Телави
Телави
თელავი | |||||
---|---|---|---|---|---|
Шагьар | |||||
| |||||
Координатал: 41°55′0″N 45°29′0″E / 41.91667°N 45.48333°E | |||||
Пачалихъ | ![]() | ||||
Мхаре | КӀахети | ||||
Муниципалитет | Телави муниципалитет | ||||
Борхалъи | 490 m (1610 ft) | ||||
Популация (2024)[1] | |||||
• ТӀолаб | 19 737 | ||||
Мехалъул зона | UTC+4 (Georgian Time) | ||||
Ареалаб код | (+995) 350 | ||||
Вебсайт | telavi.gov.ge/en |
Телави, Телавур[2] (თელავი [tʰeɫaβi]) буго Гуржиялъул КӀахети регионалъул аслияб шагьар ва административияб центер, жибги Алазаналъул расалъуда бугеб. Гьелъул халкъалъул къадар бахуна гӀага-шагарго 19 629 чиясде (2014 соналде бугеб хӀалалда рекъон).[3] Шагьар буго Цив-Гомбори балал аххакь, ралъдал гьумералдаса 500–800 метралъул борхалъуда.
Тарих
[хисизабизе | код хисизабизе]Телавиялда тӀоцересел археологиял рателазе дата гьабула резил гӀасруялдалъун. Телвиялъул цӀунун хутӀарал бищун цересел сипат-суратазул цояб буго II гӀасруялда греказул географчи Клавдий Птлолемеяс хъвараб: гьениб рехсолеб буго Теледа абураб цӀар (Телавиялде регӀел). XVIII гӀасруялда Телави байбихьана лӀугьине кӀвар бугеб ва кӀудияб политикияб ва административияб центрлъун. Телавиялъул хӀакъалъулӀ интерес бугеб информация буго X гӀасруялъул гӀараб географчи Аль-Мукъаддасил хъвай-хъвагӀаязда; гьес Телави рехсон буго гьеб заманалъул Кавказалъул Туплис, Шамхор, Ганжа, Шамах ва Ширван гӀадал кӀвар бугел шагьаразда цадахъ. Халкъалъул бицунаго, Аль-Мукъаддасица баян гьабун буго, гьеб аслияб къагӀидаялъ насранияб дин ккураб букӀанин абун.

X–XII гӀасрабазда Телави букӀана цин КӀахетиялъул пачалъиялъул, хадуб КӀахети-Гьерети пачалъиялъул тахшагьарлъун. Гуржи пачалихъалъул Меседил гӀасру–йилан абулеб заманалда (XII–XIII гӀасраби) Телави лӀугьана Гуржи пачалихъалъул бищун кӀвар бугел сиясиял ва экономикиял марказазул цояблъун. XV гӀасруялда цолъараб Гуржи пачалихъ биххидал, Телавиялъул роль гӀодобе ккезе байбихьана ва ахиралда гьеб лӀугьана даран-базаралъул ва устарлъиялъулаб гӀадатаб шагьарлъун. Телавиялъе цӀидасанги сиясияб кӀвар щвана XVII гӀасруялда гьеб КӀахетиялъул пачалъиялъул тахшагьарлъун лӀугьиндал. 1762 соналде гьеб лӀугьана цолъизабураб Бакъбаккул Гуржистаналъул Картли-КӀахети пачалъиялъул кӀиабилеб тахшагьарлъун (Туплисалдаса хадуб).
Россиялъул кверщаликь
[хисизабизе | код хисизабизе]
1801 соналъ, Россиялъул империялъ Картли-КӀахети кверщаликье босун хадуб, Телавиялъул букӀараб тахшагьаралъул статус тӀагӀана. XIX гӀасруялда шагьаралъе кьуна Тифлис губернатлъиялъул уездалъул марказалъул статус. Гьеб периодалъ шагьаралъул экономика гӀуцӀун букӀана индустриялъул гьитӀи-бикъинаб бутӀабаз (къехь белъин, чиниялъул продукция, чӀагӀа гьаби ва ц.), даран-базаралъ ва росдал магӀишаталъ. XIX гӀасруялъул ахиралда шагьаралъул халкъалъул къадар букӀана гӀ.-ш. 12 000 чи.[4]
География
[хисизабизе | код хисизабизе]
Телави буссараб буго Цив-Гомбори баладе жанубиябги жанубиябгин бакътӀехьул рахъалъ, шималияб ва шималиябги бакъбаккул рахъалъ гӀурхъилъула Алазаналъул расалъигун.
