Халип:ЛъикӀал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Суракъат — аваразул нуцал, жив, цо-цо баяназда рекъон, XI гІасруялда, цогидал баяназда, XII вукІарав. Нуцал Саратанил вас.

Бакихановасда рекъон, Абу Муслим вукІун вуго гьижрияб V гІасруялда, ай 1009 ва 1107 соназда гьоркьоб заман. Суракъат нуцалил заманалда гІуцІула тах ирсалъе кьеялъул тартиб, жинда рекъон Суракъатил ирсалъул варисзабазе гурони ихтияр букІинчІеб Аваристаналъул тахида рукІине.

Суракъатил рагІият букІана насранияб ва жугьутІ дин ккурал, хъанчие лагълъи гьабулел. Нуцал рикІкІунев вукІана цІакъ къуватав, рагІи билъарав бетІерлъун. Авар нуцаласе мутІигІал рукІана Шамахалдаса бахъараб Кабардаялде щвезегІан ругел киналниги халкъал, тушал ва чачанал. Императорасулаб географияб жамагІаталъул хъвай-хъвагІаялда рекъон, Суракъатица «ханлъи гьабулаан буго Шамахалдаса бахъараб Кабардаялъул гІорхъоде щвезеган ругел халкъазе, чачанал ва тушиял абуни рукІана гьесул рагІиятчагІилъун».

↪ жаниса цӀализе›››

Пайда босизе Пайда босизе