀемерал цадахъ, материал хӀисабалда.
Авар мацӀалда гӀемерлъул форма лъугьунел суффиксал рикьизе бегьула кӀиго тӀелалде:
- Продуктивиял:
- -аби[3] (ахиралда рагьарал ва суффиксалиял -н, -л ругел, ахирисеб рагьараб [+н] тӀагӀуна): дару — дар-аби, рагӀи — рагӀ-аби, хӀалтӀухъан — хӀалтӀухъ-аби;
- -заби — гӀадамазда хурхарал цӀаразулъ: чапар — чапар-заби, гӀалим — гӀалим-заби, гьудул — гьудл-заби;
- -ал — рагьукъаб ахиралда ругел рагӀабазулъ: бис — бис-ал, бер — бер-ал, кӀул — кӀулал; авар мацӀалъул жиндирго журарал аслу бугел рагӀабазулъ (тӀадецуй бугеб суффиксалъулъ) аслуялъул кӀиабилеб рагьаралъул лъугьуна редукция: гудур — гудр-ал, лъимер — лъим-ал, лъим — лъин-ал; къанагӀат суффикс -ал дандчӀвала ахиралда рагьараб бугеб битӀараб аслуялъулъ, жиндие гӀемерлъул формаялда редукция лъугьунеб: гьобо — гьабал; гӀурус мацӀалдаса рачӀарал рагӀабазулъ суффикс ккола тӀадецуй гьечӀеб ва редукция лъугьунаро: трактор — трактор-ал;
- -ял — цожубараб CV аслу бугел рагӀабазулъ: къо — къо-ял, цӀа — цӀа-ял, чу — чу-ял, амма ца — ца-би, цӀва — цӀва-би, чӀва — чӀва-би;
- Продуктивиял гурел:
- -зал (цожубарал рагӀабазулъ): лагъ — лагъ-зал, нугӀ — нугӀ-зал, хур — хур-зал;
- -дул, -ул (аслуялъул вокализм хисула V > у): гъадаро — гъудр-ул, кету — кут-ул, тӀегь — тӀугь-дул;
- -и (аслу хисиялъул низам гьечӀел): тӀинчӀ — тӀанчӀ-и, хӀинчӀ — хӀанчӀ-и, гӀака — гӀач-и; гьабго цоцаца хиси хутӀула цо-цо жубараб аслу бугел рагӀабазулъ, жидер кӀиабилеб бутӀалъун -чи компонент бугел: захӀмат-чи — захӀмат-чагӀи, гӀолохъан-чи — гӀолохъ-аби;
- -би (аслуялъул вокализм хисула V > у): кӀветӀ — кӀутӀ-би, гӀанса — гӀунсби, квартӀа — куртӀ-би.
ГӀемерлъул форма лъугьунеб супплетивияб къагӀида бихьизабун буго чӀужу — руччаби параялда. Гьединго дандчӀвала цо-цо рагӀабазул гӀемерлъул форма лъугьунеб кӀи-кӀи къагӀидабиги: хабар — хар-бал/хабарал, кету — кут-ул/кат-ал, хоб — хобал/хабал/хабзал ва ц. Гьениб параллелияб формабазул цояблъун ккола ударение гьечӀеб суффикс -ал, жинца цо ккураб къадар бихьизабулеб, гьебго заманалда гьелъул корелляталъ бихьизабула къадар гьечӀеб букӀин: дагьалго рукъал — гӀемарал рукъзал[4]. Цо-цо нухалда плюралисалъул батӀи-батӀияб формация гьабиялдалъун лексикияб магӀна хисула. Жибго гӀемерлъул формаялъул категория гуребги, авар мацӀалда буго дистрибутивияб гӀемерлъи бихьизабиялъул къагӀидаги (цӀарул аслу такрарлъиялдалъун): рокъо-рокъоре, рахъ-рахъалде.
