Перейти к содержанию

Хьаргабиса ГьитӀинав ТӀалхӀат

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
(«Хьаргабиса ГьитIинав ТIалхIат» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Хьаргабиса ГьитӀинав ТӀалхӀат, гьавидал Урдашил МухӀамадил ТӀалхӀат (1884–1984, Хьаргаби, ДАССР) вукӀана авар гӀалимчи, мавлидазулги, назмабазулги, марсиязулги автор.

ТӀалхӀат гьавуна гӀага-шагарго 1884-абилеб соналъ, Дагъистаналъул вилаяталъул Авар сверухълъул Хьаргаби. Гьесул эмен, Урдашил МухӀамад, вукӀана жиндирго рукъалъул магӀишатги гьабун чӀарав, гӀаммал гӀадамаздаса ватӀа вахъичӀев чи. ТӀоцебе инсуца малъана ТӀалхӀатида иман, ислам, гьединго Къуръан цӀализе. Хадув росдал мадрасаялде витӀана. БатӀи-батӀиял росабалӀе хьвадун, цӀи-цӀиял мугӀалимзаби цӀехон, лъай тӀалаб гьабун гӀемерал соназ хьвадана ТӀалхӀатги. Бищунго гӀемер гьев цӀалана магӀарулъиялъго жиндир адаб-хӀурмат гьабулев, машгьурав гӀалимчи Къудукьа СагӀидида цеве.

РосулӀе вуссун хадуса ТӀалхӀатица кӀиго соналъ дибирлъи гьабуна. Гьелдаса хадуб, 1936-лъ мажгит-мадраса къазегӀан мударислъунги вукӀана. ЦохӀого цо мажгитал къаялда къокълъичӀо коммунистаз дин чӀунтизабизеян гьабулеб хӀалтӀи. Киса-кирего гӀалимзаби, ккун, туснахъ гьаризе лӀугьана. Гьоркьоб хутӀичӀо Хьаргаби росуги. ХӀуригат бахъилелде цебеги, гӀалимзабазул цӀар бугеб росу букӀиналъ, гьелде цӀакъ кӀудияб ишан босана НКВД-ялъ. Жанир лъун тӀагӀаралги ккана, нахъе риччаралги ккана. ГьитӀинав ТӀалхӀатги Гъунив туснахъалда жанив тӀамун вукӀана 1937-абилеб соналъ. Амма, гӀунтӀизабизе гӀайиб батичӀого лъаларо, жидерго план тӀубан букӀиналъ лъаларо, чанго моцӀидасан къватӀиве виччана. Виччалагоги лъазабунила гьесда, дин гьабуни, цӀидасан жанив тӀамизе вугилан. Гьеб мехалде гӀумрудул 53 сон бугев ТӀалхӀатие кӀудияб батӀалъиго букӀун батиларо щиб кканиги, тӀадежоялъе киналго гӀалимзабиги ккун унел рукӀиндал. Жинца малъулеб букӀараб гӀелму гьес гьор-кьоб къотӀизе течӀо. Нахъа хъаравуллъи чӀезабун букӀаниги, бакӀ-бакӀалде ун малъана гьес гьеб. [1]

  1. ↑ "Archive copy" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса, 2010-03-27. Щвей 2010-03-27.{{cite web}}: CS1 maint: archived copy as title (link)