Перейти к содержанию

Бахтика, МухӀамад-нуцалил яс

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Бахтика» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
гІага-шагарго 1767
Хунзахъ, Авар нуцаллъи
лъалеб гьечІо
?
?
магІарулай
МухІамад-нуцал IV
Баху
Ибрагьим Халил-хан
васал: Ханлар, АхІмадхан
яс: СултІанат

Бахтика, падар. Bikə ağa (гӀага-шагарго 1762 с., Хунзахъ, Авар нуцаллъи — ?) йикӀана IV МухӀамад-нуцалил яс, жиндирго вац КӀудияв ГӀумаханица гъарабагъазул Ибрагьим-ханасе чӀужулъун кьурай. Гьей ккола «Бахтикал кечӀ» абураб машгьураб магӀуялъул автор[⇨].

Бахтикал гьаюраб ва росасе араб къо-моцӀ мухӀканго лъалеб гьечӀо, гӀага-шагарго чӀезабун гурони. Гьелъул вац КӀудияв ГӀумахан гьелдаса ригьалъ кӀудияв вукӀана ва гьев гьавуна 1761-абилеб соналъ. 1767-абилеб соналъ МухӀамад-нуцалил лъади, Бахтикал эбел Баху хвана. Бахтикаца жиндирго кӀудияв вас гьавуна 1785 абилеб соналъ. Гьевги гьавуна жеги Бахтикал гӀумруялъул 20 сонцин букӀинчӀеб мехалдда. Биценазда рекъон, Баху хун йиго Бахтика гьаюлаго, яги гьей гьаюн хадуй унтун. Гьелда рекъон Бахтика гьаюн йиго 1767 соналъ.

Гиничукьа ХӀайдарбегица хъвалеб буго: «Бахуца МухӀмаднуцалие гьаруна ункъго лъимал – цо васги, ункъго ясги. Цо ясалда цӀар букӀана ХъистӀаман. Хадуй гьей росасе кьуна Жунгуталдаса ХӀасанханил вас ГӀалисултӀанханасе. ХъистӀаманица ГӀалисултӀанханасе гьавуна кӀиго вас: ХӀасанхан ва СултӀанахӀмадхан. МухӀмаднуцалил кӀиабилей ясалда цӀар букӀана Аймесей. Гьей кьун йикӀана Гъазигъумекиса Шахмарданил вас МухӀамадхание. Гьесие Аймесейица Арсланхан.

Лъабабилей ясалда цӀар букӀана Бахтика. 1784 соналъ, 17 сонил ригьалда кьун йиго Гъабагъалъул хан Ибрагьимханасе (1726-1806). КӀикъогогӀан соналъ кӀудияв вукӀун вуго гьев Бахткадаса. Гьеб цӀех-рехалъ мекъиияблъун гьабулеб буго Б.Карапетянил «Бахтика 14 сонил ригьалда кьуна Ибрагьимханасе» абураб хъвай-хъвагӀай.

Шушу ханаса росасе кьей

[хисизабизе | код хисизабизе]

Бахтика Ибрагьим-ханасе кьеялда разилъуларого йикӀун йиго. ГӀуммаханил вазир ГӀалискандида кьунилан гӀайиб гьабун буго. Живго Ибрагьим-ханги гьев чӀарав бакӀ — Шушаги какун руго. Жиндирго хварал-чӀваралги рехсон, гӀайибал чӀван жийго кьунилан.

П.Г. Бутковас хъвалеб буго, 1786 соналъул апрелалъул ахиралда КӀудияв ГӀумаханас ячанин Ибрагьим-ханасул чӀужу, хадуб Дербендалъул ФатагӀали ханас шушаханасул яс ячине.ГӀумаханица Ибрагьимханасул яц ячун йикӀинчӀо, гьелъул гӀаксалда дос ячана ГӀумаханил яц Бахтика, гьеб жо къосун гъалатӀ гьабуна Бутковас. Амма Бахтикал кӀудияв вас Ханлар 1785-абилеб соналъ гьавунин абураб хӀужа битӀараб батани гьаб пикруги мекъаблъун кколеб буго. Гьенив автор мекъи ккеялъе гӀиллалъун ккун батизе рес буго ГӀумаханил батӀияб ригьин. Гьебго 1785-абилеб соналъ гьес асир гьаруна гуржиязул гиназ Евгена Абашатдзел ясал, гьездаса цояй Дарижа (Дареджан) ГӀумаханица жиндиего чӀужулъун ячана. Гьеб ишги ккана Гъарабагъалда, гьеб ригьин къосун батизе рес буго Бутковас, Ибрагьимханасул яц ячанин. Бертин букӀун буго маялъул ахиралда, яги июналъул тӀоцересел къояз. Хунзахъе цӀияй бахӀарайгун ГӀумахан вуссуна 1786-абилеб соналъул 27-абилеб июналда. Бахтикал Ибрагьимханасулгун букӀараб ригьнадаса гьавула кӀиго вас — Ханлар ва АхӀмадхан, яс Султанат. 1805-абилеб соналъул хъвай-хъвагӀаязулӀ Ханларил букӀана 20 сон, АхӀмадханил — 10 сон.

