Халип:Портал:Россия/Байбихьи

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Россия (гІур. [Россия] Error: {{Lang}}: text has italic markup (help) яги Российская Федерация) ккола Европалъул машрикъалда ва Азиялъул шамалда бугеб хӀукумат. Гьеб ккола дунялалдаго бищун кIудияб хIукумат (17 098 200 км² - дунялалъул кинабго ракьалъул 11,46%). 2010 Россиялъул гIадамазул къадар рикIкIуна 141 914 509 чиясда бащадаблъун ва гьеб къадаралъул рахъалъ киналго хIукуматазда гьоркьоб ккола 9-леб бакI.

Россиялда пачалихъияб мацI ккола гIурус мацI. Россиялъул тахшагьар буго Москва. Россиялда 11 шагьар буго жидер гIадамазул къадар 1 миллионалдасаги цIикIкIараб: Маскав, Санкт—Петербург, Новосибирск, Екатеринбург, Нижний Новгород, Хъазан, Самара, Омск, Челябинск, Доналда Ростов, Уфа.

Россиялъул гӀорхъаби руго 20 хIукуматалъулгун (дунялалда бищун гIемераб къадар), гьезул - ракьалдасан 16-ялъул: Норвегия, Финляндия, Эстония, Латвия, Литва, Полония, Белорусия, Украина, Абхазия, ЦIор, Джанубиялъул Осетия, Азарбижан, Хъазахъистан, Син, Монголия, Шималияб Корея; ралъдалъан – Даниялъулгун, Канадаялъулгун, Япониялъулгун ва АЦШялъулгун. 1991 Советияб Союз биххун хадусан Россиялъ ккуна ДМОалъул Совет Безопасностиялда гьелъул бакӀ.


АхӀула киналго Россиялъул хӀакъалъулъ макъалаби хъвазе.