Перейти к содержанию

Бахш

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Бахш (парс بخش , произн. [baxš]) — район, Ираналъул администратиябгун-территорияб гӀуцӀи, шагьрестаналъул (область) цо бутӀа. Цо-цо мехалъ ингилис мацӀаллда бугеб адабияталда таржама гьабун хъвала графство (county) гӀадин.

Цогидал пачалихъазда ругел, масала АЦШялъул тауншипазда яги КӀудияб Британиялъул районазда (district) релъун ккола. Бахшазул бутӀрузда абула бахшдарин, ва гьел гьенир бетӀерлъи гьабизе Ираналъул жанисел амрабазул министерствоялъ тӀадкъала[1].

Бахшалда жанир уна шагьарал (парс شهر ) ва дегьестанал (муниципалитетал ва шагьриял округал). Бахшалъул цо шагьар тахшагьар хӀисабалда бищула.

Жиб-жиб шагьрестаналда (область) букӀула марказияб бахщ (парс بخش مرکزی , бахш-е Меркези), ва гьенибго тахшагьарги букӀула. Масала, Горган шагьар гьебго цӀар бугеб шагьрестаналда жаниб уна ва хадуб гьениб бугеб марказияб бахшалда жанибги.

Ираналъул жанисел амрабазул министерствоялъул расмиял данныязда рекъон 2012 соналъ Ираналда 999 бахш букӀун буго[2].

  1. "Государственный и Политический строй Ирана". Архивация оригинал, 2014-12-09. Щвей 2014-12-06. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help)
  2. Данные МВД ИРИ Архивация 2014-10-19 Wayback Machine