Перейти к содержанию

Бахтика, МухӀамад-нуцалил яс

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
гІага-шагарго 1767
Хунзахъ, Авар нуцаллъи
лъалеб гьечІо
?
?
магІарулай
МухІамад-нуцал IV
Баху
Ибрагьим Халил-хан
васал: Ханлар, АхІмадхан
яс: СултІанат

Бахтика, падар. Bikə ağa (гІага-шагарго 1762 с., Хунзахъ, Авар нуцаллъи — ?) йикІана IV МухІамад-нуцалил яс, жиндирго вац КІудияв ГІумаханица гъарабагъазул Ибрагьим-ханасе чІужулъун кьурай. Гьей ккола «Бахтикал кечІ» абураб машгьураб магІуялъул автор[⇨].

Бахтикал гьаюраб ва росасе араб къо-моцI мухIканго лъалеб гьечIо, гIага-шагарго чIезабун гурони. Гьелъул вац КIудияв ГIумахан гьелдаса ригьалъ кIудияв вукIана ва гьев гьавуна 1761-абилеб соналъ. 1767-абилеб соналъ МухIамад-нуцалил лъади, Бахтикал эбел Баху хвана. Бахтикаца жиндирго кIудияв вас гьавуна 1785 абилеб соналъ. Гьевги гьавуна жеги Бахтикал гIумруялъул 20 сонцин букIинчIеб мехалдда. Биценазда рекъон, Баху хун йиго Бахтика гьаюлаго, яги гьей гьаюн хадуй унтун. Гьелда рекъон Бахтика гьаюн йиго 1767 соналъ.

Гиничукьа ХIайдарбегица хъвалеб буго: «Бахуца МухIмаднуцалие гьаруна ункъго лъимал – цо васги, ункъго ясги. Цо ясалда цIар букIана ХъистIаман. Хадуй гьей росасе кьуна Жунгуталдаса ХIасанханил вас ГIалисултIанханасе. ХъистIаманица ГIалисултIанханасе гьавуна кIиго вас: ХIасанхан ва СултIанахIмадхан. МухIмаднуцалил кIиабилей ясалда цIар букIана Аймесей. Гьей кьун йикIана Гъазигъумекиса Шахмарданил вас МухIамадхание. Гьесие Аймесейица Арсланхан.

Лъабабилей ясалда цIар букIана Бахтика. 1784 соналъ, 17 сонил ригьалда кьун йиго Гъабагъалъул хан Ибрагьимханасе (1726-1806). КIикъогогIан соналъ кIудияв вукIун вуго гьев Бахткадаса. Гьеб цIех-рехалъ мекъиияблъун гьабулеб буго Б.Карапетянил «Бахтика 14 сонил ригьалда кьуна Ибрагьимханасе» абураб хъвай-хъвагIай.

Шушу ханаса росасе кьей

[хисизабизе | код хисизабизе]

Бахтика Ибрагьим-ханасе кьеялда разилъуларого йикIун йиго. ГIуммаханил вазир ГIалискандида кьунилан гIайиб гьабун буго. Живго Ибрагьим-ханги гьев чIарав бакI — Шушаги какун руго. Жиндирго хварал-чIваралги рехсон, гIайибал чIван жийго кьунилан.

П.Г. Бутковас хъвалеб буго, 1786 соналъул апрелалъул ахиралда КІудияв ГІумаханас ячанин Ибрагьим-ханасул чІужу, хадуб Дербендалъул ФатагІали ханас шушаханасул яс ячине.ГIумаханица Ибрагьимханасул яц ячун йикIинчIо, гьелъул гIаксалда дос ячана ГIумаханил яц Бахтика, гьеб жо къосун гъалатI гьабуна Бутковас. Амма Бахтикал кIудияв вас Ханлар 1785-абилеб соналъ гьавунин абураб хIужа битIараб батани гьаб пикруги мекъаблъун кколеб буго. Гьенив автор мекъи ккеялъе гIиллалъун ккун батизе рес буго ГIумаханил батIияб ригьин. Гьебго 1785-абилеб соналъ гьес асир гьаруна гуржиязул гиназ Евгена Абашатдзел ясал, гьездаса цояй Дарижа (Дареджан) ГIумаханица жиндиего чIужулъун ячана. Гьеб ишги ккана Гъарабагъалда, гьеб ригьин къосун батизе рес буго Бутковас, Ибрагьимханасул яц ячанин. Бертин букIун буго маялъул ахиралда, яги июналъул тIоцересел къояз. Хунзахъе цIияй бахIарайгун ГIумахан вуссуна 1786-абилеб соналъул 27-абилеб июналда. Бахтикал Ибрагьимханасулгун букIараб ригьнадаса гьавула кIиго вас — Ханлар ва АхIмадхан, яс Султанат. 1805-абилеб соналъул хъвай-хъвагIаязулъ Ханларил букIана 20 сон, АхIмадханил — 10 сон.

