Ахалсихъ хъала

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Ахалсихъ хъала (гуржи: ახალციხის ციხე) — гьоркьохъел гӀасрабазул хъала, Ломсия цӀаралда гъоркь IX гӀасруялда Гуржистаналъул жанубалда бугеб Ахалсихъ шагьаралда бараб, дагьалъ цебегӀан жиндие глобалияб реставрацияги гьабураб. Самцхе-Джавахети вилаяталъул Вардзиялда цадахъ бищун кӀвар бугел гӀарасазул цояб.[1]

ЦӀар[хисизабизе | код хисизабизе]

Хъалаялъул тӀоцебесеб цӀар XI гӀасруялда букӀана Ломсиа, гуржи мацӀалдаса гъалбацӀ–илан таржама гьабизе бегьулеб, XII гӀасруялъул ахиралда Ломсияялъул бакӀалда хъалаялъе щвана Ахалсихъ абун цӀар, гуржи мацӀалда Ахалцихе — «ЦӀияб хъала». «Рабати» абураб цӀар, жиб гьеб хъалаялъе цо-цо хӀалтӀизабулеб, аслияб къагӀидаялъ хӀалтӀизабулеб буго реставрациялдаса хадуб, гьеб рагӀул бачӀинги буго жугьутӀ яги гӀараб мацӀалдаса, гьеб рагӀиялдалъун бихьизабула бокьараб щула гьабураб бакӀ бихьзабула. Рабати–ян гӀемерисеб абулаан хъалаялъуб букӀунеб букӀараб дармил роххаде, рабат-роххада цере гӀумру гьабун рукӀунаан жугьтӀал-базаргаби ва устарзаби, амма реконструкциялдаса хадуб гьеб цӀар рекӀана кинабниги хъалаялда хадуб.[2][3] Ахалсихъ шагьаралъул муниципалитеталъул расмияб веб-сайталда ва Facebook-алда бугеб хъалаялъул расмияб гьумералда хӀалтӀизабулеб буго цӀар «Ахалсихъ хъала (Рабати)» яги жибго «Ахалсихъ хъала».[4] ГӀемерисел тарихиял документазда хъала рехсолеб буго Ахалсихъ хъала гӀадин.[5]

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Хъалаялъул план 1830 с.

Ахалсихъ хъалаялде цебе букӀараб буго Ломсиа хъала, гьанжесеб Ахалсихъ шагьаралъул гӀурхъабазулӀ жиндие IX гӀасруялда Тао-Кларджетиялъул таватлъиялъул кьучӀ лъурав I Ашотил вас Гуарам Мампалица кьучӀ лъураб. IX гӀасруялъул ахиралда Ломсиа лӀугьана гуржиязул Чорчанели рукъалъул Джакъели таватиязул кьолболаб бетӀергьанлъиялъулаб бакӀлъун; гьел таватиял рукӀана бечедал ва къадру бугел феодалал ва гьоркьоса къотӀичӀого Багратиони динатиялъулӀ къец балел. Тамара пачаялъул бетӀерлъиялъул заманалда, XII гӀасруялъул ахиралда Джакъели тухум иргадулаб нухалъ лӀугьана бетӀерлъи гьабулеб букӀараб пачалъиялъулаб наслугун дандечӀчӀеялде ва бахъана жиндие къуваталдалъун гуржи тах нахъбуссинабизе къваригӀун букӀарав Тамарал рос Гергида цадахъ. Дандерахъин къинабидал, Тамара пачаялъул буюрухъалда рекъон рихиналъукье ккараб Джакъели тухумалъул ракь-мулк кьуна Чорчанели рукълъиялъул цогидаб гӀаркьелалъухъе, жиндидаса цӀияб Джакъели наслу лӀугьараб, заман ингун гьеб лӀугьана Жанубияб Хъизихъалъул бищун ссилиял тухумазул цояблъун. Гьезул къуват-жаналдалъун Ломсиа лӀугьана шагьарлъун, жиндир цӀияб цӀар Ахалсихъ (Ахал-цихе, ЦӀияб хъала) бугеб, хъала гуребги, гьениб букӀана кинабго шагьар цӀуниялъул система — рорхатал къадал, цӀунарал рагьуял ва хъаравуллъиялъул сиял.[6]

XIV гӀасруялъул тӀоцебе бащалъуда Джакъели таватиязе V Георгий пачаяс кьуна атабегасул титул, гьелдаса хадуб халатаб заманалъ Ахалсихъ лӀугьана Самцхе таватилъиялъул тахшагьарлъун. Хъалаялъул территориялда бана атабегазул резиденция — Джакъели кӀалгӀа, ва гьединго насранияб килиса. XIV гӀасруялъул ахиралда Ахалсихъ хъала кӀудияб зарал ккана Рекъав Тимурил аскаралъул ракьал рахъиялъулаб рагъулаб сапар сабаблъун. Нусго сон индал дагьабги цӀикӀкӀараб къварилъи бачӀана Ахалсихъе, тӀубарабгӀанасеб шагьар Якъуб-шагьасул тюрк аскаралъ бухӀидал.[6]