ХӀалаталъул категория
[хисизабизе | код хисизабизе]ГӀадатал
[хисизабизе | код хисизабизе]Авар мацӀалда кинабниги буго 24 хӀалат, гьезул ункъго ккола гӀадатаблъун, хутӀараб 20 — бакӀалъул. ГӀадатал хӀалатазде гъорлӀе уна аслияб, жиб цӀаралъул битӀараб аслулъун кколеб, актив, хаслъул ва кьовул хӀалатал, жал хъвалсараб аслуялдаса лӀугьунел.
ХӀалат | Суал | Суффиксал | хӀалтӀизабула |
---|---|---|---|
Аслияб хӀалат
(номинатив/абсолюютив) |
щив? щий? щиб? щал? |
| |
Актив хӀалат
(эргатив) |
лъица? сунца? | -с/-лъ/-ца |
|
Хаслъул хӀалат
(генетив) |
лъил? сундул? | -(у)л |
|
Кьовул хӀалат (датив) | лъие? сундуе? | -е |
|
БакӀалъулал
[хисизабизе | код хисизабизе]БакӀалъул хӀалатаз рихьизарула меслъиялъул, иналъул, багъариялъул ва цогидал магӀнаби. Рикьула хадусел тӀелазде:
- локатив яги чӀовул хӀалатал (суффикс -д) жидеца бугеб бакӀ бихьизабулел, цо хӀалалда сасиналъул, чӀеялъул магӀна бичӀизабулел;
- аллатив яги рачӀул хӀалатал (суффикс -е), жидеца кибехун букӀаниги рачӀин/ин бихьизабулел (букӀине бегьула -хун бутӀагун);
- аблатив яги ратӀалъул (суффикс -са), жидеца сундаса букӀаниги киса букӀаниги батӀалъун ин бихьизабулел;
- транслатив (суффикс -н), жинца сунда жанисаниги ин бичӀчӀизабулеб.
Локализациялъул суффиксазде балагьун, хӀалатазул щибаб тӀелги бикьула щу-щу сериязде:
ХӀалат | Серия/хӀалат | Суал | Суффиксал |
---|---|---|---|
Локатив | I/жинда хӀалат | лъида? сунда? | -да/--тӀа |
II/жиндихъ хӀалат | лъихъ? сундухъ? | -хъ | |
III/жиндилъ хӀалат | лъилъ? сундулъ? | -лӀ | |
IV/жиндикь хӀалат | лъикь? сундукь? | -кь | |
V/жаниб хӀалат | киб? | -в/-й/-б/-р | |
Аллатив | I/жинде хӀалат | лъиде? сунде? | -д-е |
II/жиндихъе хӀалат | лъихъе? сундухъе? | -хъ-е | |
III/жиндилъе хӀалат | лъилъе? сундулъе? | -лӀ-е | |
IV/жиндикье хӀалат | лъикье? сундукье? | -кь-е | |
V/жанибе хӀалат | кибе? | -в-е/-й-е/-б-е/-р-е | |
Аблатив | I/жиндаса хӀалат | лъидаса? сундаса? | -д-а-са |
II/жиндихъа хӀалат | лъихъа? сундухъа? | -хъ-а | |
III/жиндилъа хӀалат | лъилъа? сундулъа? | -лӀ-а | |
IV/жиндикьа хӀалат | лъикьа? сундукьа? | -кь-а | |
V/жаниса хӀалат | киса? | -са | |
Транслатив | I/жиндасан хӀалат | лъидасан? сундасан? | -д-а-сан |
II/жиндихъан хӀалат | лъихъан? сундухъан? | -хъ-ан | |
III/жиндилъан хӀалат | лъилъан? сундулъан? | -лӀ-ан | |
IV/жиндикьан хӀалат | лъикьан? сундукьа(н)? | -кь-ан | |
V/жанисан хӀалат | кисан? | -сан |
БакӀалъул хӀалтал сериязде балагьун, хӀалтӀизарула:
- I серия — щиб букӀаниги лъиде/сунде букӀнии данде ккун тӀадехун букӀин (локатив), тадехун ин/бачӀин (аллатив), тасӀа ин/бачӀин (аблатив), тӀасан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизабизе;
- III серия — щиб букӀаниги лъида/сунда букӀаниги гӀагарлъухъ букӀин (локатив), гӀагарлъухъе ин/бачӀин (аллатив), гӀагарлъухъа ин/бачӀин (аблатив), гӀагарлъухъан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизабизе;
- III серия — щиб букӀаниги лъида/сунда букӀаниги гъорлъ букӀин (локатив), гъорлъе ин/бачӀин (аллатив), гъорлъа ин/бачӀин (аблатив), гъорлъан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизбизе;
- IV серия — щиб букӀаниги лъида/сунда букӀаниги гъоркь букӀин (локатив), гъоркье ин/бачӀин (аллатив), гъоркьа ин/бачӀин (аблатив), гьоркьан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизабизе;
- V серия — щиб букӀаниги сунда букӀаниги жаниб букӀин (локатив), жинибе ин/бачӀин (аллатив), жаниса ин/бачӀин (аблатив), жанисан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизабизе;
Гьел хӀалатазул гьединго хӀалтӀизарула бакӀазул магӀнаялда гуребги, цогидаб магӀнаялдаги. Бищун гӀемер хӀалтӀизабулеб I сериялъул локатив:
- рекӀее асар лӀугьиналъул фигӀлабигун субъект бихьизабизе: васасда гьеб бичӀчӀана, дида кинабго жо кӀочон тана;
- адресатияб ва цогидал тӀадежубаял рихьизаризе: АбутӀалибица авар мацӀалда дие жиндирго цӀияб кечӀ цӀалана;
- физикияб асар гьабиялъул фигӀлабазул объект гьабизе: дос таманча речӀана долда;
- дандекквеялъул объект лӀугьинабизе: гьев вукӀана вацасдаса къуватав вуго.
ЦӀаралъул свери
[хисизабизе | код хисизабизе]Авар мацӀалъул цӀарал, жидер актив игӀрабалда букӀунеб ахиралде балагьун, рикьула лъабго свериялде; I свериялъул ахиралда букӀуна -с, II свериялъул — -лъ, III свериялъул — -ца.
тӀоцебесеб свериялда рекъон рачӀуна гӀемерисел чиясул жинсалъул гӀаммал цӀарал, чиясул жинсалъул жидер ахиралда жинсияб гӀаламат бугел хасал цӀарал (-ав ахиралда ругел авар хъизан-цӀаралги), гьединго -ов, -ев ахирал ругел фамилиялги[7], .
ИгӀраб | Цолъул форма | ||||
---|---|---|---|---|---|
Аслияб | чи | вац | Хириясулав | ГӀумаров | |
Актив | чи-яс | вац-ас | Хириясул-ас | ГӀумаров-ас | |
Хаслъул | чи-яс-ул | вац-ас-ул | Хириясул-ас-ул | ГӀумаров-ас-ул | |
Кьовул | чи-яс-е | вац-ас-е | Хириясул-ас-е | ГӀумаров-ас-е | |
ЧӀовул
(локатив) |
жинда игӀраб | чи-яс-да | вас-ас-да | Хириясул-ас-да | ГӀумаров-ас-да |
жиндихъ игӀраб | чи-яс-ухъ | вац-ас-ухъ | Хириясул-ас-ухъ | ГӀумаров-ас-ухъ | |
жиндилъ игӀраб | чи-яс-улъ | вац-ас-улъ | Хириясул-ас-улъ | ГӀумаров-ас-улъ | |