1791 соналъ Ибрагьим-ханасе Агъа МухІамадиде данде рагъ гьабизе кумакалъе гьесго ахІун Гъарабагъалде щола КІудияв ГІумахан. Гьеб заманалда хIинкъигьечIолъи цIуниялъул мурадалда Бахтика ва лъимал ритIула Авариялде. Авариялда йигеб заманалда Бахтикаца ва лъималаца гIумру гьабуна ЗагIиб, гьенир ран рукIана хасалил рукъзал, гьединго рукIунаан Гьолокьги. Цо-цо Хунзахъеги щолаан. ЗагІиб тIаса бищиялъе гIиллалъунги букIана гьава-бакъ хинаб бакI букIин. Гьенир ран рукIана Бахтикае рукъзал, гьарун рукIана ахал, гIезабула Гъарабагъалъул пиринчI, хIалтIулаан Бахтикада цере тарал хIалтIухъаби.

Гьенир ругеб заманалда жаниб Бахтикал яс Султанатида ва васал АхIмадханида ва Ханларида лъала авар мацIги. Гьениб гIумру гьабуна гьез 1791 соналдаса 1797 абилеб соналде щвезегIан. Гьенир ругел гIалимзабазда цере цIалун лъималазе щола авар ва гIараб мацIалъул лъайги. ТIад юссун Шушаялде Бахтикагун лъимал уна АгъамухIамдханги чIван гьениб парахатаб гIумру лъугьарабго. 1797 абилеб соналъ хаслихъе аваразул аскаралъул ва чанго нусго жиндир рекIаразул кумекалдалъун тIад буссинабула Ибрагьимханас жиндирго Гъарабагъалда букIараб ханлъи.

ГIумаханида жиндирго яц Бахтика ахирисеб нухалда йихьула 1800 абилеб соналъ Иори гIурухъ рагъ ккун хадуб. 2000 гIан чи вугеб аскар гьес хасел тIамизе ритIула Шушаялде гьениб гьезие рукIа-рахъиналъе кванил шартIал чIезарула Ибрагьимханас. 1801 абилеб соналъул 22 марталда ГIумахан нуцал хун хадуб Гъарабагъалда ахIвал-хIал квешлъула ва лъабго соналдаса Ибрагьимханас гьеб кквезе кIвеларин гIурсазда гьарула жидерго къайимлъиялда гъоркье босе Гъарабагъ ва живгоян.

Гьебго заманалда Ибрагьимханасул васасе щола гIурусазул полковникасул чин, Гъарабагъалъул ханасул вас хIисабалда. Амма гьесдехун ГIумахан-нуцаласул чагIазул ва гIагарлъиялъул букIана рокьукъаб бербалагьи. 1806 абилеб соналъул июналда Шушаялъул риидалил хIухь бахъулеб рокъов мацIал гьариялъул хIасилалда Д.Т.Лисаневичасул егераз хучдуца чIвала Ибрагьимхан. Гьесдаго цадахъ чIвала хъизаналъул чагIиги. Инсуда цадахъ чIвала гьесулгун Бахтикал яс Султанатги, гьеб букIана Бахтикаде бачIараб кIудияб балагь. Гьеб заманалда эменгун вукIарав Ханлар лъутун ворчIула ва уна Персиялде. Амма 1807-абилеб соналъул 16-абилеб апрелалда Гъарабагъалдеги вуссун гIурус пачаясе ритIухълъиялъул гьа бала.

