Перейти к содержанию

МухӀамад Гунашев

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Гунашев МухIаммад» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
МухӀамад Гунашев
Гьави 1936
ЦӀатӀанихъ, Унсоколо мухъ, ДАССР, РСФСР, СССР
Хвей 8 март 2013 (76 сон)
ВатӀанчилъи Халип:Флаг / СССР
Россия
Миллат аварав
Адабияб гьунар
Лъайщвей Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультет
Пишаялъул тайпа
  • ШагӀир
Дебют «ГIолохъабазул гьаркьал» (коллективияб тIехь), 1961

Гунашев МухӀамад Гунашил вас (гьавуна 1936 соналъ - хвана 8 март 2013 соналъ) — дагъистаналъул хъвадарухъан ва мугӀалим.

МухӀамад гьавуна 1935 соналда Дагъистаналъул Автономияб Советияб Социализмаялъул Республикаялда Унсоколо районалда ЦӀатӀанихъ росулӀ.

Гьесул тӀоцересел асарал бакӀалъул газеталда хъван руго. Гьезул цояб «Дагестанская правда»-ялда басмаялда бахъун буго. ДГУялъул филиал дос занятиязде инчӀого лӀугӀизабуна. ХалтӀиялъул пиша байбихьизабуна МухӀамадица байбихьул классазул учителлъун, цинги хӀалтӀана Рилъаб районалъул «Заря коммунизма» газетаялъул жавабияв редакторлъун. 1962-ялдаса 1976-ялде Унсоколо районалъул «Садовод» газетаялъул редакциялда хӀалтӀана, цин литератураялъул хӀалтӀухъанлъул, цинги редакторлъун. МухӀамад Гунашев Хасавюрталда «НасихӀат» авар газетаялъул редакторалъул заместителлъун хӀалтӀана.

2000-ялдаса Россиялъул хъвадарухъаназул союзалъул член вуго дов. СССР-алъул журналистазул союзалъул членлъун вукӀана. 1954 соналда МухӀамад Гунашевасул асарал «Дружба» альманахалда басмаялда рахъуна. 1961 соналда гӀолохъанав шагӀирасул асарал «Голоса молодых» сборникаялде лӀугьана. 1974 соналда тӀоцӀебесеб «Мелодия гор» сборник бахъана. 1989 соналда Дагучпедгизалда «Вечный очаг» асаразул тӀехь бахъана. 2000 соналда МахӀачхъалаялда шагӀирасул «Избранное» тӀехь бахъана. Гьесул гӀемерал асарал кучӀдуллъун лӀугьана. МухӀамадие «В. И. Ленинасул 100 сон гьавураб къоялъул хӀурматалда» медаль кьуна. ХъахӀабросулӀа МахӀмудил цӀаралда бугеб жамгӀияб литератураялъул премиялъул лауреат вуго дов.