Рутулал
Куц-мухъ

1-жубараб, 2-МагӀарулал, 3-Даргиял, 4-Куралал, 5-Тумал, 6-Табасаранал, 7-Агъулал, 8-Газалал, 9-Хъалтагъал, 10-ЛъарагӀал, 11-Нугъаял, 12-Падарал, 13-ГӀурусал
Газалал ялъуни Рутулал , ай гьанже гӀурус мацӀалъ асар гьабун цо-цояз рутулалин абулеб миллат. Аваразулгун кидаго лъикӀал бухьенал рукӀарана газалазул. Газалаз аслияб къагӀидаялъ гӀумру гьабулеб буго Дагъистан жумхӀурияталъул Газал (Рутул) районалда. Гьенир гьезул къадар бащдалдаса цӀикӀун (60%), ай 11 азарго чи вуго. Жеги Ахтиб районалда цо Хинав абураб росуги буго. Азарбижаналъул Нуха (Шеки) районалда анцӀгогӀанасеб росулъги тӀиритӀун руго. Къадар Нуха районалда газалазул 12-13 азаргоялде бахунин чӀван-къотӀун абизе кӀола. НекӀо аваразул КахӀиб районалда газалазул жеги цо росу (Хирсаб) буго.
| Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо. Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай. |