Гьеб заманалда Бахтикал ахIвал-хIалалъ рахIат хвезабурав аваразул нуцал СултIанахIмадханас бухьен гьабула Кавкзалда кIудиявлъун гIурусаз тарав И.В.Гудовичасгун, Бахтика ватIаналде тIад юссинайизе рес кьеян. «Бокьун букIана ункъачо ва лъимал жиндихъего рачине».

Бахтикал ва гьелъул лъималазул кверщаликь рукIана 20 росуги 948 хъизанги (578 рукъалъ гьезие магъало кьолаан, 370 кьолароан). Гьездаса 869 хъизан букIана бусурбаби, 79 — эрмениял.Гьенир ругел гIурусазул ритIунчагIаз кидаго провокациял гьарулаан, ханасул бечелъиялдаса жидеего жо тIезабизеян. Гьединал гьужумал рукIана Ханларидеги. 1827 абилеб соналда гьесул кверщаликьа бахъана 23 хъизан Шушаялда. 1822-абилеб соналъ Ермоловас хIалбихьана гьев Россиялъул хиянатчилъун вихьизавизе ва магIишат бахъизе.

Ханлар хвана цо-цо баяназда рекъон 1831-абилеб соналъ, цогидазда — 1833-абилеб соналъ. 1837 абилеб соналда Ханларида цере рукIарал эрмениязул 14 хъизаналъ хъулухъ гьабулеб букIана гьесул гьитIинав вац АхIмадхание.

АхIмадхан гьавуна 1793 яги 95-абилеб соналъ, гьес ячана Шамшадилазул Юсупханил яс Гюриджагьан, 1820-абилеб соналъ гьаюрай. Гьезул йикIана гIицIго цохIо яс, Бахтика (Бике-ага) абураб цIар бугей. Гьей ана генерал ХIасанбек Агъаларовасе росасе. Гьезулги вукIана цохIо вас — Давудхан Агъаларов-Джеваншир.

Жийго Бахтика хвараб заман мухIканго лъалеб гьечIо[1].

Бахтикал хIакъалъулъ магIарулазухъе щварал хIужаби руго халкъияблъун лъугьараб, гьелъ жинцаго гьабурабин абулеб «Бахтика» кочIолъ ругел баянал. Адабияталъул махщелчагIазул къиматалдалъун гьеб асар рагIула аваразул кIалзул гьунаразулъ бищунго тIадегIанаб даражаялъул асарздаса цояблъун. Гьелдаго цадахъ загьирлъулел руго Бахтика хIалбихьи бугей политик йикIиналъул рахъалги, гьелъул гIумруялдаса цо-цо хIужабиги.

Жийго Шушуханасе кьеялъе рази йикІинчІей Бахтикаца гIайибияллъун рехсолел руго вац ГIумахан ва гьесул вазир ГьоцIалъа ГIалисканди (ХIамзат имамасул эмен. Гьединго какулеб буго Бахтикаца жийго унеб Шушаги ва жиндирго росги. КочIолъ Бахтикаца магIу тIолеб буго эменги, имгIал МухIамадмирзаги гьесул вас Булачги чIаго рукIаралани жий Шушаялде йиччалароанин. Дое кьоелей йикІин бачIараб рокьукъаб хабарги, росулъ ханазабазул ссиги бихьизабулеб кочIолъ байбихьудаго руго :«Меседил гьаркьица гъалал халаго, хабар бачIанила Шушаялдаса» - абурал мухъал. Авар халкъалъе халкъияблъун лъугьараб Бахтикал кочІол буго чанго батІияб батияб къагІида , аслияблъун буго хадусеб кечІ[2]:

