Хъваршиса Загъалав

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Исламалъул гIалимчи ва шайих

Напсиял баянал
Дагъистан, Цӏумада мухъ, Хъварши росу.
авар

Хъваршиса Загъалав (гІур. Загалав Хваршинский; гьав. 15 январалъ 1943 с. — хв. 5 ноябралъ 2018 соналъ ЦӀияб Сасикь) — Хъварши росулъа исламалъул гIалимчи. Имам Шамилил гьудул ва гьев имамлъиялда тасдикъ гьавурав шайих.

ГӀумрухъвай[хисизабизе | код хисизабизе]

Загъаласул эбел-эмен[хисизабизе | код хисизабизе]

Биценалда рекъон, гьесул кӀудияв эмен КъурбангӀали вачӀун вуго гьанжсеб ЛъаратӀа мухъалъул Гьиндиб росулъа Хъваршиве мутагӀиллъун. Гьенив цӀалулаго чӀужу ячине заман щвараб мехалъ гӀагарлъиялъ гьесда ригьин гьабизе инсул росулъе тӀадвуссаян абулеб букӀун буго, амма гьев разилъун гьечӀо. Гьенисаго чӀужу ячараб къагӀида, гьесие кватӀичӀого гьавун вуго вас, гьесда цӀарги лъун буго Загъаян абун.

Хъварши росулъ вукӀун вуго жиндир ресги гӀадамазда гьоркьоб къимат-къадруги, бугев цо чи. Гьесул йикӀун йиго росулъго цӀар арай цӀакъ берцинай яс. Росдал ругел гӀолохъабазул рокьи ккун букӀун буго гьей ясалъухъ ва кьеян гьаризе гӀемер чагӀи рачӀунаанила гьелъул инсухъе. Загъаласул инсуцаги ритӀун рукӀун руго гьей кьеян гьаризе гӀадамал. Кьеян гьарун рачӀаразда гьес абун буго гуржиялъеги ун давлаги босун вачӀарасе кьелилан. Загъаца чабхъен гьабун буго Гуржиялъе ва гьениса давла гуребги цо бечедав чиясул жеги балугълъичӀей ясги хъамун йиго. Росулъе тӀадвуссарав Загъаца цоги нухалъ ритӀун руго гӀадамал дой яс гьаризе, гьелъул инсуца жиндирго рагӀи ккун буго.

ЧӀужу ячун хадуйги, Загьаца дой Гуржиялъа жинцаго хъамун ячӀарай яс рокъой хьихьулей йикӀун йиго. Гьелъ жиндиего бокьун босула ислам. Берцинаб гӀамалалъул, иман бугей яс йикӀун йиго гьей. Цо заманалдаса гьелъул эбел-инсуда лъан буго гьей гьений йигеблъи. Гьелъухъ гьез кьолеб букӀун буго кколеб мухь ва нахъе ячӀаян гьарун буго гьелда. Амма яс разилъуларо, динги лъан гьей гьел гӀадамазда гьоркьой ругьунлъун йикӀуна.

Балугьлъараб мехалъ Загъаца жиидиего кӀиабилей чӀужулъул ячуна бусурманлъарай гуржияй. Гьелъ гьесие гьавула вас ва гьесда лъола КъурбангӀалиян кӀудияв инсул цӀар.

Гуржияй эбелалъ какиги чурун гурони Загъаласда керен хахизабелеб букӀун гьечӀо. Гьединай иман бугей гӀадан йикӀун йиго гьей.

Халкъалда гьоркьоса дагьал чагӀазда гурони лъалароан Загъаласул хӀакъикъияб цӀар КъурбангӀали бугеблъи. ТӀолгодагъистаналда гьев машгьурлъун вукӀана Загъалавдибир абураб тӀокӀцӀаралдалъун. Загъаласул йикӀун йиго кӀиго яцги, амма херал чагӀазда гьезул цӀарал ракӀалде щвечӀо. Дир мугӀалим мунагьал чураяв ГьаракӀуниса НурмухӀамадил МухӀамадхӀажиясда лъалеб букӀун буго Загъаласул эбелалъул тухумалъул цӀар, гьес ракӀчӀей гьечӀого абуна Абашидзе батилин кколин[1].

