АхӀмад Чинар

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
АхӀмад Чинар
тур. Ahmet Çınar
Байрахъ
Байрахъ
12-ев Чанакъалаялъул мэр
Байрахъ
Байрахъ
 май 2013 сон
 
Дин: Ислам, суннияб мазгьабалъул
Лъимал: васал: Сурхай
ясал: ГIайишат
Миллат: аварав
Партия: РитІухълъиялъул ва ЦебетІеялъул Партия
Хъулухъ: Сиясатчи

Ахlмад Чинар (тур. Ahmet Çınar, гьав. Гёксуналда, 1966 с.), — Турциялъул сиясатчи. Ичичlалиса гочарав Гичил наслуялъул чи.

Биография[хисизабизе | код хисизабизе]

АхIмад гьавуна 1966 соналда Кахраман-Мараш вилаяталъул Киреч абураб гьитIинаб магIарул росулъ. Гьесул умумул ккола 1884 соналда Дагъистаналъул Ичичlали росулъа ГIусмани империялде гочарал мугьажирзаби.

Байбихьул лъай АхIмадие щвана жиндирго росулъ, гьоркьохъеб школа ва индустриалияб лицей лъугIизабуна Кахраман-Марашалда. 1983 соналда АхIмад лъугьана цIализе Истамбул университеталъул социалиял гIелмабазул факультеталде ва 1987 соналда лъугIизабуна гьеб юристасул дипломгун.

АхIмадида лъикI лъала рахьдал мацIги. Гьесие цIакъ бокьула жиндирго миллат, гьелъул тарих ва культура.

Сиясатияб хъулухъ[хисизабизе | код хисизабизе]

1993-1994 соназда АхIмад вукIана Англиялда стажировкаялда. 1995 соналдаса нахъе гьев вуго пачалихъияб хъулухъалда. Гьедин, 2005-2007 соназда гьев вукIана Истамбулалъул администрациялъул туризмалъул ва культураялъул комитеталъул бетIерлъун, 2008-2010 соназда экономикаялъул министрасул заместителасул канцеляриялъул нухмалълъулевлъун, 2011 соналдаса нахъе, цIияб хъулухъалде тIамизегIан, Адана вилаяталъул Сейхан шагьаралъул бетIерлъун[1].

Творчество[хисизабизе | код хисизабизе]

Пачалихъияв хIалтIухъан гуревги Турциялда АхIмад лъала гьунар бугев хъвадарухъан хIисабалдаги. Гьес хъвала прозаялъул асаралги сокIкIула шигIрабиги. Масала, гьесул «Дун каймакан вукIана, дица кинабго хъвачIо» абураб тIехь Турциялда лъугьана бестселлерлъун[1].

Хъизан[хисизабизе | код хисизабизе]

АхIмадил чIужу Кулсум ккола магIарулай, гьезул буго кIиго лъимер: яс ГIайишатги вас Сурхайги[1].

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. 1,0 1,1 1,2 АхIмад МуртазагIалиев (10.12.2021). "Турциялъул шагьаралъул бетIер – магIарулав". «ORIENT» журнал. avariya.wixsite.com/orient. Халагьи 2022-02-24. {{cite web}}: Check date values in: |date= (квеки)