Меседил гьаркьица гъалал халаго,
Хабар бачIанила Шушуялдасан.
ГIарцул саргъасалъуй дун чвердолагун,
Чапар гIунтIанила гъарабагъазул
Хъатир-хъулухъилан, - бихьинав-цIуяв,
ЦIер гIадин эхетун хIатIида чIана.
Щурщун гIемерлъана дир гIолилазул
ХIалай захIмалъарай КIилъилай щвана,
Щапун, магIилги тIун, бицана гIодун
Гьал рачIарал гьалбал, ГIумма-ханиде,
Гьарун мун кьейилан Шуша-ханасе.
Бицарабго рагIи, гьабураб къотIи.
КъачIай ле, хазина, гьанже къокъине.
Къваридай, чучизе чи тIагIинин дир.
Чорхол чара хварай, дарман тIагIаралъ.
ТIад речIчIун КIилъилай гуюгун рехун,
КIицIулго тирана байтулманаб рукъ.
Къварилъи ракIалъул! КIоларо чIезе:
«Кьоге, вац ГIумма-хан, дун Шушуялде,
ЦIарго лъикIаб гьечIин Шушу-ханасда.
КIанцIизе кьуруни, гIела борхалъи.
ГIасияб хвел босзе бокьулеб гьечIо.
ЙитIуге, яц хваяв, Гъарабагъалде,
Инсул тушманасул улкайин кколеб».
КьечIого кин гIелей мун Шушуялде,
ГIуммаханил кIалгIа гIарцуца цIедал.
ГIелищ йитIичIого Гъарабагъалде,
ГьоцIдерил чIункIбузда дарай ретIиндал.
Нусго яс гьаеги ГIалискандие,
ГIарац къваригIиндал гIарцухъ ричизе.
ГIарцул лал тIамаги хундерил ТIалтIа,
Дирго вац ГIуммахан гIарцуд гIорцIизе.
Дун йичун босараб меседгин гIарцул,
Пурций махал гьаре хундерил бое.
Нахъе хутIаралъул, тIад-хIебдалазе
Харицелал къотIе къваригIел ккедал.
Дун кьуралъухъ кьураб мирзай-хамалъул
ЛъагIилухъ тукен лъе, вац дир ГIуммахан.
Киниса киниги дун толарелъул,
Къолоца бай гIарац магIарулазе.
КигIан гьараниги, дир гьариялъе
ГьечIин къабуллъулев, къвакIун чIанин мун.
Къалица кье харай хундерил бое,
Игилъа гIодое дун уней мехалъ.
Хадув валагьизе ГIуммахан анищ,
Гъое ЗагIиехун дун тIавагьиндал.
Аман, горсан ваккун ГьитIинав Булач,
Берцинав Булачил хъалиян бухIун.
Хъабалайги ретIун, тIалу кин телеб.
Гьаб тIалугIанасеб тIухьиги кьвагьун.
Кьалда хваралазул хиял кIоченищ,
ТIалтIа бараб сигIан, гьир харил бухIун.
ХIиллаялъ чIваразухъ чIегIер бахъани,
ЧIвалел гIайибазул ургъелго гьечIо.
Ургъалаби гъунел гъваридал кIкIалал,
Гъарин дун яхунел рорхатал щобал!
Дунял хIарамлъаги ХIебдал боялъе,
АхIи бан аниги, аман гьабичIо.
Инсул къайи чIвалеб доб Къарбиялда,
Меседил щуб ккаги, щварас босизе.
Свакарал рещтIунеб доб АхIлъималда,
ГIарцул полоп баги, банин гьоболлъи.
Цинги танин абе Илусуялда,
Хъурмил хIулабаде ругьулайги ран.
Гьанже йигин абе Гъарабагъалда,
Роржунел хъурмузда хадуй ялагьун.
ГIазу балеб къоялъ къватIий яккани,
Капураб махI буго росдадасанго,
Гьури пулеб къоялъ гортIе яккани,
Квешаб махI бахъула авалалдаса.
Гьекъезе лъинилан дун зигардани,
Хъаба цIун бачIуна лахIчIегIераб жа.
Какичуризелан дун гаргадани,
Парчи цIун бачIуна болъоназул би.
Какикь жойин абун дица абидал,
Бехъерхъула цебе болъонил цIоко,
Ибрагьим абидал уйилан ккана,
ГIадатIа кар тарав кашиш ватана.
Ханилан абидал, божун йикIана,
Килищ-малъ къуларав хIама-къажарав.

  1. ^ https://www.radioerkenli.com/a/umakhan-daughter-bakhtika/25245135.html
  2. ^ https://www.radioerkenli.com/a/umakhan-daughter-bakhtika/25245135.html