Перейти к содержанию

Дюмезил, Жорж

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Халип:ГӀалимчи

Жорж Эдмон Дюмези́л (Georges Edmond Dumézil; 4 марталъ 1898 Париж Франциялъул республика11 октябралъ 1986 Париж Франциялъул республика) — францяилъул мифолог ва филолог-компаративист, лъабго функциялъул теориязул автор[1] (балагье гъоркьегӀан).

Гьев гьавуна франгазул армиялъул капитанасул хъизаналда. Жорж гьавураб мехалъ, гьесул эмен вукӀана колониалиял аскаразда хъулухъ гьабулев Тунисалда.


МацӀазда тӀад чӀей гьаби

[хисизабизе | код хисизабизе]

Кавказалъул мацӀазда тӀад хӀалтӀарал къватӀиса пачалихъазул гӀалимзабазул кьерда мустахӀикъаб бакӀ ккола машгьурав франгав гӀалимчи-филолог, фольклорист Жорж Дюмезилицаги (1898–1986). Амма Кавказалде вачӀун гуреб гьес гьел мацӀазул гӀелмияб цӀех-рех гьабураб. ГӀалимчияс жиндирго гӀумруялъул цӀикӀкӀарасеб заман бана Турциялда ва гьенире гочарал Кавказалъул мугьажирзабаздасан лъазаруна гьезул мацӀалги, гӀадаталги, кӀалзул гьунарги, хъвана гьезул хӀакъалъулӀ гӀелмиял хӀалтӀабиги.

ТӀоцебесеб нухалъ Жорж Дюмезил Турциялде вачӀана Турциялъул тӀоцевесев президент Мустапа Кемал Ататюркил гьариялда рекъон. ГӀолохъанаб турк пачалихъалъул президентасе къваригӀун букӀана жидерго университетазул цоялда диназул тарихалъул дарсал кьезе. Гьелъул мурадги букӀана жамагӀаталда жаниб диналъул асар загӀип гьаби. Гьединлъидал гьесда лъикӀаблъун бихьана Истамбул университеталда цӀи рагьараб кафедраялъул бетӀералда цо франгав гӀалимчи тезе. Жорж Дюмезилица Истамбул университеталда гьеб хъулухъ билълъинабуна 1926 соналдаса 1931 соналде щвезегӀан.

1930 соналда Дюмезил байбихьана Кавказалъул мацӀал лъазаризе. Байбихьуда гьес рагӀа-ракьанде щун лъазабуна эрмени мацӀ, хадуб гӀалимчияс хӀукму гьабуна диаспораялда ругел асатиназдаса гьезул рахьдал мацӀ, ай гьинд-европаялъул батӀияб мацӀлъун жиб кколеб асатин мацӀ лъазабизе. Амма, Шималияб Кавказалъул диаспораялда гӀемерал мацӀал рукӀин лъараб мехалъ, Дюмезил, асатин мацӀги тун, батӀиял мацӀаздехун машгъуллъана.

ТӀоцебесеб иргаялда гуржи, хадуб убих мацӀал лъазаруна машгьурав гӀалимчияс. Гьелдаса хадуб, лъабго Кавказ мацӀалъул группаялдаса (картвел, абхаз-адиг ва нах-дагъистан) батӀи-батӀиял мацӀазул цӀех-рех гьабулаго, системаяб къагӀидаялда жиндирго хӀалтӀаби рилълълъинаруна.

ГӀалимчияс гьел мацӀал, тӀахьаздаса гурел, Турциялда рукӀарал Кавказалдаса гочарал мугьажирзабазул росабалъе ун, гьенив гӀадамалгунги Истамбулалада чӀарал кавказалъулалгунги дандчӀван, гьелгун хӀалтӀун, лъазаруна.

Жорж Дюмезилица Турциялда лъазаруна гьал хадусел мацӀал:

Адиг мацӀалъул гӀаркьеллъун кколеб кабардин мацӀ гӀалимчияс лъазабуна Айдемир Ашкинидаса, шапсуг мацӀ – ХӀусейн Шеми Тюмеридаса, убих –Тевпик Эсенчидаса.

Байбихьуда жинца лъазарурал мацӀазул хӀакъалъулӀ Жорж Дюмезилица паранг мацӀалда чанги тӀехь хъвана ва басмаялда бахъана. Гьале гьел:

  • La Langue des Oubykhs (Убих мацӀ), 1931.
  • 1932 ва 1935 соназда гӀалимчияс басмаялда бахъана ингуш мацӀалъул хӀакъалъулӀ кӀиго тӀехь.
  • «Contes Lazes» («Лаз маргьаби»), 1937.
  • Адиг мацӀалда хъварал текстазул тӀехь, 1938.

Гьебго заманалда Жорж Дюмезилица батӀи-батӀиял журналазда бахъана Кавказалъул мацӀазул хӀакъалъулӀ анлъго макъалаги.

Чачан, ингуш, магӀарул ва лаз мацӀазул хӀакъалъулӀ гӀалимчияс хъварал тӀахьал рукӀана цӀакъ дурусал, камилал, гъалатӀ гьечӀел, гьезул халгьабизе ва гьел къачӀа-кӀатазецин кколароан.