Алазаналъул расалъиялдаса шималияб рахъалда бугеб КӀудияб Кавказалъул бал бихьула кинабго Телавиялдаса гӀадин.
Гьанжесеб заманалъ Телавиялъул бухьен буго Туплисгун кӀиго автомобилияб нухалдалъун. Бищун лъикӀаб нух буго КӀахетиялъул росдалаб рахъалдасан, ва гьелъул халалъи буго 156 км, гьелдаса къокъаб буго Гомбори баладасан бугеб нух. Гьелъул халалъи буго 96 км, амма хӀалтӀизабиялъе гьеб буго санагӀалъи гьечӀеб ва чӀедераб, 2014 соналдаса унеб буго гьеб нухалъул реставрация.
Жиндир берцинлъиялъухъги, тарихиял гӀарасазухъги, гьоболлъиялъухъги Телави буго Гуржистаналда машгьураб туристикияб бакӀлъун .
Сиясат
[хисизабизе | код хисизабизе]
Телавиялъул муниципалияб мажлис (гуржи: თელავის საკრებულო) буго Телавиялда вакилаб идаралъун, жакъасеб къоялъ гьенив гъорлӀ вуго 33 чи. Мажлис регулярго данделъула кодексалда хис-басалъул, коммуналиял, шагьаралъул бюджеталъу, шагьаралъул хӀукуматалда хадуб халкквеялъул гӀадинал суалал тӀураялъе. Телавиялъул мажлисалде рищиял гьарула ункъго соналдаса ункъго соналде. Ахирисел рищиял рукӀана 2017 соналъул октобералда. [5]
Партия | БакӀал | Гьанжесеб Муниципалияб мажлис | |||||||||||||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
Гуржи анищ | 24 | ||||||||||||||||||||||||||||
ЦМХӀ | 5 | ||||||||||||||||||||||||||||
Европаялъулаб Гуржистан | 2 | ||||||||||||||||||||||||||||
Гуржистаналъе | 1 | ||||||||||||||||||||||||||||
Патриотазул Альянс | 1 |
Машгьурал гӀадамал
[хисизабизе | код хисизабизе]Шагьаралда гьаруна
[хисизабизе | код хисизабизе]- Асатиани, Шалвил Кахи (1947–2002) — совет ва гуржи футболист, тренер.
- Малян, Суренил Генрих (1925–1988) — режиссёр, СССР-алъул халкъияв артист (1982).
- Чикваная, Петрил Гиви (1939–2018) — совет ватерполист ва тренер, Олимпиял хӀаязул кӀицӀулав гӀарцулав призёр.
Шагьаралда рукъана
[хисизабизе | код хисизабизе]- Телавиялда вукъун вуго Виссарион Джугашвили — Иосиф Сталинил эмен.
Маданияталда рехсей
[хисизабизе | код хисизабизе]Галерея
[хисизабизе | код хисизабизе]Ралагье гьединго
[хисизабизе | код хисизабизе]Референсал
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ "Population by regions". National Statistics Office of Georgia. Щвей 28 април 2024.
- ^ Айтберов Т., ХIапизов Ш. А-37 // MагIарулалъ хъварал тарихиял асарал. МахIачхъала: АЛЕФ, 2016. – 300 гь.
- ^ "2014 General Population Census Main Results General Information" (PDF). geostat.ge. National Statistics Office of Georgia. Щвей 16 юл 2017.
- ^ "Телав" [Telav]. Энциклопедия Брокгауза и Ефрона (мацӀ: грузинский).
- ^ https://cesko.ge/res/docs/danOK47.pdf (хвараб регӀел)
- Rosen, Roger. Georgia: A Sovereign Country of the Caucasus. Odyssey Publications: king Kong, 1999. ISBN 962-217-748-4
КъватӀисел регӀелал
[хисизабизе | код хисизабизе]- WikiMiniAtlas гаджет хӀалтӀизабулел гьумера
- JsonConfig гӀатӀилъел хӀалтӀизабулел гьумерал
- CS1 грузинский-мацӀал иццал (ka)
- Википедия:ХӀалтӀуларел регӀелалгун гьумерал
- Гьумерs къокъаб хъвайгун
- Short description is different from Wikidata
- Pages using infobox settlement with bad settlement type
- Coordinates on Wikidata
- Макъалаби гуржи-мацӀаб текстгун
- Гьумерал гуржи ИФАгун
- Webarchive template wayback links
- Кахетиялъул шагьарал
- Тифлисалъул губерния