Перейти к содержанию

Авар тӀадрагӀи

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Каламалъул бутӀа: «Адверб».

Адвербалъ авар мацӀалда баян гьабула фигӀлуялъ бихьизабулеб иш лӀугьараб куц, заман, бакӀ ва гьеб лӀугьиналъе гӀилла-мурад. Жумлаялда жаниб Адверб букӀуна хӀаллъун, ва гьеб хурхун букӀуна предикаталда: жакъа дун цудунго вахъана — гьаниб цудунго абураб Адвербялъ бихьизабун буго иш лӀугьараб заман, ва гьеб вахъана абураб предикатгун бухьараб буго. Адвербялъе жаваблъун рачӀуна кин? кибе? киб? киса(н)? щай? щиб гӀиллаялъе гӀоло? щиб мурадалда? гӀадал суалал.

Адвербялъул букӀунаро рагӀи хисиялъул формаби, амма авар мацӀалда руго цо-цо Адвербял, жидер данде ккезариялъул суффиксал ругел: аскӀо-б, аскӀо-в, жани-б, це-б-е, хаду-б, гьани-б (чанго бакӀалъул Адверб хӀалтӀизабула заманалъул магӀна кьезеги). ГӀемерисел бакӀалъул тӀадрагӀабазул дифференциация гьабула локативалъул, аллативалъул ва аблативалъул формабазде: жани-б, жани-б-е, жани-са, жани-сан.

ГӀуцӀиялъул рахъалъ авар тӀадрагӀаби рикьула кӀиго тӀелалде: асляздеги лӀугьараздеги. Аслиял ккола жал цоги каламалъул бутӀаяздаса жал лӀугьинчӀел, ай жал гӀодосанго тӀадрагӀабилъун кколел: сон, метер, жакъа, сах, лъикӀ, хъахӀ, берцин ва гь. ц. Гьездехун рекӀинабизе бегьула кутаклъизабулеб бутӀа -го: сон-го, метер-го. Аслиял адвербаздаса лӀугьуна цогидал каламалъул бутӀаби:

  • адйективал: сахаб, лъикӀаб, хъахӀаб, берцинаб;
  • цӀарелал: сахлъи, лъикӀлъи, хъахӀлъи, берцинлъи;
  • вербал: сахълъизе, лъикӀлъизе, хъахӀлъизе, берцинлъизе;
  • партиципал: сахлъараб > сахлъун; лъикӀлъараб > лъикӀлъун, берцинлъараб > берцинлъун;
  • конвербал: хъахӀлъараб > хъахӀлъулаго.

ТӀадрагӀаби лӀугьунеб къагӀида

[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацӀалда тӀадрагӀиял лӀугьуна хадусел къагӀидабаздалъун:

ЛӀугьуна КъагӀида Мисал
ЦӀаралдаса
  • кин?
  • кида?
  • кин?
  • -къ суффиксалъул кумекалдалъун
  • -дал суффиксалъул кумекалдалъун
  • -са суффиксалъул кумекалдалъун
  • ретӀел — ратӀликъ; квен — кваникъ; куц — коцокъ
  • рии — риидал; их — ихдал; кьин — кьиндал
  • хьибил — хьибил+са; дегӀен — дегӀен+са
ЦӀарубакӀаздаса
  • киб?
  • кин?
  • суффиксалъул кумекалдалъун
  • -ин суффиксалъул кумекалдалъун
  • доб — доб+а; лъоб — лъоб+а
  • гьаб — гьадин; доб — додин; гъоб — гъодин
РикӀкӀеназдаса
  • кин?
  • -ихъе суффиксалъул кумекалдалъун
  • кӀиго — кӀийхъе; лъабго — лъабихъе
Конвербаздаса
  • кин?
  • -иса суффиксалъул кумекалдалъун
  • -хъе суффиксалъул кумекалдалъун
  • битӀун — битӀуниса; бегун — бегуниса
  • бицун — бицухъе; вижун — вижухъе

МагӀнаялъул рахъалъ классификация

[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацӀалъул тӀадрагӀаби рикьула хадусел тайпабазде:

