21 Май

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
май
Ит Тл Ар Хм Рз Щт Гь
    1 2 3 4 5
6 7 8 9 10 11 12
13 14 15 16 17 18 19
20 21 22 23 24 25 26
27 28 29 30 31    
2024 с.

21-абилеб Май — грегорианияб календаралда рекъон лъагIалил 141-абилеб къо (високоснияб соналъ — 142-абилеб). ЛъагIел сверизе хутIула 224 къо.

Байрамал[хисизабизе | код хисизабизе]

РакӀалде щвеялъул къоял[хисизабизе | код хисизабизе]

Лъугьа-бахъинал[хисизабизе | код хисизабизе]

  • 1091 — Русалда тӀоцебесеб хъвай-хъваялда бугеб бакъкквей.
  • 1499 — Эспаньолаялъул (гьединаб цӀар кьуна Христофор Колумбица жинцаго рагьараб Гаити чӀинкӀиллъиялъе) рагӀа-ракьан гьечӀел ихтияралгун бетӀерлъун адмираласул бакӀалда Франсиско Бовадилья (Francisco de Bobadilla) тана.
  • 1502 — Португалиязда тӀад хӀалтӀулев вугев, Испаниялъул мореплаватель Жуан да Новаца (João da Nova Castella) рагьана Африкаялдаса 1950 километраялъ бакътӀерхьудехун чӀун бугеб «Святая Елена» чӀинкӀиллъи. ЧӀинкӀиллъиялъ ккун буго 122 га ракьалъул.
  • 1541 — Северияб Америкаялъул бищун кӀудияб гӀор Миссисипиялде аскӀоре щварал европейцаллъун ккола Эрнандо Де Сотоясул (Hernando de Soto) бетӀерлъиялда гъоркь рукӀарал испаниял.
  • 1635 — Франция лъугьана Лъебергосонилаб рагъулъе (1618—1648 сс.)
  • 1712 — Пётр Iас Россиялъул тахшагьар Москваялдаса Петербургалде бахъана.
  • 1804 — Парижалда рагьана Пер-Лашез халбал.
  • 1840 — Новая Зеландия лъугьана Британиялъул колониялъун.
  • 1842 — Гоголил «Мёртвые душиялъул» тӀоцебесеб тӀехь къватӀибе биччана.
  • 1851 — Австралиялда батана тӀоцебесеб месед.
  • 1859 — Лондоналда Биг Бен сагӀат хӀалтӀизе биччана.
  • 1861 — Югалъулаб Каролинаялъ СШАялдаса батӀалъизе хӀукму гьабуна.
  • 1864 — Москваялда рагьана Россиялда тӀоцебесеб зоологикияб сад.
  • 1881 — Америкаялъул Красный Кресталъе кьуч лъуна.
  • 1892 — Киевалда биччана Россиялда тӀоцебесеб электрикияб трамвай.
  • 1900 — Россиялъ аннексировать гьабуна Манчжурия.
  • 1904 — Парижалда гуцӀцӀана ФИФА — футболалъул международнияб федерация.
  • 1916 — Великобританиялда, дунялалда тӀоцебесеб нухалъ хӀалтӀизабуна роол заман.
  • 1918 — Киевалда батӀи-батӀиял партиябазул вакилзабаз гӀуцӀцӀана Украинаялъул миллиябгун-пачалихъияб союз.
  • 1921 — Украинаялда гӀуцӀцӀана Г. Петровскиясул бетӀерлъиялда гъоркь лъайгьечӀолъи тӀагӀинабиялъул комиссия.
  • 1921 — РСФСРалдаги Грузиялъул ССРалдаги гьоркьоб хъвана союзалъулаб договор.
  • 1930 — Москваялда Югославиялъул коммунистазул партиялъул бутӀрул жанир тӀамуна.
  • 1930 — Москваялъулги Ленинградалъулги гӀадамаз карточкабаздалъун босулаан: хӀалтӀухъаби — 800 грамм чадил, 200 грамм гьанал (щибаб къоил), 3 килограмм крупаялъул, 600 грамм нахул, 1,5 килограмм чакаралъул, 10 хоно, 800 грамм селедкаялъул (щибаб моцӀалъ). Хъулухъчаги — 400 грамм чадил, 100 грамм гьанал (щибаб къоил), 1,5 килограмм крупаялъул, 300 грамм нахул, 1,5 килограмм чакаралъул, 10 хоно, 500 грамм селедкаялъул (щибаб моцӀалъ). Лъималазе чед, гьан, селедка ва крупа бихьизабун букӀинчӀо, гӀицӀго 400 грамм нахулги, 0,5 килограмм чакаралъулги ва 20 хоно щибаб моцӀалъ.
  • 1991 — Алла Пугачева яхъана кӀудияй эбеллъун. Лондоналда Кристина Орбакайтеца гьавуна вас Никита.

Гьаруна[хисизабизе | код хисизабизе]

Хвана[хисизабизе | код хисизабизе]

Ишараби[хисизабизе | код хисизабизе]


тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.