Перейти к содержанию

КӀахети

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

КӀахет (гуржи: კახეთი [kʼɑxɛtʰi]) — Гуржистаналъул бакъбаккуда бугеб икълим (мхаре), жибги 1990-л соназ КӀахеталъул тарихияб вилаяталдаса ва гьитӀинаб мугӀрузул вилаят Тушетиялдаса гӀуцӀараб. Гьелъул тахшагьарлъун буго Телави. Икълималъ гъорлӀе бачуна микьго административияб муниципалитет: Телави, Гурджаани, Къурели, Сагареджо, ДедоплисцӀкъаро, Сигънагъи, Лагадухъ ва ХӀамитӀа. КӀахеталъул гӀурхъи буго Россиялъул Федерациялъул хьунда Чачангун, хьундагин бакъбаккуда Дагъистангун (тарихияб Аваристан), бакъдагин бакъбаккуда Азарбижангун, ва гьединго Мцхета-Мтианетигун ва Квемо Картлигун бакътӀерхьуда. КӀахеталъул буго цӀикӀкӀараб лингвистикиябги маданиябги идентитлъи: гьелъул этнографияб гъоркькъокъа — кӀахетиял — кӀалъала гуржи мацӀалъул кӀахетиязулаб сверелалда.

Давид Гареджил монастерияб комплексалъул бутӀа буго гьеб икълималда ва ккола гуржи ва къажар хӀукуматазда гьоркьоб гӀурхъадулаб дагӀбадул субъектлъун.[1] КӀахетиялъул машгьурал туризмалъул бакӀазде гъорлӀе ккола Тушети, Греми, Сигънагъи, КӀветӀера, Бодбе, Лагадухъ цӀунарал районал ва Алверди монастер. КӀахетиялъул чӀагӀдал регион буго Гуржиялда чӀагӀдал продукция цебе бачунжолъун. Регионалъ чӀагӀа бахъула Телави ва Къурели микро-регионазда.

Гьанжесеб административияб къагӀидаялъ мухъазде гуребги, КӀахет традиционалго бикьула ункъго бутӀаялде: Жанисеб КӀахети (შიდა კახეთი, Шида Кахети) Цив-Гомбори баладаса бакъбаккудехун Алазан гӀоралъул кваранаб рагӀал ккун эхебе; КъватӀисеб КӀахети (გარე კახეთი, Гаре Кахети) — Къарби гӀоралъул хӀавузалъул бакьулӀбакӀккун эхебе; Кизикъи (ქიზიყი) — Алазаналдаги Къарби гӀоралдаги гьоркьоб, Гагъма (გაღმა მხარი, Гагъма Мхари) Алазаналъул квегӀаб рагӀалда. Гьенибго гъорлӀе ккола гьоркьобгӀасрулъиялъул Гьерети икълималъул бутӀаги.

КӀахеталъул кӀудияб бутӀаялда климат буго субтропикияб. Алазаналъул расалъиялъул климат релълъараб буго Италиял Альпазул аххакь букӀунелда. Январалъул гьоркьохъеб температура гьениб букӀуна гӀ.-ш. 1 °С, июлалда — 23-24 °С. ГӀазу-цӀадалъул къадар дагьлъула шиалиябгин бакътӀерхьудаса жанубиябгин бакъваккуде, ХӀамитӀа сверухълъиялда лъагӀалил къадар 900-ялдаса цӀикӀкӀун мм, Гремиялда — 700 мм, Гурджааниса бакъбаккудехун — 600-са дагь мм. Алазаналъул расалъи ва Гомбор балалъул шималиял парсал руго цӀибил гӀезабиялъе рекъарал бакӀал — гьенибин бугеб Гуржистаналъуо аслияб чӀагӀа бахъулеб центр. Къарби тӀалъиялда буго бакъвараб авлахъул климат, рекъахъе квачараб хаселгун ва багӀарараб риигун. Июлалъул гьоркьохъел температураби гӀ.-ш. 25 °С, январалъул — гӀ.-ш. 0 °С. Ширак авлахъалда ва Къарби тӀалъиялъул жаниблъиязда хасел букӀуна дагьабги квачараб — январалъул гьоркьохъеб температура гӀ.-ш. −3 °С, гӀазу-цӀадалъул къадар 500-са дагь мм лъагӀалида жаниб. КӀахетиялъул жанубиябгин бакътӀерхьул рагӀалда, Давид Гареджил монастералда аскӀоса гӀебеде климат буго бащдасалулавлахъулаб 400-са дагь мм гӀазу-цӀадалъул къадаргун. Къарби тӀалъи буго Гуржистаналъул тӀорщалил нахъарукълъун. ТӀалъиялъул гӀатӀидаб бакӀ хӀалтӀизабула хасалил мегӀер-гӀалах гӀадин.

Гьанжесев КӀахети вилаят буго лъабго тарихияб гуржи вилаяталъул (КӀахети, Кухети ва Гардабани) территориялда. «Картлс Цховреба» тариххъваялда рекъон, киналниги гуржиязул этнарха Картлосил букӀун буго щуго лъимер, гьезда гьоркьор КӀахет, Кухет и Гардабан.

