Перейти к содержанию

Датуна гьатӀан

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Датуна гьатӀан
Ошибка Lua в Модуль:Wikidata на строке 334: Функция для отображения значения не найдена..
Дин
Ккола Гуржи ортодоксалияб килисаялъул
Префектура Шамилил мухъ
Экклесиасатияб яги организацияб статус ХӀалтӀизабулареб
Year consecrated X–XI гӀасраби
Статус Халип:РФ-ялъул халкъазул маданияб ирс
БакӀ
Локация ДатунатӀа
Пачалихъ Россия
Территория Дагъистан
Префектура Шамилил мухъ
Архитектура
Тайпа Базилика/гьатӀан

Датуна гьатӀан буго гьоркьохъел гӀасрабазул гьатӀан, жиндие кьучӀ X гӀасруялъул ахиралда — XI гӀасруялъул байбихьуда лъураб.[1] Эбо гьитӀинаб базилика, гьанжесеб Шамилил мухъалъул ДатунатӀа росулӀ бараб.[2] ГьатӀан босун буго федералияб кӀвар бугел маданияб ирсалъул обйектазул реестралде.[3]

ГьатӀан буго Шамилил мухъалъул ДатунатӀа росдада аскӀоб, лъарал рагӀалда, ГьатӀан-бугеб-кӀкӀал абулеб бакӀалда.

ГьатӀан бан буго X гӀасруялъул ахиралда — XI гӀасруялъул байбихьуда гуржи миссионерзабаз. XIII гӀасруялда реххун тараб гьеб, XIX гӀасруялъул къокъабго заманалда жаниб букӀана хӀалтӀулеб. Кавказалъул рагъул заманалда, гьатӀан букӀана имам Шамилил рахъалде рачӀарал гӀурус солдазе гӀибадат гьабиялъе.

Бан буго гуржиязул къуба гьечӀел, жанахӀ-типалъул килисабазул къагӀидаялда. Къадал лъун руго месед-тӀогьилаб хъиругьецӀоялъ. ГьатӀаналъул халалъи буго 9,1 м, гӀеблъи буго 5,7 м, борхалъи – 8 м. ТӀохтӀа ккун буго рици. ГьатӀаналъул буго лъабго рагьу — бакътӀерхьудаса, бакъбаккудаса ва централияб шималалдаса. Ахирисеб буго кӀкӀалахъе балагьараб, сундуе гьеб букӀарабали лъалеб гьечӀо. Гордал руго чӀчӀедерал. Минаялъул цо рахъалда руго кӀикъадал, хӀужрабиги (келион) ругел (гьелъ нугӀлъи гьабизе бегьула монахал рукӀараблъиялъе). XX гӀасруялъул 20-л соназдаги гьенир рукӀарал фрескаби рихьизе бегьулаан.

Жакъа къоялъ гьатӀан чӀобоголъун буго; гьелъие вандалазул ва "чӀегӀерал" рухъарухъабазул заралги камулеб гьечӀо.