жиндикь игӀраб | чи-яс-укь | вац-ас-укь | Хириясул-ас-укь | ГӀумаров-ас-укь | |
жаниб игӀраб | — | — | — | — | |
РачӀул
(аллатив) |
жинде игӀраб | чи-яс-де | вац-ас-де | Хириясул-ас-де | ГӀумаров-ас-де |
жиндихъе игӀраб | чи-яс-ухъе | вац-ас-ухъе | Хириясул-ас-ухъе | ГӀумаров-ас-ухъе | |
жиндилъе игӀраб | чи-яс-улъе | вац-ас-улъе | Хириясул-ас-улъе | ГӀумаров-ас-улъе | |
жиндикье игӀраб | чи-яс-укье | вац-ас-укье | Хириясул-ас-укье | ГӀумаров-ас-укье | |
жанибе игӀраб | — | — | — | — | |
РатӀалъул
(аблатив/транслатив) |
жиндаса(н) игӀраб | чи-яс-даса(н) | вац-ас-даса(н) | Хириясул-ас-даса(н) | ГӀумаров-ас-даса(н) |
жиндихъа(н) игӀраб | чи-яс-ухъа(н) | вац-ас-ухъа(н) | Хириясул-ас-ухъа(н) | ГӀумаров-ас-ухъа(н) | |
жиндилъа(н) игӀраб | чи-яс-улъа(н) | вац-ас-улъа(н) | Хириясул-ас-улъа(н) | ГӀумаров-ас-улъа(н) | |
жиндикьа(н) игӀраб | чи-яс-укьа(н) | вац-ас-укьа(н) | Хириясул-ас-укьа(н) | ГӀумаров-ас-укьа(н) | |
жаниса(н) игӀраб | — | — | — | — |
кӀиабиле свериялда рекъон рачӀуна чӀужуялъул жинсалъул гӀаммал цӀарал ва цо-цо, жидер ахиралда жинсияб гӀаламат бугел, хасал цӀарал, гьоркъохъеб жинсалъул лъикӀаланго гӀаммал ва хасал цӀарал[7]. Аслияб игӀрабалда -ия, -ие абурал ахираздалъун лъугӀулел батӀиял мацӀаздаса рачӀарал цӀарал игӀрабазде сверулаго, ахирияб -я/-е гьаракь гьоркьоса тӀагӀуна, амма руго гьоркьосарахъиялги, мисалалъе, школа, аптека гӀадал рагӀаби
ИгӀраб | Цолъул форма | ||||
---|---|---|---|---|---|
чӀужуялъул жинс | гьоркьохъеб жинс | ||||
Аслияб | чӀужу | яц | рукъ | хӀули | |
Актив | чӀужу-ялъ | яц-алъ | рукъ-алъ | хӀули-ялъ | |
Хаслъул | чӀужу-ялъ-ул | яц-алъ-ул | рукъ-алъ-ул | хӀули-ялъ-ул | |
Кьовул | чӀужу-ялъ-е | яц-алъ-е | рукъ-алъ-е | хӀули-ялъ-е | |
ЧӀовул
(локатив) |
жинда игӀраб | чӀужу-ял-да | яц-ал-да | рукъ-ал-да | хӀули-ял-да |
жиндихъ игӀраб | чӀужу-ялъ-ухъ | яц-алъ-ухъ | рукъ-алъ-ухъ | хӀули-ялъ-ухъ | |
жиндилъ игӀраб | чӀужу-ялъ-улъ | яц-алъ-улъ | рукъ-алъ-улъ | хӀули-ялъ-улъ | |
жиндикь игӀраб | чӀужу-ялъ-укь | яц-алъ-укь | рукъ-алъ-укь | хӀули-ялъ-укь | |
жаниб игӀраб | — | — | рукъ-алъ-уб(в/й/р) | — | |
РачӀул
(аллатив) |
жинде игӀраб | чӀужу-ял-де | яц-ал-де | рукъ-ал-де | хӀули-ял-де |
жиндихъе игӀраб | чӀужу-ялъ-ухъе | яц-алъ-ухъе | рукъ-алъ-ухъе | хӀули-ялъ-ухъе | |
жиндилъе игӀраб | чӀужу-ялъ-улъе | яц-алъ-улъе | рукъ-алъ-улъе | хӀули-ялъ-улъе | |
жиндикье игӀраб | чӀужу-ялъ-укье | яц-алъ-укье | рукъ-алъ-укье | хӀули-ялъ-укье | |
жанибе игӀраб | — | — | рукъ-алъ-убе | — | |
