Перейти к содержанию

СагӀуд ибн ГӀабдул ГӀазиз Ал СагӀуд

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Халип:Пачалихъалъул хӀалтӀухъан

СагӀуд ибн ГӀабдул ГӀазиз Ал СагӀуд (гӀараб: سعود بن عبد العزيز آل سعود‏, 15 январь 1902 — 23 февраль 1969) — СагӀудиязул ГӀарабиялъул хан 1953—1964 сс.

Ханзабазул хъизан гӀуцӀарав ГӀабдул ГӀазиз Ал СагӀудил кӀиабилев вас. Жиндирго вац Фейсалицаго гӀадин, СагӀудица кӀвар бугеб асар гьабуна ханлъи бахъун чӀеялъе. СагӀудиязул ГӀарабия гӀуцӀун заман иналдего СагӀуд тӀамун вукӀана валигӀагьдлъун. ГӀабдул ГӀазиз хун хадуб ханлъун вачӀана СагӀуд. СагӀудица гӀуцӀана гӀемерал министерлъиял ва цогидал хӀукмуялъул институтал, ва гьезул бетӀеразда лъуна жиндирго лъимал . Гьеб жоялда ццим бахъана СагӀудил вацазул, ва 1964 соналъ гьев хисана, гӀалимзабаз гьабураб инкъилабалъул хӀасилалда. Гьесда тӀад гьабуна ханлъиялъул жавабчилъи жиндирго эбел-эмен цадахъав вац Фейсалихъе кьез. Гьелдаса хадуб гьес гьижра гьабуна Женевалде, ва гьенисан — Грециялде, гьенибин абуни рохалилаб гӀумру тӀамуна ва хвана 1969 соналда.


Халип:СагІудиязул ГІарабиялъул ханзабазул хъизан