1791 соналъ Ибрагьим-ханасе Агъа МухӀамадиде данде рагъ гьабизе кумакалъе гьесго ахӀун Гъарабагъалде щола КӀудияв ГӀумахан. Гьеб заманалда хӀинкъигьечӀолъи цӀуниялъул мурадалда Бахтика ва лъимал ритӀула Авариялде. Авариялда йигеб заманалда Бахтикаца ва лъималаца гӀумру гьабуна ЗагӀиб, гьенир ран рукӀана хасалил рукъзал, гьединго рукӀунаан Гьолокьги. Цо-цо Хунзахъеги щолаан. ЗагӀиб тӀаса бищиялъе гӀиллалъунги букӀана гьава-бакъ хинаб бакӀ букӀин. Гьенир ран рукӀана Бахтикае рукъзал, гьарун рукӀана ахал, гӀезабула Гъарабагъалъул пиринчӀ, хӀалтӀулаан Бахтикада цере тарал хӀалтӀухъаби.

Гьенир ругеб заманалда жаниб Бахтикал яс Султанатида ва васал АхӀмадханида ва Ханларида лъала авар мацӀги. Гьениб гӀумру гьабуна гьез 1791 соналдаса 1797 абилеб соналде щвезегӀан. Гьенир ругел гӀалимзабазда цере цӀалун лъималазе щола авар ва гӀараб мацӀалъул лъайги. ТӀад юссун Шушаялде Бахтикагун лъимал уна АгъамухӀамдханги чӀван гьениб парахатаб гӀумру лӀугьарабго. 1797 абилеб соналъ хаслихъе аваразул аскаралъул ва чанго нусго жиндир рекӀаразул кумекалдалъун тӀад буссинабула Ибрагьимханас жиндирго Гъарабагъалда букӀараб ханлъи.

ГӀумаханида жиндирго яц Бахтика ахирисеб нухалда йихьула 1800 абилеб соналъ Иори гӀурухъ рагъ ккун хадуб. 2000 гӀан чи вугеб аскар гьес хасел тӀамизе ритӀула Шушаялде гьениб гьезие рукӀа-рахъиналъе кванил шартӀал чӀезарула Ибрагьимханас. 1801 абилеб соналъул 22 марталда ГӀумахан нуцал хун хадуб Гъарабагъалда ахӀвал-хӀал квешлъула ва лъабго соналдаса Ибрагьимханас гьеб кквезе кӀвеларин гӀурсазда гьарула жидерго къайимлъиялда гъоркье босе Гъарабагъ ва живгоян.

Гьебго заманалда Ибрагьимханасул васасе щола гӀурусазул полковникасул чин, Гъарабагъалъул ханасул вас хӀисабалда. Амма гьесдехун ГӀумахан-нуцаласул чагӀазул ва гӀагарлъиялъул букӀана рокьукъаб бербалагьи. 1806 абилеб соналъул июналда Шушаялъул риидалил хӀухь бахъулеб рокъов мацӀал гьариялъул хӀасилалда Д.Т.Лисаневичасул егераз хучдуца чӀвала Ибрагьимхан. Гьесдаго цадахъ чӀвала хъизаналъул чагӀиги. Инсуда цадахъ чӀвала гьесулгун Бахтикал яс Султанатги, гьеб букӀана Бахтикаде бачӀараб кӀудияб балагь. Гьеб заманалда эменгун вукӀарав Ханлар лӀутун ворчӀула ва уна Персиялде. Амма 1807-абилеб соналъул 16-абилеб апрелалда Гъарабагъалдеги вуссун гӀурус пачаясе ритӀухълъиялъул гьа бала.