РатӀалъул
(аблатив/транслатив) |
жиндаса(н) игӀраб | чӀужу-ял-даса(н) | яц-ал-даса(н) | рукъ-ал-даса(н) | хӀули-ял-даса(н) |
жиндихъа(н) игӀраб | чӀужу-ялъ-ухъа(н) | яц-алъ-ухъа(н) | рукъ-алъ-ухъа(н) | хӀули-ялъ-ухъа(н) | |
жиндилъа(н) игӀраб | чӀужу-ялъ-улъа(н) | яц-алъ-улъа(н) | рукъ-алъ-улъа(н) | хӀули-ялъ-улъа(н) | |
жиндикьа(н) игӀраб | чӀужу-ялъ-укьа(н) | яц-алъ-укьа(н) | рукъ-алъ-укьа(н) | хӀули-ялъ-укьа(н) | |
жаниса(н) игӀраб | — | — | рукъ-алъ-уса(н) | — |
Лъабабилеб свериялда рекъон сверула чиясул ва чӀужуялъул жинсалъулги хасал цӀарал, гьоркьохъеб жинсалъул гӀезагӀанго цӀарал. Лъабабилеб свериялда рекъон рачӀунел гьоркьохъеб жинсалъул рагӀабазул кьибилалъулъ лъугьуна флексия: ракӀ — рекӀе-ца, цо-цо рагӀабазул актив игӀрабалда -д бачӀине бегьула, гӀурус мацӀалдаса рачӀарал рагӀабазул ахиралдаса тамахаб ишара тӀагӀуна[7].
ИгӀраб | Цолъул форма | ГӀемерлъул форма | |||
---|---|---|---|---|---|
чиясул жинс | чӀужуялъул жинс | гьоркьохъеб жинс | |||
Аслияб | МухӀамадкамил | ПатӀимат | ракӀ | рахь | |
Актив | МухӀамадкамили-ца | ПатӀимати-ца | рекӀе-ца | рахьда-ца | |
Хаслъул | МухӀамадкамили-л | ПатӀимати-л | рекӀе-л | рахьда-л | |
Кьовул | МухӀамадкамили-е | ПатӀимати-е | рекӀе-е | рахьда-е | |
ЧӀовул
(локатив) |
жинда игӀраб | МухӀамадкамили-да | ПатӀимати-да | рекӀе-да | рахьда-да |
жиндихъ игӀраб | МухӀамадкамили-хъ | ПатӀимати-хъ | рекӀе-хъ | рахьда-хъ | |
жиндилъ игӀраб | МухӀамадкамили-лъ | ПатӀимати-лъ | рекӀе-лъ | рахьда-лъ | |
жиндикь игӀраб | МухӀамадкамили-кь | ПатӀимати-кь | рекӀе-кь | рахьда-кь | |
жаниб игӀраб | — | — | — | — | |
РачӀул
(аллатив) |
жинде игӀраб | МухӀамадкамили-де | ПатӀимати-де | рекӀе-де | рахьда-де |
жиндихъе игӀраб | МухӀамадкамили-хъе | ПатӀимати-хъе | рекӀе-хъе | рахьда-хъе | |
жиндилъе игӀраб | МухӀамадкамили-лъе | ПатӀимати-лъе | рекӀе-лъе | рахьда-лъе | |
жиндикье игӀраб | МухӀамадкамили-кье | ПатӀимати-кье | рекӀе-кье | рахьда-кье | |
жанибе игӀраб | — | — | — | — | |
РатӀалъул
(аблатив/транслатив) |
жиндаса(н) игӀраб | МухӀамадкамили-даса(н) | ПатӀимати-даса(н) | рекӀе-даса(н) | рахьда-даса(н) |
жиндихъа(н) игӀраб | МухӀамадкамили-хъа(н) | ПатӀимати-хъа(н) | рекӀе-хъа(н) | рахьда-хъа(н) | |
жиндилъа(н) игӀраб | МухӀамадкамили-лъа(н) | ПатӀимати-лъа(н) | рекӀе-лъа(н) | рахьда-лъа(н) | |
жиндикьа(н) игӀраб | МухӀамадкамили-кьа(н) | ПатӀимати-кьа(н) | рекӀе-кьа(н) | рахьда-кьа(н) | |
жаниса(н) игӀраб | — | — | — | — |
ГӀемерлъул формаялда ругел цӀарал игӀрабазде свери.