Амма абхаз-адиг мацӀазул цӀех-рех гьабун хъварал тӀахьазул хӀакъалъулӀ гьеб жо абизе кӀолароан. Щайгурелъул гьенир риччан рукӀана гӀемерал гъалатӀалги, дандеккунгутӀиялги, ратулаан мухӀканлъи гьечӀел бакӀалги. Гьединлъидал цодагьаб мехалдасан гӀалимчи цӀидасан гьел хӀалтӀабазде тӀадвуссана, ва гьенир гьес гӀемерал хиса-басиял гьаруна, гьезул хӀасил къачӀа-кӀатӀана. Хадув Дюмезил живгоги мукӀурлъана гьелъие: «Гьаб заманалъул дирго транскрипцияби дица цӀакъ кӀваркьун хъвана», – янги абун. Гьедин дагь-дагьккун бечелъулеб букӀана Дюмезилил жиндирго фонетикияб транскрипциялъул система.

Кавказалъул мацӀазул бищунго кӀвар бугеб элементлъун гӀалимчияс рикӀкӀунаан пигӀлу (глагол). Гьес абулаан, цо пуланаб мацӀалъул кӀул бати бараб бугила гьеб каламалъул бутӀаялдаса пайда босизе бажариялдайилан.

Грамматикаялда морфологиялдаса синтаксисалъул цӀикӀкӀун кӀвар бугилан пикру загьир гьабулаан Жорж Дюмезилица. Жеги битӀун абуни, морфология синтаксисалда бухьараб бугилан.

1927 ва 1937 соназда гьоркьоб Дюмезилил кӀиабилеб гӀелмияб мурад букӀана Кавказалъул мацӀал дандеккураб цо грамматикияб хӀалтӀи хъвазе. Гьелъие гӀоло гьес байбихьана тӀахьаздасан лъазаризе цере жинда лъаларел рукӀарал цогидал Кавказалъул мацӀалги: бацби, гӀанди, агъул, рутул, удин, арчи, цӀахур. 30-абилел соназде гьев гӀалимчиясда лъалаан 25 Кавказалъул мацӀ.

МацӀалъул гӀелмуялда Дюмезилица лъураб бутӀаялъул рахъалъ Турциялда гьарурал гьесул хӀалтӀаби руго цӀакъ кӀвар бугеллъун.

30-абилел соназда Кавказалъул мацӀал (жеги битӀун абуни, абхаз-адиг мацӀал) дандеккураб цо грамматика хӀадур гьабизе гӀоло гӀалимчияс хъвана лъабго тӀехь:

  • Études comparatives sur les langues caucasiennes du Nord-Ouest (Шимали БакътӀерхьул Кавказалъул мацӀазул дандекквеялъул этюдал), 1932.
  • Introduction à la grammaire comparée des langues du Caucase du Nord (Шимали Кавказалъул мацӀазул дандекквеялъулаб грамматикаялде байбихьи), 1933.
  • Recueit et Recherches comparatives sur le verbe caucasien (Кавказалъул мацӀазда фигӀлу (глагол) дандекквеялъулал цӀех-рехал ва хӀалбихьи), 1934.

1934 соналда Дюмезил тӀадвуссана Франсиялде, амма Бакъбаккулал маданиятазул институталъул кавказологиялъул отделениялда гьесие хӀалтӀи кьечӀо. ГӀалимчиясул хӀалтӀабиги цӀиял рагьиялги цогидал кавказоведазе рекӀее гӀечӀо. Профессионал хӀисабалда къого соналъ рехун гьес тана кавказология.

1954 соналда Дюмезилида рагӀана Маняс (Турция) абулеб бакӀалда убих мацӀ бицунев жеги чанго чи хутӀун вугилан, амма гьелда щаклъи бижарав чи, гьев ана гьениве, гьеб хабар битӀараб бугищали балагьизе. Жинда рагӀараб хабар битӀараб букӀин батарав гьес хӀукму гьабуна гьенивго хутӀизе.

Турциялда хутӀиялъул кӀиго мурад букӀана гӀалимчиясул. ТӀоцебесеб, убих мацӀ хвасар гьабизе, щай гурелъул гьеб мацӀ бицунев чи я Кавказалда, я дунялалъул цогидаб бакӀалда хутӀун вукӀинчӀелъул. КӀиабилеб мурад букӀана цогидал Шималияб БакътӀерхьул Кавказалъул мацӀазул этюдазда тӀад хӀалтӀизе. Дюмезил 1954 соналдаса байбихьун живго хвезегӀан (1986), гӀемерцӀул (1972 соналде щвезегӀан) Турциялде вачӀун, гьеб программа лӀугӀизабизе гӀололъун хӀалтӀана. Гьел соназда гьес хъвана ва басмаялда рахъана кӀикъоялда анцӀгоялдса цӀикӀкӀун макъалаги тӀахьалги. 1960 соналдаса I967 соналде щвезегӀан гӀалимчияс рахъарал тӀахьазул цо серия буго гьадинаб: «Dokuments anatoliens sur les langues et traditions du Caucase» («Кавказалъул мацӀазул ва гӀадатазул хӀакъалъулӀ анатолиялъулал документал»). Гьел ккола лаз, абхаз, адиг ва убих мацӀазе сайигъат гьарурал тӀахьал.

