Хурул рехъеб

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Рехъеб

Хурул рехъе́б (рехъби́л), яги жема́ло (лат. Convōlvulus arvēnsis) — Convolvulaceae хъизамулIе унеб рехъеб тухумалъул гIемерсаназулаб, харитайпаял рижунжалазул хIуби кIургIарулеб, женжедулеб регI.

Култивизарурал ракьазда чIарлъун рикIкIуна.

Ботаникияб сипат-сурат[хисизабизе | код хисизабизе]

Толораб, тIеренаб, женжедулеб хIуби, 1 м-де халалъи бахине бегьулеб.

ТIанхал гъоркьаса толорал, къваридал, хечгIадал.

Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]

Рехъе́б [req:éb] абураб рагIул этимология жеги чIезабун гьечIо, хIо жема́ло [žemá-lo] абураб рагIи бачIана же́мизе абураб галгалулIан (тIогьол женжедулеб хасият малълъун), -ло суффиксалъул квекудалъун.

Диалектазда[хисизабизе | код хисизабизе]

Диалектазда рехъе́б рагIул руго гьадинал формаби: рехъе́б (рехъби́л) (гIанд. сал., куд.; анц. бугьн.), рехе́б (рехби́л) (гьид.; гIанд. кIкIуяд., сугъ., ругъ., хьинд.; щул.), рехе́п (рихпи́л) (бацI., чIохъ.), рехъе́м (рихъми́л) (гIанд. бугьд.), мерхъре́, мирхъ (ми́рхъул) (анц. тIом.), михъи́хер (анц. таш.), нехъе́б (анц. анцIр.), рехе́н, рехе́м (рехми́л) (кул.), рехе́н (рахна́л) (къел.), рихъе́н (къар., тI.-къар.), рехъе́н (бакълъ.).

Жема́ло рагIул вариантал: жемжемраб тIегь, жемардутIегь (анц.), же́мультIегь (центр.), цинги гьидаб жехъе́л букIине ккола кIикомпонентияб.

ГIагарал гIанди мацIазда[хисизабизе | код хисизабизе]

ГIанди мацIазда «рехъеб» абураб гьесел кьола: гIахьв. ахъе́, чIам. ахъи́лв, тIинд. ахъа́р, багв. ахъи́л, гъод. ахъи́л, кIкIаратI. ахъа́ла.

ТIибитIи[хисизабизе | код хисизабизе]

ГIатIидго тIибитIун буго Россиялъул европияб рахъалда, Кавказалда, БакътIерхьул яги Бакъбаккул Сибиралда, Гьоркьохъеб Азиялда.

Бижула бакъхIалал бакIазда, ацIнагьазда, мучIдузда; кьищни-къулулI; рекьулI рикIкIуна чIарлъун.

Аварухъ гьаб регI моччлогохIаздаги дандчIвала.

Гьесел ги хIалтIизаби[хисизабизе | код хисизабизе]

ЧагIаз хIалтIизабулаан цебегоялдаса нахъе. ГьалъулI руго психотропиял алкалоидал, тIанхазулI руго рекIелал гликозидал.

ХIайваназе рогIолI ккезабунги кьола. Болъоназ бузазда кьалбалцин куна.

Рехъбил мажлъи (рижунжалазул кьибил бахун эхедехун рахъ) квани, гьелъ риххел щвезабула. ЦIакъго квеш руго кьалбал. Гьеб кун цIакъго унтарула чуял. ГьелъулI буго загьруяб пицIмахIаб конвольвулин абураб жо.

II ранкалъул гьоцIцIо кьолеб чIахI. ТIугьдузулI руго нектарги хIурцинги, жидеде наял, хIутIал ги лаплапал руссунел. Масала, Agrius convolvuli абураб лаплап. 100 тIогьоца кьола 100 мг хIурцин.