Перейти к содержанию

Дунялалъул мацӀал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Аслиял мацӀазул хъизаназул карта
МацӀазул хъизанал

2020 соналде Ракьалда буго 7111 мацӀ[1].

Коммуникациялъул цебетӀейгун чӀагоял мацӀазул къадар дагьлъулеб буго кӀиго анкьида жаниб цо мацӀ тагӀиналъун гьоркьохъеб хехлъиялда[2].

40 бищун тӀибитӀараб мацӀалда кӀалъала кинабниги халкъалъул 2/3 бутӀа. Бищунго гӀемерисел кӀалъала син, хинди, ингилис, испан, гӀараб, гӀурус, португал мацӀазда. ГӀезегӀанго тӀибитӀун буго паранс мацӀ, амма гьеб рахьдал мацӀлъун рикӀкӀунезул къадар дандеккун дагьаб буго.

Жакъа къоялде буго 400-ялдаса дагьалъ цӀикӀкӀун мацӀал, жал тӀагӀунел ругеллъун рикӀкӀунел.

МацӀал хола гьезда кӀалъалел ахирисел чагӀигун, ва гьединлъидал тӀоцебе жидер мацӀ тӀагӀиналъул хӀинкъи буго хъвай-хъвагӀи хӀалтӀизабуларел халкъазе.[3].

МацӀал хвеялъул гӀиллабазул цояблъун ккола жидеда кӀалъалезул къадар бащатго бикьун гьечӀолъи. Гьедин, дунялалъул халкъалъул 80%-алде тӀаде кколеб буго 80 мацӀ, 3,5 азар мацӀалде — халкъалъул цохӀо 0,2%. МацӀ тӀагӀиналъул процессалъул аслиял гӀиллабилъун рикӀкӀуна глобализация ва миграция[4].

Гьанже ругел мацӀазул гӀага-шагарго бащалъи хӀалтӀизариялдаса ине руго XXI гӀаслуялъул бащалъиялде[5]. ГӀемерал мацӀал тӀагӀунел руго гьезда кӀалъалез дагьабги къуватаб мацӀалъулаб сверухълъигун гьабулеб контакт сабаблъун, гьединлъидал бищун цере жидее тӀагӀиналъул хӀинкъи бугеллун ккола жидерго пачалихъ гьечӀел гьитӀинал халкъазул мацӀал. МацӀ лъазабулел лъималазул къадар 70 %-алдаса дагьаб батани, гьеб мацӀ рикӀкӀуна тӀагӀунеб бугеблъун. ЮНЕСКО-ялъул «ТӀагӀиналъул хӀинкъи бугел дунялалъул мацӀазул атласалда» рекъон, жакъа къоялъ Европаялда тӀагӀиналъул хӀинкъи буго гӀага-шагарго 50 мацӀалъе.

Бищунго тӀагӀиналъул хӀинкъиялда гъоркь ругел мацӀаллъун ккола Австралиялъул аборигеназул, Индокитаялъул, Америкаялъул, Африкаялъул ва континентаздаса ратӀаго ругел чӀинкӀиллъабазул мацӀал. Бищун щулияллъун ккола Европаялъул мацӀал — Европаялъул улкаби руго цебетӀурал, гьенир гӀумру гьабун руго гӀемерал гӀадамал, гьединлъидал цо мацӀалде кӀалъалезул чанго азар чи тӀагӀаниги, мацӀазе хӀинкъи кколаро.

МацӀазулаб систематика

[хисизабизе | код хисизабизе]

Хъизан ккола аслияб мартабатлъун, жинда тӀад кинабниги мацӀазулаб систематика балеб. Хъизан буго баянго, амма рикӀкӀадго гӀагарал мацӀазул группа, жидер кьучӀаб сияхӀалда (Сводешил сияхӀалъул нусго рагӀи бугеб вариант) рагӀабазул данде ккей 15 %-алдаса гъоркье кколареб. Мисалаллъе балагье Евразиялъул мацӀазул хъизаналъул сияхӀалде яги Африкаялъул мацӀазул хъизаналде.

Щибаб хъизаналъе гӀаркьалабузул, гурппабазул ва гь. р. сияхӀазе баян кьола гӀадаздаго ратӀа гьарун рихьизарулел группалъабиги, гьезул цоцаде гӀагарлъиялъул даражаги, гӀуцӀулезде риххиялъул заманги хӀисабаде росун. Амма гьелдаго батӀ-батӀиял хъизаназул гӀаркьалаби ва группаби рукӀине кколаро гъварилъиялъул цогом мартабалъул, кӀвар бугеб жолъун ккола гьезул цо хъизналда жаниб бугеб дандекквеяб тартиб.