ИгӀраб | ГӀемерлъул форма форма | ||||
---|---|---|---|---|---|
I свери
ч. ж. |
II свери
чӀ. ж. |
II свери
гь. ж. |
III свери
гь. ж. | ||
Аслияб | вацал | яцал | рукъзал | ракӀал | |
Актив | вац-аз | яц-аз | рукъзаб-аз | ракӀ-аз | |
Хаслъул | вац-аз-ул | яц-аз-ул | рукъзаб-аз-ул | ракӀ-аз-ул | |
Кьовул | вац-аз-е | яц-аз-е | рукъзаб-аз-е | ракӀ-аз-е | |
ЧӀовул
(локатив) |
жинда игӀраб | вас-аз-да | яц-аз-да | рукъзаб-аз-да | ракӀ-аз-да |
жиндихъ игӀраб | вац-аз-ухъ | яц-аз-ухъ | рукъзаб-аз-ухъ | ракӀ-аз-ухъ | |
жиндилъ игӀраб | вац-аз-улъ | яц-аз-улъ | рукъзаб-аз-улъ | ракӀ-аз-улъ | |
жиндикь игӀраб | вац-аз-укь | яц-аз-укь | рукъзаб-аз-укь | ракӀ-аз-укь | |
жаниб игӀраб | — | — | — | — | |
РачӀул
(аллатив) |
жинде игӀраб | вац-аз-де | яц-аз-де | рукъзаб-аз-де | ракӀ-аз-де |
жиндихъе игӀраб | вац-аз-ухъе | яц-аз-ухъе | рукъзаб-аз-ухъе | ракӀ-аз-ухъе | |
жиндилъе игӀраб | вац-аз-улъе | яц-аз-улъе | рукъзаб-аз-улъе | ракӀ-азс-улъе | |
жиндикье игӀраб | вац-аз-укье | яц-аз-укье | рукъзаб-аз-укье | ракӀ-аз-укье | |
жанибе игӀраб | — | — | — | — | |
РатӀалъул
(аблатив/транслатив) |
жиндаса(н) игӀраб | вац-аз-даса(н) | яц-аз-даса(н) | рукъзаб-аз-даса(н) | ракӀ-аз-даса(н) |
жиндихъа(н) игӀраб | вац-аз-ухъа(н) | яц-аз-ухъа(н) | рукъзаб-аз-ухъа(н) | ракӀ-аз-ухъа(н) | |
жиндилъа(н) игӀраб | вац-аз-улъа(н) | яц-аз-улъа(н) | рукъзаб-аз-улъа(н) | ракӀ-аз-улъа(н) | |
жиндикьа(н) игӀраб | вац-аз-укьа(н) | яц-аз-укьа(н) | рукъзаб-аз-укьа(н) | ракӀ-аз-укьа(н) | |
жаниса(н) игӀраб | — | — | — | — |
- ^ Oxford 2020, гь. 248.
- ^ арский язык. Морфология, категория числа. Атаев, Алексеевв
- ^ Атаевасул ва Алексеевасул Авар мацӀалда гьединго рехсон буго гьаб аффикс продуктивияб букӀиналъ, гьалъ ахиралда -а бугел рагӀабазулги лъугьинарулин гӀемерлъул форма абун: маргьа — маргьаби, къункъра — къунр-аби, ракета — ракет-аби
- ^ Сулеманов. 1985
- ^ Конструкция буго номинатив-абсолютив, «бацӀги церги» — кӀиябго цӀар, субъектал (агенсал) — буго номинативалда, «давла» — объект (пациенс) буго абсолютивалда.
- ^ арский язык. Категория падежа. Атаев, Алексеевв
- ^ a b c Авар мацӀ. М.-С. СагӀидов