МахӀмуд Жалалудин-апанди ад-Дагъистани

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
МахІмуд Жалалудин-апанди Дагъистани
тур. Mahmud Celaleddin Efendi Dağıstanî
[[Файл:|300pxpx|]]
МахІмуд Жалалудинил квералъ гьабураб хъвай-хъвагIай
Гьавураб мехалъ букІараб цІар: МахIмудил Мавдуд
Гьабулеб хІалтІи: хатIатІ, гIалимчи
Хъулухъал: турк каллиграфиялъул устар
Гьави: 1750 Дагъистан Дагъистан
Хвей: 1829 ГӀусманилазул империя ГӀусманилазул империя
ВатІанчилъи: ГӀусманилазул империя ГӀусманилазул империя
Миллат: магIарулав
Эмен: шайих МахIмуд-апанди
Мадраса, мазгьаб: суннитав


МахІмуд Жалалудин-апанди Дагъистани (тур. Mahmud Celaleddin Efendi Dağıstanlı, гьав. 1750 соналъ) — турк каллиграфиялъул устар, хатIатІ, гIалимчи.

Гьави[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьавураб тарих мухIканго лъалеб гьечIо, амма 1774 соналда хъвараб цо пуланаб мажмугIалда ругел баяназда рекъон, МахIмуд­ апанди гьавураб сонлъун рикIкIине бегьулеб буго 1750 сон.

ГІусманиязул империялде ин[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьев Турциялде вачIана жиндирго эмен накъшубандияб тIарикъаталъул шайих МухIамад-­апандигун цадахъ[1]. ва гIумру гьабизе тIаса бищула ГIусманиязул империялъул тахшагьар Истамбул. Рокъоб ислам диналъул гIелмаби цIаларав, гIараб хатIалдехун гIишкъу ккарав ва пагьму бугев МахIмуд Жалалудиница хIукму гьабула доб заманалъул машгьурал хатIатал Ахъ Малла ГIумар­апанди, МухIаммад Расим­апандил тIалиб ГIабдулатIип­апанди, Ямакзаде СалихI­апанди ва Абубакар Рашид­апанди гIадал устарзабазухъа дарс босизе. Амма, цо биценалда рекъон, хъачIаб гIамал­-хасияталъул, согIаб тIабигIаталъул чи вукIиналъ, гьез МахIмуд восун гьечIо жидедаго цеве цIализе. Сабур гьабунгутIиялъе гIиллалъун магIаруласе хасиятаб гIамалкIодолъиялъул асар жиндилъ букIиналъ, цониги устарасул дарс, бетIералдаса байбихьун аххаде щвезегIан бачун, тIадкъарал хIалтIаби тIуран, кколеб ижаза босун гьечIо МахIмуд Жалалудиница. Гьединлъидал, живго хIалтIун, доб заманаялъул турказул машгьурал хатIатал шайих ХIамдуллагьил ва хIапиз ГIусманил асаразухъ балагьун, хъвадаризе ругьунлъиялъ, жинцаго жиндирго махщел цебетIезабун ва устарасул даражаялде вахун, цо хасаб стилалъул бетIергьанасул даражаялде щола МахIмуд Жалалудин.

ГIелмияб гIумруялъул байбихьуда гьев магIарулав турк жамагIаталда жанив лъалаан МахIмудил Мавдуд абураб цIар гъоркь хъварал асараздалъун. Хадуб гьес босана МахIмуд Жалалудин абураб цIар. Гьелъие гIиллаги лъаларо.

Устар гьечIого, живго жинцаго гIезавун, бищун машгьурав хатIатлъун вахъарав МахIмуд Жалалудин­апанди, шайих ХIамдулагьил ва хIапиз ГIусманил хъвай­хъвагIаязда тIад халатаб заманалъ хIалтIулаго, гьес жиндирго хасаб "Жалали ХатI" абураб машгьураб цо къагIида ургъула ва гьелъул хIасилалда, "насхI" хатIалъул школалъул бетIерасул даражаялда гьайбатаб цо къагIидаялъул бетIергьанлъун лъугьуна гьев[2].

Нахъе тараб ирс[хисизабизе | код хисизабизе]

МахІмуд Жалалудинил хатI
МахІмуд Жалалудинил хатI

Бечедаб ирс нахъе тана МахIмуд­апандица. Гьесул цIакъ берцинаб хатIалъ хъварал Къуръаналъулги, Къуръаналъул аятазулги ва диниял шигIрабазул, дугIабазул тIахьазги, хъорщодаги, ххамидаги хъварал шигIрабазул мухъазги, батIи-­батIиял хатIазул мисалал жанире рачарал мажмугIазги жидерго мустахIикъаб бакI ккун буго турказул музеяздаги коллекциябаздаги. Гьединго гьес нахъе тана некIсиял хатIазул асаразда релълъенарун хъварал шигIрабиги мажмугIалги.