ГӀелмуялде тӀоцересел галаби[хисизабизе | код хисизабизе]

ТӀоцеве Загъалав лъида цеве цӀалулев вукӀаравали лъаларо. Гьесие цӀализе цӀакъ захӀмалъулсб букӀун буго, хадуб гьес хӀукму гьабун буго цӀалиги рехун тун инсул рокъове вуссине. Жиндирго гьалмагъзабазе къо-лъикӀги гьабун, кигӀан гьезие бокьичӀониги, гьес Хъварши росулъе сапар бухьун буго. Рокъове вачӀунаго, кигӀан заман гьес нухда бахъарабали лъаларо, гьев щун вуго Сасикьдерил кьода гӀагарлъухъ бугеб "ЗакӀикь" абулеб нохъоде ва сордо базе гьенив рештӀун вуго.

Гьеб нохъода букӀун буго лъим тӀинкӀулеб бакӀ. Загъалас гьениб гьитӀинабго гвенд гьабун буго. Хадув, гӀодов кӀусун вукӀарав гьев кьижун ккун вуго ва ворчӀилалде доб гвенд лъадал цӀун батун буго. Гьеб мехалъ гьесда ракӀаде ккун буго гьаб гьадигӀин дагьго тӀинкӀулеб лъадал къатӀраялъ гӀемер заман иналде гвенд цӀун бугин, щибаб къоялъ цо-цо рагӀи лъазабуни, ункънусгогӀанасеб рагӀи лъазехъин бугин жиндаги цо соналдасайин абун. Гьеб пикруги ботӀролъе бачӀун Загъалас нигат гьабун буго нахъвуссине. Гьениса эбел-инсухъеги щвечӀого цӀализе тӀадвуссун вуго. АнцӀгогӀанасеб соналъги цӀалун росулъе вачӀараб мехалъ эбелалда лъан гьечӀо жиндирго вас ватӀа вахъизе.

Шамилилгун гьудуллъи ккей[хисизабизе | код хисизабизе]

Загъалав цӀализавурал киналго гӀалимзабазул цӀарал нилъеда лъаларо. Амма мухӀканго лъала гьев ГъазимухӀамадидаги Шамилидаги цадахъ ГьаракӀуниса машгьурав гӀалимчи ва мударис СагӀид-афандихъ "жамигӀул жавамигӀ" цӀалулев вукӀараблъи. Гьелъул хӀакъалъулъ хъван буго Гьигьалъ росулъа Агъвалив вукъун вугев гӀалим ХӀусайнияв МухӀамадица.

ЦӀумадисезул херал чагӀаз бицуна ГьаракӀунир цадахъ цӀалулаго Загъаласулгун Шамилил тунка-гӀуси камулеб букӀун гьечӀилан. Щайгурелъул Шамил вукӀун вуго сундулго рахъалъ жиндаса бергьине цониги мутагӀил виччаларев вас. Загъалав гьесдаса гӀемер кӀудиявги вукӀун вуго. Цо нухалъ Шамилица цадахъ цӀалулел мутагӀилзабазе кьун буго цо суал, нужеда лъараб мехалъ жиндие жаваб кьеянги абун. Цояс гьебсагӀатго абун буго жинда лъалин абун ва битӀараб жаваб кьун буго. Цадахъ цӀалулезул гьедигӀаи лъай гьечӀеблъиги гьалев Шамилида бичӀчӀун буго гьеб жаваб дов мутагӀиласда Загъалас бицараблъи. Гьеб бицараб щайилан Загъаласе бадибчӀвай гьабун буго Шамилица ва гьесие рахӀат толеб букӀун гьечӀо. Гьесул гъалмагъир чӀалгӀарав Загъалас хӀукму гьабула цӀалиги рехун тун, жиндирго гӀагараб росулъе вуссине. Мадрасаялда жанире мутагӀилзаби руссараб мехалъ, Шамилида Загъалав гьенив вихьун гьечӀо. Гьес гьикъун буго гьалмагъзабазда гьев кив вугевилан. Гьез бицун буго гьев вихьичӀого гӀемер заман бугин абун. Гьеб иш жиндирго мугӀалимасда лъалилан намуслъарав Шамилица хӀукму гьабула гьесда хадув вахъине. Дида бицухъе, Шамил Загъаласда хадув гъун вуго "ТӀалукъоно" магӀарда. Гьениб Шамилица абун буго щай мун лъутулеван? Гьесдехунги вуссун Загъалас абун буго: "Шамил дуе Аллагьас кьураб къуваталда дир дагӀба гьечӀо, дуца щай дие Аллагьас кьураб гӀелмуялдехун дагӀба базе кколеб?" Гьесухъги гӀенеккун, Шамилица гьесие рагӀи кьола жакьа къоядаса нахъе вацал гӀадин рукӀине.