Мисалалъе, индоевропаялъулаб хъизаналъе ратӀа гьарун рихьизаризе бегьула хадусел гӀаркьалаби: анатолиял, тохариял, кельт, балтгун славянияб, индоираналъулаб, германиязулаб, италиялъулабгун-романияб, грекгун македониялъулаб, эрмениязулаб, албан ва жал шартӀияб къагӀидаялъ палеобалкъанияб зонаялде жанире рачунел некӀсиял мацӀазул кьер, жа

Цоги мисалалъе, нахгун дагъистаналъулаб мацӀазулаб хъизаналъул гӀаркьелаллъун ккола: вайнах, авар-гӀанди-цез, тум, даргин, лезги ва хиналугалъулаб гӀаркьалаби.

Билингвизм ккола кӀиго мацӀалда кӀалъазе кӀвей. ГӀемерисел жидерго пачалихъ гьечӀел ва жидер мацӀалъул расмияб статус гьечӀел гӀадамал ккола билингваллъун. КӀиго ялъуни чанго мацӀалда кӀалалел гӀадамазул къадар цӀикӀкӀунеб буго.

Бищун тӀиритӀарал мацӀазулал хъизанал

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. Индоевропаялъулал мацӀал ~ 2,5 млрд кӀалъалезул, романиял мацӀал, индоариял мацӀал, германиял мацӀал ва балтгун славян мацӀал гъорлӀе рачун;
  2. Сингун тибеталъулал мацӀал ~ 1,2 млрд кӀалъалезул, аслияб син мацӀги гъорлӀе бачун;
  3. Уралгун алтаялъулал мацӀал (тӀадхъизаналъул мартабат бугеб гӀуцӀи) ~ 500 млн кӀалъалезул, аслиял тюрк мацӀалги гъорлӀе бачун.

Дунялалъулабго кӀвар бугел мацӀал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьанжесел халкъаздагьоркьосел мацӀаллъун рикӀкӀине бугьула[6] (кӀалъалезул гӀаммаб къадаралъул цӀикӀкӀаралдаса дагьалде):

50-ялдаса циІкӀун миллион чиясе рахьдалаллъун кколел мацӀал. Баянал: Ethnologue[7] макромацӀал (син, гӀараб) рикӀкӀинчӀого
Ранг МацӀ Рахьдалаб КӀиабилеб КӀалъалезул гӀаммаб къадар
1 Син мацӀ[8] 1,2 миллиард 300 миллионалде гӀунтӀун 1,5 миллиардалде гӀунтӀун
2 Ингилис мацӀ[6] 500 миллион 1 миллиардаалде гӀунтӀун 1,5 миллиардалде гӀунтӀун
3 Испан мацӀ[9] 425 миллионо 125 миллионалде гӀунтӀун 550 миллионалде гӀунтӀун
4 ГӀараб мацӀ[10] 300 миллион 120 миллионалде гӀунтӀун 420 миллионалде гӀунтӀун
5 ГӀурус мацӀ 170 миллион 130 миллионалде гӀунтӀун 300 миллионалде гӀунтӀун
6 Португал мацӀ[11] 230 миллион 30 миллионалде гӀунтӀун 260 миллионалде гӀунтӀун
7 Герман мацӀ[12] 120 миллионов 80 миллионалде гӀунтӀун 200 миллионалде гӀунтӀун
8 Паранс мацӀ[13] 75 миллион 195 миллионалде гӀунтӀун 270 миллионалде гӀунтӀун

Халкъаздагьоркьосел мацӀал тӀиритӀиялул карта

[хисизабизе | код хисизабизе]

МацӀазул хӀакъалъулӀ макъалабазул индекс

[хисизабизе | код хисизабизе]

Публикациялде бахъараб сияхӀалъе балагье ISO 639-1 (аслияб 136 мацӀалъе list of ISO 639-1 кодазул сияхӀ), дагьабги тӀубараб сияхӀ балагье ISO 639-3 (2013 соналъул июналде бугеб 7874 мацӀалъе list of ISO 639-3 кодазул сияхӀ). Лингвосфериябобсерваториялъул буго баяназул база (LS-2010) с более чем 32 800-ялдаса цӀикӀкӀун кодги 70 900 мацӀалъул цӀарги бугеб.

Балагье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. Ethnologue — крупнейший в мире каталог языков (инг.)
  2. Почти половине языков мира грозит исчезновение
  3. "Когда умирают языки". Архивация оригинал, 2011-07-22. Щвей 2020-04-17.
  4. "Мир теряет языки". Архивация оригинал, 2011-07-19. Щвей 2015-07-05. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help)
  5. Роман Фишман Лингвистический гомункул // Популярияб механика. — 2017. — № 5. — С. 78-82. — URL: http://www.popmech.ru/magazine/2017/175-issue/ Архивация 2017-04-23 Wayback Machine
  6. 1 2 The triumph of English: A world empire by other means | The Economist
  7. Summary by language size
  8. China — Wikipedia, the free encyclopedia
  9. El español será la segunda lengua de comunicación internacional
  10. "L'arabe". Архивация оригинал, 2013-02-26. Щвей 2020-04-17. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  11. Ethnologue report for language code
  12. Ethnologue: Statistical Summaries
  13. La francophonie