Перейти к содержанию

ХӀусенил МухӀаммад Апанди

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ХІусенил МухІаммад Апанди» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
тIарикъаталъул устар, муршид
1862
ГIуриб, Дагъистан
p27
1967
ГІуриб

ГIуриса ХIусенил МухIаммад Апанди, — (гІур. Шейх Хусенил Мухаммад афанди), (1862 - 1967), ГIуриб, ДагъистаншафигӀил мазгьабалъул гӀалимчи, тӀарикъаталъул устар, муршид.

Гьавуна 1862 соналъ ГӀуриб росулъ, Шамилил районалда, Дагъистан жумгьурияталда. Исламалъул гӀалимчи, Дагъистаналъул бусурбабазул рухІияв цевехъан, Накъшубандияб ва Шазалияб тӀарикъатазул муршид.

ХIусенил МухIаммад Апандиясул тIоцевесев тIарикъаталъул устар ккола ГIасаса ГIабдурахIман ХIажияв [хв. 1909г]. Жеги ХIусенил МухIаммад Апандиясе тарбия кьуна Сайфуллагь Къадияс [хв. 1919г], КъахIиса ХIасан Апандияс [хв. 1937г], Гьандихъа ХIумайд Апандияс [хв. 1952г].

ГIуриса ХІусенил хъизан - ПатIимат, машгьурав гIалимчи Дибир хIажиясул яс. Гьезие гьаруна ясал: Мариям, Загьидат, ГьитIинапатIимат, ХIаписат, Умакусум, ва цо вас: МухIаммад.

ГIуриса ХІусеница лъеберго соналъ бахчун буго ХIасан апандияс жиндихъе 1920 соналъго кьураб ижаза, кидалъизегIан гьеб бахчун толеб, - абун 1950 соналъ ХIумайд апандиясул рахъалдасанги ижазаялъул амру тIаде бачIинегIан.

ГIуриса ХІусеница ижаза кьуна КъахIиса МухIаммад ГIарип апандиясе, Лъахъа ХIамзат апандиясе, Инхоса ГIабдулхIамид апандиясе.

1944 - 1957 соназ ГIуриб росу Чачаналде гочараб мехалъ, ХIусенил МухIаммад Апандица гIумру гьабуна Гъогъолъ росулъ. Къого гIанаб соналъ Гъарданущив масжидалъул будунлъун вукIун вуго. Жиндилъ бугеб гIелмуги бахчун гьенив вукIарав дибирасухъ гIелму цIалулев вукIунаанила гьев, гьоркьо-гьоркьоб дарс бицунаго гъалатI ккезеги биччалаанила живго тIатинаредухъ. Гьединан Гъарданущив вукIарав Сайпуллагь Къадиясдасан балъго пайда босулев вукIарав гьесда Сайпуллагь Къадияс хирияв ГIали асхIабасул букIараб халгIатги ретIанила[мухІкан гьабизе ккола].

ХIусенил МухIаммад Апанди хвана 1967 соналъ ва гьесул хоб буго ГIуриб росулъ.

2011 соналъул май моцIалда МахІачхъала шагьаралда рагьана ХIусенил МухIаммад Апандил цIаралда бугеб мажгит.[1] 2011 соналъул июл моцIалда букIараб Дагъистаналъул гIалимзабазул данделъиялда хIукму гьабуна Гъогъолъ росулъ гьесул цIаралда мадраса базе.[2]

ХIусенил МухIаммад Апандил тIахьалги назмабиги руссинарун руго гIемерал мацIцIазде.

МагӀарул тӀахьал

[хисизабизе | код хисизабизе]
  • Назмаби

ХIалтIизабураб адабият

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. ^ Джума-намаз в новой мечети
  2. ^ На маджлисе алимов решили построить новое медресе

Цойгидал сайтал

[хисизабизе | код хисизабизе]