Гьеб заманалда Бахтикал ахӀвал-хӀалалъ рахӀат хвезабурав аваразул нуцал СултӀанахӀмадханас бухьен гьабула Кавкзалда кӀудиявлъун гӀурусаз тарав И.В.Гудовичасгун, Бахтика ватӀаналде тӀад юссинайизе рес кьеян. «Бокьун букӀана ункъачо ва лъимал жиндихъего рачине».

Бахтикал ва гьелъул лъималазул кверщаликь рукӀана 20 росуги 948 хъизанги (578 рукъалъ гьезие магъало кьолаан, 370 кьолароан). Гьездаса 869 хъизан букӀана бусурбаби, 79 — эрмениял.Гьенир ругел гӀурусазул ритӀунчагӀаз кидаго провокациял гьарулаан, ханасул бечелъиялдаса жидеего жо тӀезабизеян. Гьединал гьужумал рукӀана Ханларидеги. 1827 абилеб соналда гьесул кверщаликьа бахъана 23 хъизан Шушаялда. 1822-абилеб соналъ Ермоловас хӀалбихьана гьев Россиялъул хиянатчилъун вихьизавизе ва магӀишат бахъизе.

Ханлар хвана цо-цо баяназда рекъон 1831-абилеб соналъ, цогидазда — 1833-абилеб соналъ. 1837 абилеб соналда Ханларида цере рукӀарал эрмениязул 14 хъизаналъ хъулухъ гьабулеб букӀана гьесул гьитӀинав вац АхӀмадхание.

АхӀмадхан гьавуна 1793 яги 95-абилеб соналъ, гьес ячана Шамшадилазул Юсупханил яс Гюриджагьан, 1820-абилеб соналъ гьаюрай. Гьезул йикӀана гӀицӀго цохӀо яс, Бахтика (Бике-ага) абураб цӀар бугей. Гьей ана генерал ХӀасанбек Агъаларовасе росасе. Гьезулги вукӀана цохӀо вас — Давудхан Агъаларов-Джеваншир.

Жийго Бахтика хвараб заман мухӀканго лъалеб гьечӀо[1].

Бахтикал хӀакъалъулӀ магӀарулазухъе щварал хӀужаби руго халкъияблъун лӀугьараб, гьелъ жинцаго гьабурабин абулеб «Бахтика» кочӀолъ ругел баянал. Адабияталъул махщелчагӀазул къиматалдалъун гьеб асар рагӀула аваразул кӀалзул гьунаразулӀ бищунго тӀадегӀанаб даражаялъул асарздаса цояблъун. Гьелдаго цадахъ загьирлъулел руго Бахтика хӀалбихьи бугей политик йикӀиналъул рахъалги, гьелъул гӀумруялдаса цо-цо хӀужабиги.

Жийго Шушуханасе кьеялъе рази йикӀинчӀей Бахтикаца гӀайибияллъун рехсолел руго вац ГӀумахан ва гьесул вазир ГьоцӀалъа ГӀалисканди (ХӀамзат имамасул эмен. Гьединго какулеб буго Бахтикаца жийго унеб Шушаги ва жиндирго росги. КочӀолъ Бахтикаца магӀу тӀолеб буго эменги, имгӀал МухӀамадмирзаги гьесул вас Булачги чӀаго рукӀаралани жий Шушаялде йиччалароанин. Дое кьоелей йикӀин бачӀараб рокьукъаб хабарги, росулӀ ханазабазул ссиги бихьизабулеб кочӀолъ байбихьудаго руго Меседил гьаркьица гъалал халаго, хабар бачӀанила Шушаялдаса» - абурал мухъал. Авар халкъалъе халкъияблъун лӀугьараб Бахтикал кочӀол буго чанго батӀияб батияб къагӀида , аслияблъун буго хадусеб кечӀ[2]:

