Казбекова, Викторил Людмила

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
мугІалим
6 декабр 1983(1983-12-06) (40 лет)
Дагъистан, Бабаюрт
p27
Казбеков Виктор
Надежда Кабировна

Викторил Казбекова Людмила (гІур. Казбекова Людмила Викторовна; гь. 1983 соналъул 6 декабралъ) – йиго жиндие "Дагъистаналъул мустахӀикъай учител" абураб цӀар шварай Бабаюрталъул гьоркьосеб школа-интернаталъул мугIалим ва ЦӀадаса ХӀамзатил цӀаралда бугеб мацӀалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул аспирант. Гьелъ кьола гIурус мацIалъул ва адабияталъул дарцал.


ГIумрухъвай[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьаюна 1983 соналъул 6 декабралъ Бабаюрт росулъ.

ЛъугIинабуна Бабаюрталъул гьоркьохъеб школа №1.

Гьелдасан хадуб 1999 соналъ гьей цIализе лъугьана МахIачхъалаялда бугеб Дагъистаналъул ХIукуматалъул университеталда филологиялъул факультеталда.

2006 соналда гьебги лъугIун, гьелъ цIалана аспирантураги, амма жеги гьеб лъугIун гьечIо, гьанже диссертация хъвалей йиго. Гьебго мехалъ жиндирго росулъ бугеб №11 школа-интеранаталда хIалтIизе байбихьана[1].

2009 соналъ гьей гIахьаллъана гIурус гьанжесев хъвадарухъан А. Костюниница гьабураб «Бищун лъикIаб къиса хъваялъул» конкурсалда ва гьений бергьана «НакIкI»-илан абураб къисаги хъван.

Бергьенал[хисизабизе | код хисизабизе]

Людмила Викторовналъул мугӀалимлъиялъул гьунаралъе хIужабилъун чIола гьелъул лъималазул бергьеналъаби:

  • 2015 соналъ тIоцебесеб бакI ккуна гьелъул цIалдохъанас тIолго Дагъистаналъул лъималазда гьоркьо тIобитIараб гIурус адабияталъул олимпиадаялда[2].
  • 2014 соналъ лъабабилеб бакI ккуна гьелъул цIалдохъанас тIолго Дагъистаналъул лъималазда гьоркьо тIобитIараб гIурус адабияталъул олимпиадаялда.
  • 2014 соналъ лъабабилеб бакI ккуна гьелъул цIалдохъаналъ тIолго Дагъистаналъул лъималазда гьоркьо тIобитIараб гIурус мацIалъул олимпиадаялда.
  • 2009 соналъ гьей гIахьаллъана гIурус гьанжесев хъвадарухъан А. Костюниница гьабураб «Бищун лъикIаб къиса хъваялъул» конкурсалда ва гьений бергьана «НакIкI»-илан абураб къисаги хъван.
  • Гьел гурони жеги гIемер бергьенлъаби руго гьелъулги гьелъул цIалдлхъабазулги батIи-батIиял конкурсазда.

ХӀужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. КАЗБЕКОВА ЛЮДМИЛА ВИКТОРОВНА - аспирант Института языка, литературы и искусства им. Гамзата Цадасы Дагестанского научного центра Российской академии наук
  2. "Archive copy". Архивация оригинал (2015-09-23). Халагьи 2015-08-30. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)CS1 maint: archived copy as title (link)

Линкал[хисизабизе | код хисизабизе]