  • Кинлъи бичӀчӀизабулел тӀадрагӀаби (кин? щиб куцалда?): циндаго, гьартӀан, гьединго, лъикӀ, квеш;
  • Заманалъул тӀадрагӀаби (кида? кидалъагӀан?): сон, жакъа, нолӀ, риидал, метер, сезе, лезе, гьанже, кидаго, рогьинегӀан;
  • БакӀалъул тӀадрагӀаби (киб? кибе? кисан?): квараниса, квегӀиса, рикӀкӀад, тӀасан, добасан;
  • Къадаралъул тӀадрагӀаби (кигӀан? кигӀаналъ?): гӀемер, дагь, миркалъ;
  • ГӀилла-мурадалъул тӀадрагӀаби (щай? щибизе?): щайго, чӀалгӀаде, махсараде;

ТӀадрагӀи жинсгун формаялда ва хӀалатазда рекъон свери

[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀесериселъ жидер рагӀи свериялъул формаби гьечӀониги, авар тӀадрагӀабазул буго цогидал мацӀазул тӀадрагӀабазул гьечӀеб хасаб тӀабгӀ: сифаталго гӀадин, цо-цо тӀадрагӀаби, жинсалде ва цолъул яги гӀемерлъул формалде балагьун, хисула, амма тӀадрагӀабазулӀ бачӀуна , сифатазда гӀадин бачӀунаро: хадув, хадуй, хадуб, хадур.

Гьединго руго цо-цо тӀадрагӀаби, жидер лӀугьунеб лъабго хӀалатияб форма, ай чӀовул, рачӀул ва ратӀалъул хӀалатазул:

Суал Мисал
кибе? рикӀкӀаде
киса(н)? рикӀкӀадаса(н)
киб? рикӀкӀад
кида? радал
кидаялде? радалалде
кидаялдаса(н)? радалалдаса(н)

ТӀадрагӀаби цогидал каламазул бутӀабазде ссвери

[хисизабизе | код хисизабизе]

Аслиял тӀадрагӀабаздаса лӀугьуна цогидал каламалъул бутӀаби:

  • сифатал: сахаб, лъикӀаб, хъахӀаб, берцинаб;
  • цӀарелал: сахлъи, лъикӀлъи, хъахӀлъи, берцинлъи;
  • фигӀлаби: сахълъизе, лъикӀлъизе, хъахӀлъизе, берцинлъизе;
  • сифат-фигӀлаби: сахлъараб > сахлъун; лъикӀлъараб > лъикӀлъун, берцинлъараб > берцинлъун;
  • конвербал: хъахӀлъараб > хъахӀлъулаго.

ТӀадрагӀабазул битӀунхъвай

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. О хӀарп хъвала хадусел тӀадрагӀабазулӀ:
    • -го бутӀагун ругел: лъикӀго, берцинго, бигьаго
    • локативазда (кӀиябго рагьараб): кодоб, гӀодоб, босноб
    • хекко тӀадрагӀиялъулӀ
  2. И хӀарп хъвала локативиял жаниб, къватӀиб ва ц. гӀадал ва къаси тӀадрагӀабазулӀ.
  3. Е хӀарп хъала хадусел тӀадрагӀабазулӀ: метер, сезе, лезе, цебе ва ц.
  4. Абухъе, бицухъе, рагӀухъе ва ц. тӀадрагӀабазулӀ ахирал хъвала Е.
  5. БукӀунедухъ, абуледухъ гӀадал тӀадрагӀабазулӀ ахирисеб гьижаялда хъвала У, цебеселъе — Е.
  6. КӀиго, я цӀикӀкӀун рагӀудаса лӀугьарал журарал тӀадрагӀаби рекӀун хъвала: гьабсагӀат, гьебмехалъ, бакъинегӀан, кӀалагъоркье, чехьатӀаде, чӀванкъотӀун, цӀанбитӀун.
  7. Дефисгун хъвала хадусел тӀадрагӀаби:
    • кӀиго цокьибилаб рагӀи такрарлъун лӀугьарал: гьенже-гьанже(ги), нахъ-нахъ, цебе-цебе, добе-добе;
    • кӀиго магӀна гӀаксал (антонимиял) рагӀабаздаса лӀугьарал: тӀаде-гъоркье, цебе-хадуб, жаниб-къватӀиб, доба-гьаниб.