Халип:Аннотация/Ислам
Ислам (ГӀараб: الإسلام - Аль-Ислам; [al-ɪsˈlæːm]) - монотеизмалъулаб, ибрагьимияб гӀаламалъул дин. «Ислам»-абураб рагӀиялъул таржама гьабизе бегьула «мунго Аллагьасе мутӀигӀав гьави», «мутӀигӀлъи», (Аллагьасул къануназухъ) «гӀенекки». ГӀараб мацӀалда "ислам"-абураб рагӀи буго «сах-саламатго вукӀине», «хвасарлъизе», «цӀунун хутӀизе», «эркенав вукӀизе»-абурал рагӀабазул магӀна кьолеб "سلم" глаголалдасан лъугӀараб предметияб цӀар. ШаргӀияб терминологиялда ислам буго цохӀого-цо вугев Аллагьасда иман лъей, Гьесие мутӀигӀлъи, Гьес хӀарам гьабуралдаса инкар гьаби, Гьес хӀалал гьабураб -къабул гьаби; гьединго политеизмалдаса ва ширкалдаса камилаб инкар гьаби.
Тарихалда Исламалъе кьучӀ лъураб заман рикӀкӀуна VII гӀасру, МухӀаммад аварагас ﷺ дагӀват гьабизе байбихьараб заман. Амма Исламалъул гӀакъидаялда рекъон киналго цере рукӀарал аварагзаби ва расулал, Муса авараг вукӀа, (Моисей), ГӀиса авараг вукӀа (Иисус Христос), рукӀана батӀи-батӀиял миллатазул, халкъазул гӀадамазухъе хӀакъаб дин - Исламги босун рачӀун, гьезда тавхӀид малъизе рачӀун. Амма заман унщинахъе, гӀадамаца жедехъе щвараб дин хисизабулеб букӀана, гӀемерал бидгӀаби журан, гьитӀинабги, кӀудиябги ширк гьабун, цӀидасан хъанчазе гьабулеб букӀараб лъагълъи-гӀибадат гьабизе лъугьун, тӀадежоялъе Мукъадасал тӀахьазда хиса-баси гьабун. МухӀаммадин абуни ﷺ, гьев вуго Исламалъул ахирисев авараг, жиндихъ ТӀадегӀанас Къуръан вахӀью гьабурав.