Гьелдаса нахъе гьел цоцазе хиралъизеги хиралъанила.

ГьаракӀуниб Загъалас цогидал мутагӀилзабаздаса цебе лъугӀизабун буго цӀали. Цо чанго соналдаса СагӀид-афандиясухъ цӀали лъугӀарав Шамилица абун буго гьанже лъихъе жив цӀализе иневин абун. Загъалавдибирасухъ ун лъикӀин абун буго СагӀид-афандица. Хадув Шамил цӀализе гьесухъе анин бицуна[1].

Ригьин гьаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Загъалас жиндирго росулъ гьабун буго ригьин. Гьес ячуна Узданай абулей яс. Гьезие гьавула вас ва гьесда цӀарги лъола ТӀалхӀат абун. ТӀалхӀат вукӀуна эменго гӀадинав гӀараб цӀаларав гӀалимги гӀадамазда гьоркьоб рагӀи билълъарав чиги. Шамилил рагъазул ва гьелда хадуб лъугьараб восстаниялъул тарих хъварав, бергьарав гӀалимчи Ангъидаса Халил-афаядияс хӀежалдаса ТӀалхӀатихъе хъвараб зигараялъул кагътидасан нилъеда лъала гьев ГӀанди вилаяталда гӀурусаз наиблъун тун вукӀин. ТӀалхӀатил вукӀана ичӀго вас. Бищун кӀудияв ГерейханхӀажияв гӀемер заманаялъ Болъихъ дибирлъунги вукгӀун вуго. ТӀалхӀатил лъабго вас хӀежалде арал чаг1и гьениса нахъ руссунаро. Загъалав шайихасул кӀиабилей чӀужу йикӀана Гьаквариса. Гьелъ гъесие гьаюла яс. Гьелда цӀарги ХӀава букӀана. Загъалас дибирлъи гьабула батӀи-батӀиял росабалъ: Хъваршиниб, ТӀиндиб, Гьигьалъ, КӀванкьада Санкьада дивирлъи гьабизе байбихьаралдаса гӀадамаз гьесда Загъалавдибирин абулаан.

Дибирлъи ва мугӀалимлъи[хисизабизе | код хисизабизе]

ТӀиндив дибирлъун хӀалтӀулаго гьес гьениб рагьула мадрас. Гьеб мадрасалда гьесухъ цӀалулел рукӀун руго батӀи-батӀиял росабалъа 150 мутагӀил. Гьесул гьелгощинал мутагӀилзабазда гьоркьоса бищун цӀар аравлъун лъугьана Гьигьалъа ИмаммухӀамад. Гьев цӀалун лъугӀараб мехалъ Загъалас абун буго:

« «ЦӀакъго рекӀараб бал бугеб гӀаштӀи жинца Гьигьалъе битӀанин, заманалдасан загьирлъилин гьелъул гьунар», - ян. »

Гьес абухъего, ИмаммухӀамад вахъана кӀудияв гӀалимчилъун. Ахираб заманалда Аргъваниса Шамхалги гьевги тӀамун рукӀун руго Шамилил наибзабилъун. Дагъистан гӀурусаз кверде босараб мехалъ гьев хӀалтӀула Болъихъ ва Бакълъухъ участкабазул наиблъун.