Амма, биценазда рекъон, гьесул цогидаб, «жали сулс» абураб хатI букIун буго дагьабго хъачIаб, камиллъи гьечIеб, хIаракал загIипаб. Гьеб сабаблъун, гьеб дандекквезе бегьулареб букIун буго гьесулго заманаялъул машгьурав цогидав хатIат МустIапа Ракъимил хIаракатаб ва хIалуцараб сурат бугеб гьайбатаб къагIидаялде. Гьеб гьедин бугониги МахIмуд­апандил машгьурав тIалиб МухIаммад ­ТIагьирил бихьизабиялда рекъон, султІан ГIабдул Мажидица жиндир заманалда МустIапа Ракъимил нух босараб хатIатазул цо къокъа МахIмуд Жалалудин-­апандил нухдасан билълъине тIамун букIун буго. Амма падишагь хун хадуса гьезул гIемерисел жидерго устарасул нухде тIадруссун руго.

«Ислам каллиграфиялъул вакилзаби» абураб макъалаялъул автор МухIамад ­ТIагьирица гьадинаб къимат кьолеб буго магIаруласул махщелалъе:

«ХIатта бищун ругьунаб, гIадатаб хIалтIицин МахIмуд Жалалудиница гьабулаан цIакъ ургъун, кIваркьун. Жиндирго килщазда къаламги нахъбилълъинабулаго, гьес щибаб хIарпалъе кьолаан цо хасаб, такрарлъи гьечIеб гугьар».

Цогидаб асаралда тIадегIанаб къимат кьолеб буго устарасул махщалилал къагIидабазе:

«МахIмуд Жалалудин вукIана анцIила кIиго батIияб хатIалъул бетIергьанлъун ва жеги цIиялги ургъулел рукIана гьес. Гьелда релълъараб жо дунялалда букIинчIо. Дагъистанияв вукIана тIадегIанаб къадруялъул ва устарлъиялъул инсан. Гьелъул бицунеб хIужалъун ккола, гьев вукIин султан Селим III­-абилесул эбел МихІрамшагь Валиде СултІанил хабада, тарихияб мармар ганчIида гьарурал хъвай­хъвайгIаязул авторлъун».

ГІусманиязул империялда билълъараб практикаялда рекъон, падишагьасул пурманал хъвалеб цо хасаб хатI букIун буго – "дивани хатI" абураб. Гьеб хатIалъ МахIмуд Жалалудиница падишагьасул пурманал хъвалел рукIанилан абураб жо кибниги хъван гьечIониги, амма дивани хатIалъ МахIмудица хъвараб ва гьес гъоркь квер лъураб цо шигIруялъ нугIлъи гьабулеб буго гьев гьеб хасаб хатIалъулги кIудияв, бажари бугев устар вукIараблъиялъе. Гьаниб абизе ккола, МахIмуд Жалалудин­апандил чIужу Асма Ибратицаги танин жиндирго цIар хатIалъул сангIаталдайилан.

Ахираб заманалда Турциялда гьарурал цIех­рехазул хIасилалда ратана МахIмуд Жалалудин­апандица нахъе тарал гIемерал асарал: хъорщода, ганчIида, ххамида, батIи­батIиял бакIазда гьарурал хъвай­ хъвагIаял, гьесул квералъ хъварал диниял шигIрабазул мажмугIал ва гьел гурел цогидалги. Гьединго ратун руго гьесул лъади Асмал ва тIалиб МахIмуд­ТIагьирил квераз хъварал асаралги.

Хвел[хисизабизе | код хисизабизе]

Михришах Валиде СултІанил тюрбе. Гьанив вукъун вугин хъвалеб буго МахІмуд Жалалудин

Истамбулалда, Босфоралъул рагIалда бугеб Иставроз районалда хъизангун цадахъ гIумру гьабулев вукIарав МахIмуд Жалалудин­апанди ад­-Дагъистани хвана 1829 соналда (гьижрияб 1245) ва вукъун вуго шайих МахIмудил дергахIалъул хабалазда. Гьанже гьев кIудияв гIалимчиясул ва хатIатасул хоб бугеб бакI лъалеб гьечIо, амма гьесул жибго зани цIунун буго гьеб дергахIалда. Гьеб зонода гІусманиязул мацІалда хъван руго гьадинал рагIаби: Huvel­Hayyul­Baki. Meєayih­i hattatinden Cennetmekan merhum ve mağfur Mahmud Celalledin Efendinin Ruh için el- Fatiha. Sene 1245, гьелъул магIна буго гьадинаб: Абадияв гIицIго Дов вуго. ХатIат шайихзабаздаса Алжаналда бакI щварав, рахIмат насиблъарав ва БетIергьан тIасалъугьарав МахIмуд Жалалудин­ апандил рухIалъе гIоло ал­ПатихIа. Сон 1245 (1829).

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]