Меседил гьаркьица гъалал халаго,
Хабар бачӀанила Шушуялдасан.
ГӀарцул саргъасалъуй дун чвердолагун,
Чапар гӀунтӀанила гъарабагъазул
Хъатир-хъулухъилан, - бихьинав-цӀуяв,
ЦӀер гӀадин эхетун хӀатӀида чӀана.
Щурщун гӀемерлъана дир гӀолилазул
ХӀалай захӀмалъарай КӀилъилай щвана,
Щапун, магӀилги тӀун, бицана гӀодун
Гьал рачӀарал гьалбал, ГӀумма-ханиде,
Гьарун мун кьейилан Шуша-ханасе.
Бицарабго рагӀи, гьабураб къотӀи.
КъачӀай ле, хазина, гьанже къокъине.
Къваридай, чучизе чи тӀагӀинин дир.
Чорхол чара хварай, дарман тӀагӀаралъ.
ТӀад речӀчӀун КӀилъилай гуюгун рехун,
КӀицӀулго тирана байтулманаб рукъ.
Къварилъи ракӀалъул! КӀоларо чӀезе:
«Кьоге, вац ГӀумма-хан, дун Шушуялде,
ЦӀарго лъикӀаб гьечӀин Шушу-ханасда.
КӀанцӀизе кьуруни, гӀела борхалъи.
ГӀасияб хвел босзе бокьулеб гьечӀо.
ЙитӀуге, яц хваяв, Гъарабагъалде,
Инсул тушманасул улкайин кколеб».
КьечӀого кин гӀелей мун Шушуялде,
ГӀуммаханил кӀалгӀа гӀарцуца цӀедал.
ГӀелищ йитӀичӀого Гъарабагъалде,
ГьоцӀдерил чӀункӀбузда дарай ретӀиндал.
Нусго яс гьаеги ГӀалискандие,
ГӀарац къваригӀиндал гӀарцухъ ричизе.
ГӀарцул лал тӀамаги хундерил ТӀалтӀа,
Дирго вац ГӀуммахан гӀарцуд гӀорцӀизе.
Дун йичун босараб меседгин гӀарцул,
Пурций махал гьаре хундерил бое.
Нахъе хутӀаралъул, тӀад-хӀебдалазе
Харицелал къотӀе къваригӀел ккедал.
Дун кьуралъухъ кьураб мирзай-хамалъул
ЛъагӀилухъ тукен лъе, вац дир ГӀуммахан.
Киниса киниги дун толарелъул,
Къолоца бай гӀарац магӀарулазе.
КигӀан гьараниги, дир гьариялъе
ГьечӀин къабуллъулев, къвакӀун чӀанин мун.
Къалица кье харай хундерил бое,
Игилъа гӀодое дун уней мехалъ.
Хадув валагьизе ГӀуммахан анищ,
Гъое ЗагӀиехун дун тӀавагьиндал.
Аман, горсан ваккун ГьитӀинав Булач,
Берцинав Булачил хъалиян бухӀун.
Хъабалайги ретӀун, тӀалу кин телеб.
Гьаб тӀалугӀанасеб тӀухьиги кьвагьун.
Кьалда хваралазул хиял кӀоченищ,
ТӀалтӀа бараб сигӀан, гьир харил бухӀун.
ХӀиллаялъ чӀваразухъ чӀегӀер бахъани,
ЧӀвалел гӀайибазул ургъелго гьечӀо.
Ургъалаби гъунел гъваридал кӀкӀалал,
Гъарин дун яхунел рорхатал щобал!
Дунял хӀарамлъаги ХӀебдал боялъе,
АхӀи бан аниги, аман гьабичӀо.
Инсул къайи чӀвалеб доб Къарбиялда,
Меседил щуб ккаги, щварас босизе.
Свакарал рещтӀунеб доб АхӀлъималда,
ГӀарцул полоп баги, банин гьоболлъи.
Цинги танин абе Илусуялда,
Хъурмил хӀулабаде ругьулайги ран.
Гьанже йигин абе Гъарабагъалда,
Роржунел хъурмузда хадуй ялагьун.
ГӀазу балеб къоялъ къватӀий яккани,
Капураб махӀ буго росдадасанго,
Гьури пулеб къоялъ гортӀе яккани,
Квешаб махӀ бахъула авалалдаса.
Гьекъезе лӀинилан дун зигардани,
Хъаба цӀун бачӀуна лахӀчӀегӀераб жа.
Какичуризелан дун гаргадани,
Парчи цӀун бачӀуна болъоназул би.
Какикь жойин абун дица абидал,
Бехъерхъула цебе болъонил цӀоко,
Ибрагьим абидал уйилан ккана,
ГӀадатӀа кар тарав кашиш ватана.
Ханилан абидал, божун йикӀана,
Килищ-малъ къуларав хӀама-къажарав.

  1. https://www.radioerkenli.com/a/umakhan-daughter-bakhtika/25245135.html
  2. https://www.radioerkenli.com/a/umakhan-daughter-bakhtika/25245135.html