Перейти к содержанию

Хьаргабиса ГьитӀинав ТӀалхӀат

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Хьаргабиса ГьитIинав ТIалхIат, гьавидал Урдашил МухӀамадил ТӀалхӀат (1884–1984, Хьаргаби, ДАССР) вукӀана авар гӀалимчи, мавлидазулги, назмабазулги, марсиязулги автор.

ТIалхIат гьавуна гIага-шагарго 1884-абилеб соналъ, Дагъистаналъул вилаяталъул Авар сверухълъул Хьаргаби. Гьесул эмен, Урдашил МухӀамад, вукIана жиндирго рукъалъул магIишатги гьабун чIарав, гIаммал гIадамаздаса ватIа вахъичIев чи. ТIоцебе инсуца малъана ТIалхIатида иман, ислам, гьединго Къуръан цIализе. Хадув росдал мадрасаялде витIана. БатIи-батIиял росабалӀе хьвадун, цIи-цIиял мугIалимзаби цIехон, лъай тӀалаб гьабун гIемерал соназ хьвадана ТIалхIатги. Бищунго гIемер гьев цIалана магIарулъиялъго жиндир адаб-хIурмат гьабулев, машгьурав гIалимчи Къудукьа СагIидида цеве.

РосулӀе вуссун хадуса ТIалхIатица кIиго соналъ дибирлъи гьабуна. Гьелдаса хадуб, 1936-лъ мажгит-мадраса къазегIан мударислъунги вукIана. ЦохIого цо мажгитал къаялда къокълъичIо коммунистаз дин чIунтизабизеян гьабулеб хIалтIи. Киса-кирего гIалимзаби, ккун, туснахъ гьаризе лъугьана. Гьоркьоб хутIичIо Хьаргаби росуги. ХIуригат бахъилелде цебеги, гIалимзабазул цIар бугеб росу букIиналъ, гьелде цIакъ кIудияб ишан босана НКВД-ялъ. Жанир лъун тIагIаралги ккана, нахъе риччаралги ккана. ГьитIинав ТIалхIатги Гъунив туснахъалда жанив тIамун вукIана 1937-абилеб соналъ. Амма, гIунтIизабизе гIайиб батичIого лъаларо, жидерго план тIубан букIиналъ лъаларо, чанго моцIидасан къватIиве виччана. Виччалагоги лъазабунила гьесда, дин гьабуни, цIидасан жанив тIамизе вугилан. Гьеб мехалде гIумрудул 53 сон бугев ТIалхIатие кIудияб батIалъиго букIун батиларо щиб кканиги, тIадежоялъе киналго гIалимзабиги ккун унел рукIиндал. Жинца малъулеб букIараб гIелму гьес гьор-кьоб къотIизе течIо. Нахъа хъаравуллъи чIезабун букIаниги, бакI-бакIалде ун малъана гьес гьеб. [1]

  1. ^ "Archive copy" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса 2010-03-27. Щвей 2010-03-27.{{cite web}}: CS1 maint: archived copy as title (link)