ИмаммухӀамадица данде гьабуна чанго тӀехьги. Рехсон телин гьаниб гьезул цо-кӀигоялъул цӀар. "Гъараибул гьимян" ва "Кашафул гъумум". Гьев унтараб мехалъ гьесде раккизе рачӀунел рукӀун руго гӀемерал гӀадамал. ИмаммухӀамадица гӀумруялъ данде гьабураб цо тӀехь гьесул рокъоса бикъун ун буго гьесулго гӀагарав чияс. Гьелдаса нахъе гьев гӀакълу хисун лъугьун вуго. Гьигьалъа ХӀусайнияв МухӀамадица гьеб тӀехьалдаса къокъ гьабун бахъараб лъебергогӀанасеб гьумер буго дихъ. Гьелда тӀад хъван буго гӀемер нилъеда лъалареб нилъер магӀарул ва чачан халкъалъул рагъазул тарих. Гьелъул хӀакъалъулъ мухӀканго дица бицина цойги нухалъ. Жакьа къокъ гьабун бицина гьелда жаниб хъван бугеб Шамил Загъалав шайихас тасдикъ гьавиялъул хӀакъалъулъ бугеб бицен[1].

Загъалас имам тасдикъ гьави[хисизабизе | код хисизабизе]

ЧӀиркъатӀа росулъ Шамил имамлъун вищула гьенир данделъарал гӀемерал гӀалимзабаз ва Дагьистаналъул церсхъабаз. Гьелдаса нахъе Шамилица гӀурусазулгун цо чанго рагъги гьабула. Иргадулаб данделъи букӀуна Харахьиб кӀудияб мажгиталда. Гьениб Шамилица гӀуцӀула Дагьистаналъул вакилзабазул мажлис ва гьездаса Шамилица тӀалаб гьабула жиндие тӀубараб къагӀидаялъ хӀукму къотӀеян. Гьеб данделъиялда букӀараб халкъалъул пикру бикьула. Цояз абула хункарасул изну гьечӀого имам вишизе бегьуларин, цогидаз абула къурайшияв тезе кколин имамлъунин. Гьеб мехалъ Шамилица тӀадеги вахъун абуна: "Ле, кӀудиял гӀалимзаби, дида бихьулеб буго гьаб нужер данделъи, щибго хӀасил гьечӀого лъугӀизехъин букӀин. Дида лъикӀаблъун бихьула, нужецаги къабул гьабуни, гьаб заманаялъул кӀудияв мужтагьид Хъваршиса Загъалав ахӀизе ва гьесде гьаб нилъер ишги тӀамун, гьес гьабураб хӀукмуялда нилъги разилъизе. Шамилил рагӀиялада киналго тӀад рекъола. Шамилица кагъатги хъван Загъаласда хадув чи витӀула Харахьиве вачӀаян гьарун. Загъалав шайих вачӀине вугеблъи лъараб мехалъ, батӀи-батӀиял росабазул ва миллатазул гӀемераб халкъ бакӀарула Харахьибе.

КватӀичӀого вачӀарав Загъалав шайихас цевеги вахъун абула: "Ле, кӀудиял гӀалимзаби, гьеб масъалаялъул аслуялдасанго нуж мекъи ккун руго. Нужер халиф ккун буго нужеца хункарасе къотӀи гьабулеб гӀадин. Хункарасе гуро гури нужеца къотӀи гьабулеб бугеб. Хункарасул кумек щолареб бусурбанаб халкъалъ жидерго тӀалаб гьабулев цо бетӀер вищизе ккола". Загъалав шайихасул гӀадат букӀун буго гьакӀкӀан кӀалгун велъулеб. Велъизеги велъун гьес нахъеги абула: "Аллагьас тӀадаб гьабун буго лъабго бусурбан чи нухда вугони цояв гьезул бетӀерлъун теян. Гьединаб магӀнаялда аварагасул хӀадисги буго. Нилъее киса щвелев къурайшияв имамлъун тезе? Нилъ руго гьаб заманалда нилъедаго гьоркьоса имам тезе тӀадал чагӀи". Цинги Загъалав шайихас тӀадеги вахъун, Шамилил кверги ккун, гьесдехунги вуссун абула: "Гьаб мажлисалда ругел вакилзабазул вакиллъиялдалъун дица мун имамлъун тезе хӀукму гьабулеб буго", - ян.

