Халип:Гьанжесеб тӀасбищараб макъала

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул имам
Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул имам

Имам Шамил нилъеда лъала Кавказалда, ва батIи-батIиял хасго бусурбабазул улкабазда цIар рагIарав, рагъул ва пачалихъалъул бажари бугев, гIакъилав бетIер ва сиясатчи вукIин.

Амма киназдаго лъалеб гуро гьесул умумул шал ва киса рукIаралали, хъванги гьечIо. ГьоцIдерица бицуна Гьидалъа биде вахъун жодохъе вачIанила Денгав абурав чи, гьев вукъунги гьенивго вуго, Денгал нохъойилан абулеб бакIги буго. Денгал вас МухIамад гьенив гьавурав, гIурав, ГьоцIалъа ккана ГIашилтIа (Унсоколо мухъалъул) росулъе. Гьениб гьес гьабула хъизан. Лъадилъун йачула гьебго росулъа Бахту-меседу абурай лъикIаб тухумалъул яс. ГIашилтIаса гьел уна Генуре. Генуб гьавула гьезие вас ГIали. Гьев ГIали унтарав загIипав вас вукIун вуго, гьесда цIар хисула Шамил абун. Гьеб мехалъ гьев вас Шамил гIунила сахав, зурбаяв гIолохъанчи. Гьев вуго вукIинесев Дагъистаналъулги, Кавказалъулго, дунялалдаго, хасго бусурбан хIукумтазда ва Россиялда цIар рагIарав пачаликъалъул бетIер, дунялалда цIар рагIарав бодул бетӏер. Гьев Гьидалъа умумузул вукIин баян гьабула гьесул эбелалъул гIагарав чи (вацгIал) ГIашилтIаса Шагьав Шамилица Гьидалъе хъвараб ва цойгидалги кагътаз.

Выше — статья, отображаемая в блоке «ТӀасбищараб макъала» на заглавной странице. Ниже — четыре предыдущих статьи, отображаемых на странице Википедия:ТӀасрищарал макъалаби. При обновлении шаблона нужно заменить каждый блок предыдущим и обновить верхний.