Жинцаго хъвараб щинаб жоялъухъ кидаго цӀакъ кӀваркьун валагьулаан Жорж Дюмезил ва кавказологиялъул журналазда рахъулаан цӀияб бербалагьи, материал жиделъ ругел макъалаби. ГӀалимчиясул пикруялда рекъон, 60-абилел соназдаса хадуб Кавказалъул мацӀазул транскрипциялъул система мухӀканго баянлъана.

МацӀалъул гӀалимзабазе Дюмезилил бищунго кӀвар бугеб хӀалтӀилъун ккола «Le verbe Oubykh» («Убих фигӀлу [глагол]») (1975) абураб монография. Аслияб куцалда гьеб хӀалтӀи гӀицӀго убих мацӀалда гуребги киналго Шимали БакътӀерхьул Кавказалъул мацӀаздаги бухьараб буго.

Живго хвелалде цеве Дюмезилие бокьун букӀана убих мацӀалъул лугъат басмаялда бахъизе, амма хвалица гьелъие квал-квал гьабуна. Гьеб иш жиндаго тӀаде босана гьесул бищунго божарав ва хадув кумекчилъунги вукӀарав профессор Жорж Шарашидзеца (1930-2010). Жинцаго лӀугӀизаричӀел ялъуни басмаялда рахъичӀел хӀалтӀаби Дюмезилица Шарашидзее тана.

Шарашидзе вукӀана, Франциялъул кавказологиялъул кӀудияв авторитет хӀисабалда, Дюмезилил ирсилавлъун. Санаца, жиндирго мугӀалим киниги, Турциялда ругел кавказалъулазул росабазда гӀелмиял цӀех-рехал гьаруна гьесги. Гьедин, чанго соналъ Турциялда ругел Гюней, Эсадия ва Султания абурал магӀарул росабалъги хӀалтӀун, гьес 1980 соналда Парижалда басмаялда бахъана «МагӀарул мацӀалъул грамматика» («Grammaire de la langue Avar») абураб монография.

ХвезегӀан Шарашидзе хӀалтӀана Парижалда бугеб Бакъбаккул мацӀазул ва маданиятазул миллияб институталъул кавказологитялъул отделалъул нухмалъулевлъун.

Дюмезил ва гьесул рукӀарал цӀалдохъабазул (масала, Шарашидзе, ялъуни адиг мацӀалъул специалист Катерине Парис ва ц.) букӀана лъабго даражаялдаса лӀугьараб оригиналияб хӀалтӀул система:

ТӀоцебесеб даража: Кавказалъул мацӀазул цояб бицунев чиясухъ гӀинтӀамизе, гьеб мацӀ хъвазе.

КӀиабилеб даража: цого мацӀалда (ялъуни диалекталда) цого текст чанго чиясда такрар гьабизабизе, хӀасил дандекквезе.

Лъабабилеб даража: цого текст батӀияб мацӀ (ялъуни диалект) бицунел гӀадамазда такрар гьабизабизе ва хъвазе.

Дюмезилил пикруялда рекъон, хӀалтӀул гьеб система букӀана, мацӀалги гьабураб жоги дандекквезе гӀоло, бищунго дурусаб ва бищунго къиматаб тартиблъун.

Кавказалъул култураялъул гӀелмияб интерес гьабулизеги буго кӀудияб кӀвар Дюмезилил гӀелмиял асаразулги хӀалтӀабазулги. Гьенир ругел церерагӀабазги, текстазги, батӀи-батӀиял хъвай-хъвагӀаязги баян гьарула ва рагьула Кавказалъул халкъазул унго-унгояб гӀумруги, божиялги, рухӀги. Нартазул дастаназ, Кавказалъул бахӀарчиял харбаз, Кавказалъул цебесеб гӀумруялъулги рагъазулги хӀакъалъулӀ биценаз, кӀудияб гочиналъул ракӀалдещвеяз, Турциялда ругел Кавказалъул мугьажирзабазул росабалъ бугеб къойил гӀумруялъ, анекдотаз, махсарабаз цӀакъ чӀагояб цо сурат лӀугьинабулаан.

Гьеб сурат жакъа лӀугӀун буго. Дюмезилилгун ялъуни гьесул цӀалдохъабигун цадахъ хӀалтӀараз, кӀалъалаго, жидерго мацӀал жеги берцинго, жеги гъваридго, жеги бичӀчӀулеб къагӀидаялда рицунаан ва пикру загьир гьабулаан. Амма жакъа гьедин гьечӀо.


  1. Элиаде М. Трёхсоставная индоевропейская идеология // Элиаде М. История веры и религиозных идей. Том первый. Глава VIII. § 63.