Имамасе насихӀат[хисизабизе | код хисизабизе]

ДугӀа-алхӀамалдаса хадуб гьес абула:

« «Я дир вас, Шамил. Дун расниги хӀинкъуларо дица дуе къотӀараб хӀукму мекъи батилин абун. Дун цӀакъ цӀикӀкӀун хӀинкъулеб жо буго, дур ишалъул ахиралда, дур хӀалтӀиги гучги лъараб мехалда, дуда хадур аскаралги цӀикӀкӀараб мехалда, мун гьеб киналъго гуккун ккеладай абураб жо. Дида нилъедаса церехун рукӀарал гӀадамазул лъугьараб къисмат лъала, дунго гьезда гьоркьов вукӀараб гӀадин. Гьел киналго дуе рехсезе заманги гьечӀо, амма дица рехсела дуе питнаби нахъчӀвазелъун тӀуразе тӀадал жал:

Дуца халкъалда гӀазаб - къварилъи бихьизе гьабичӀиго букӀин цо. Дуца гьезул ишал мун гурезде тӀамичӀогун рукӀин кӀиго. ГӀалимзабазда дандбан гурони дуца цониги бусурбанчиясул би гӀодобе тӀунгутӀи лъабго».

»

Цинги Загъалав шайихас Шамилие бицуна умавиязул халифлъилъул ва ГӀабасиязул халифлъиялъул. Умавиязул-зулму цӀикӀараб мехалъ гӀабасияздалъун гьезул зулму тӀаса ин. Гьелда гьоркьор ккарал жал: ХӀажатилги ибн Зубаирилги лъугьарал жал, халифлъи къваригӀун васас эмен чӀваялъул, инсуца вас чӀваялъул, вазирас живго чӀваялъул. Хадуб бицуна Багъдадалъул халифаталъул, татаразул Гьулагуханасул хӀакъалъулъ, къарамитӀазул пачалихъ лъугьунелъул гьабураб чӀвай-хъвеялъул. Гьелда хадуб бицуна Египегалда черкессазул пачалихъ лъугьиналъул, гьезул хӀакимзаби Буркъакъидасан Туманбейиде щвезегӀан. Цинги рехсола вагьабияталъул питна, фатишидазул пачалихъалъул лъугьарал жал.

« «Гьеле, дир вас Шамил, жинца зулму гьабурав чи халат хутӀуларо, - янги абун Аллагьасде дугӀа гьабуна гьес:

БетӀергьан, Аллагь, дуца гьасде гӀадлу-иизам гӀуцӀулеб куц илгьам гьабе! Гьасул хвалченалдалъун зулму-пасалъи тӀагӀинабе! Дуца гьав муъминзабазда тӀад бетӀерлъун халат гьаве!».

»

Загъалав шайихас гьеб дугӀа гьабулаго Шамил гӀодула, имамасул гӀодиялъухъе тӀолго данделъараб халкъги гӀодула.

Гьедин Загъалав шайихас имамлъун тасдикъ гьавула Шамил. КӀочон тун вукӀана гӀемераб мехалъ Шамилил бишун хириявлъун вукӀарав мужтагьид. Гьеле гьелъие нугӀлъи гьабулел Игьалиса Чупаласул рагӀаби:

« «Гьаквариса МикагӀил,

Гьигьала ХӀажардибир
ЛахӀтуялда рукъидал
Кьараб диналъул талихӀ
ТӀолго жиндир бодаса
Шамилие рокьуяел
Кьохъа МуламухӀама,
Хъварщиса КьурбангӀали[1]».

Загъалав шайих
»

Хвел[хисизабизе | код хисизабизе]

Имам Шамилилги Загъалав шайихасулги хвалил хӀакъалъулъ гӀараб тӀахьазда хъван ругел мухъал:

« «Цо сордоялъ кутакалда зоб багӀарлъана, хадуб баянлъана Мадинаялда Шамилги Хъваршив Загъалавги накълулъараллъи...» »

Загъаласул зияраталда жаниб бугеб зонодаги бихьизабун буго имам Шамил хвараб тарих. Хъваршиб росдал хераз бицанихъе, Загъалав шайих хвараб къоялъул маркӀачӀул какда цебе къилбаялъул рахъалда бугеб магӀардасан баккун "Божи" кӀкӀалахъ гьесул хур бугеб бакӀалда нур речӀчӀун буго. Гьенив вукъула жамагӀаталъ кӀудияв шайих[1].

ХӀужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. 1,0 1,1 1,2 1,3 1,4 "«Хъваршиса Загъалав-шайих» – ГIисаев Шамхалдибир; Казият "Миллат". МахIачхъала; 01.09.2016 с." Архивация оригинал (2022-04-04). Халагьи 2022-04-04. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)