Н. щ. III гӀасруялда Фарнаваз пачаяс кьучӀ лъураб микьго эриставлъиялда гьоркьоб букӀана КӀахетиялъул эриставлъиги. Цолъараб эриставлъиялъул тахшагьарлъун лӀугьана хъала Уджарма, Аспагур пачаяс жиндие кьучӀ лъураб. Цебесеб гьоркьобгӀасрулъиялда КӀахеталъул марказ бахъана Къарбиялъул расалъиялде жанибегӀан шималияб рахъалде, цин Герми шагьаралде, хадуб Телавуралде. КӀахети бачана цолъараб Гуржи пачалихъалде гъорлӀе XI гӀасруялъул байбихьуда, амма анцӀсонида жаниб гьеб батӀалъана. XII гӀсруялда гуржиязул пача Давидица (гӀ.-ш.1089-1125 КӀахети тӀубан гъорлӀе бачана Гуржи пачалъиялде.

1460-л соназ Цолъараб Гуржи пачалихъ биххун хадуб КӀахети лӀугьана цияда бачӀеб пачалъилъун. XVI гӀасруялдаса байбихьун XIX гӀасруялъул байбихьуде щвезегӀан КӀахетиги гьелда мадугьалихъаб Картлиги зама-заманалда букӀана Ираналъул кверщаликь. 1616 соналъ шагь ГӀаббасица КӀахеталъул этникиял гуржиязул нус-нус азар чи депортинавуна Ираналде ва щущахъ бана икълим I Теймуразиде данде гьабураб кампаниялда.

1762 соналъ ГьерекӀлил заманалда КӀахетиялъул пачалъи цолъизабуна Картлигун. Гергияб трактаталдаса ва Туплис Агъа МухӀамад-ханас талавур гьабин хадуб Картли-КӀахети пачалъи ккана Россиялъул империялъул кверщаликье; КӀахетиялда ва хутӀараб Гуржистаналда тӀад Россиялъул сюзиренитет рикӀкӀана Къажар Ираналъ1813 соналъ хъвараб Гулистаналъул къотӀи-къаялда.[2]

1918—1921 соназда КӀахети букӀана чиядабачӀеб Гуржистаналъул Демократияб Жумгьурияталда гъорлӀ, 1922—1936 соназ Нахъакавказалъул ССР-алда, 1936—1991 соназ Гуржи ССР-алда гъорлӀ. 1991 соналъ Гуржистаналъе чиядабачӀолъи щваралдаса нахъе КӀахети буго Гуржистаналъул Жумгьурияталъул икълимлъун.

Административияб рикьи

[хисизабизе | код хисизабизе]
Вилаяталъул муниципалитетатал: 1 ХӀамитӀа муниципалитет, 5 Гурджаани муниципалитет, 8 ДедоплисцӀкъаро муниципалитет, 3 Къурели муниципалитет, 4 Лагадухъ муниципалитет, 6 Сагареджо муниципалитет, 7 Сигънагъи муниципалитет, 2 Телави муниципалитет.

КӀахети икълималда тӀураязул хӀакимлъиялъул бетӀерлъун ккола Гуржистаналъул Президентасул Пачалихъияв Вакил. Гьесул функциял руго икълималда къанун билӀинаби щулалъиялъул координация, сурсатазул мобилизация, икълималъул кинабниги территориялда жамгӀиял программаби гӀуцӀи ва рилӀинари, инсанасул ихтиярал цӀуни ва ц.

Административияб рахъалъ вилаят гӀуцӀун буго микьго муниципалитеталдаса (2006 соналде щвезегӀан рукӀана  мухъал). 2016—2017 соназ Телави шагьар бащад гьабуна муниципалитеталде.

Муниципалитет ГӀатӀилъи,

км²

Халкъ

2002[3], чи

Халкъ

2014[4], чи

Халкъ

2018[5], чи

Марказ
ХӀамитӀа 2207 41 641 31 461 30 193 ХӀамитӀа ш.
Гурджани 846 72 618 54 337 53 104 Гурджаани ш.
ДедоплисцӀкъаро 2529 30 811 21 221 21 069 ДедоплисцӀкъаро ш.
Къурели 1001 37 658 29 827 30 275 Къурели ш.
Лагадухъ 890 51 066 41 678 41 402 Лагодухъ ш.
Сагареджо 1491 59 212 51 761 52 251 Сагареджо ш.
Сигънагъи 1252 43 587 29 948 29 724 Сигънагъи ш.
Телави[6] 1095 70 589 58 350 56 663 Телави ш.
вилаят, киналниги 11 310 407 182 318 583 314 681 Телави

Шагьарал:

Картаялъул легенда:

Административияб марказ, 20 100 чи.
10 000-15 000 чи
5000-10 000 чи.
2000- 5000 чи.
1000-2000 чи.
Гуржистан КӀахети: жеги гьечӀо позиционияб карта.
  1. ↑ Michael Mainville. Ancient monastery starts modern-day feud in Caucasus, Middle East Times (3 май 2007).
  2. ↑ Timothy C. Dowling Russia at War: From the Mongol Conquest to Afghanistan, Chechnya, and Beyond p 728 ABC-CLIO, 2 dec. 2014 ISBN 1598849484
  3. ↑ Цитация мекъи: Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб этн -лъе текст бихьизабун гьечІо
  4. ↑ "Гуржистаналъул халкъалъул къадар хъваялъул хІасилал, 2014 сон (2014 General Population Census Main Results General Information)" (PDF) (мацӀ: английский). Национальная статистическая служба Грузии. Архивация оригинал (PDF), 2016-08-08. Щвей 2016-04-28. {{cite web}}: External link in |subtitle= (help); Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help); Unknown parameter |subtitle= ignored (help)
  5. ↑ Цитация мекъи: Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб оценка -лъе текст бихьизабун гьечІо
  6. ↑ Телави шагьаргун

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]