1578 соналъ ГӀусманияб империялъ байбихьана Самцхе таватилъиялъул ракьал рахъизе, гьелъул бутӀруз байбихьуда хӀал бихьана данде чӀчӀей гьабизе, амма къуват букӀинчӀо гьелъие гӀураб. 1579 соналъ Джакъели таватияз разилъухъе кьуна Ахалсихъ турказул кодобе, Джакъели таватиял лӀугьана жидеца тӀоцебе ислам босарал гуржи феодалазул цояллъун. Гьелъ кумек гьабуна Джакъелиязе жидерго хӀакимлъи цӀунизе, ва 1628 соналъ гӀусманияз шагьар пашалыкъалъул марказлъун лъазабидал, таватияз атебегасул ирсилаб титут хисана пашаясул титулалдалъун. Гьедин байбихьана Ахалсихъ хъалаялъул цӀияб период, гьеб лӀугьана кӀвар бугеб щулалъилъун ГӀусманиязул империялъул гӀорхъода.

Турказулгун рагъ унаго, 1828 соналъул августалда Ахалсихъ лӀугьана кӀудияб рагъ И. Ф. Паскевич генераласул нухмалъиялда гъоркь бугеб гӀурус аскаралдаги (9 аз. чи) ва Къияс-МухӀамад-пашал нухмалъиялда гъоркь бугеб 30-азараб турк армиялдаги гьоркьоб. Турек аскарал щущахъ риххизарун нахъе къана, гьелдаса хадуб хъала босана гӀурусаз.1829 соналъул фебруаралда турк аскараз хӀал бихьана хъала гӀурусазул кодоса бахъизе. турецкие войска попытались отбить крепость. Ахалсихъ хъала цӀуни генерал Муравьёвасул нухмалъиялда гъоркь халатбахъана 1829 соналъул 20 фебруаралдаса 4 марталде щвезегӀан. ТӀоцебесеб гьужум нахъе кьабидал, гарнизон къуркьичӀо жеги 12 къоялъги, гьелдаса хадуб тӀаде щвана кумек, туркал нахъе къана.

Ахалсихъ рагъул план 1853 с. (Богданович М. И. Бакъбаккул рагъ 1853–1856 сонал).

1853 соналъ Хъирималъул рагъул заманалъ, Ахалсихъ хъаладухък битӀун букӀана 18-азараб турк аскар ГӀали-пашал нухмалъиялда гъоркь, амма гьеб чӀчӀезабуна гиназ И. М. Андрониковасул 7-азараб аскаралъ, жиб аслияб къагӀидаялъ гуржи иррегуляриял рекӀараз гӀуцӀун букӀараб. Къокъаялъ бергьенлъи ккуна, жинца гӀемериселъ ГӀусманиязул империялъул Жанубияб Кавказалде тӀадекъай чӀчӀезабураб.

Архитектура[хисизабизе | код хисизабизе]

Шагьар гӀуцӀун букӀана лъабго бутӀаялдаса: шагьар, кӀалгӀа ва щулалъи. КӀалгӀа сверунккун букӀана лъабго сангаралъ ва сверун бугеб территориягун цолъизабун букӀана туннелаздалъун. Территориялда рукӀана азбар-къоно, арсенал, гӀарцухана, хӀамам ва килиса. Гуржистаналъул бетӀер ХӀажи АхӀмад-пашаца 1772 соналъ гуржи килисабазул кьучӀалда бана мажгит, Истанбулалъул Ая-Софиялъул стилалда бугеб, мадраса ва минара. Мажгит хӀалтӀулеб букӀана 1828 соналде щвезегӀан (кинабниги 76 соналъ), хадуб 1850 соналъ гӀурус пачаясул буюрухъалда рекъон гьеб буссинабуна килисаялде ва гьедин хӀалтӀана 1920 соналъ-лъагӀан (кинабниги 92 соналъ).

ГӀусманиязул кверщаликь бугеб заманалда Ахалсихъ хъала кӀодолъана, гьеб лъугьана щулияб цитаделлъун эххебе балагьараб кьурул тӀогьиб.[7]

Реставрация[хисизабизе | код хисизабизе]

Сипат-сурат[хисизабизе | код хисизабизе]

Ахалсихъ хъала, 7 гектар бугеб территориягун[8], бикьун буго кӀиго бутӀаялде: ТӀасияб (тарихияб) ва Гъоркьияб (гьанжесеб). ТӀасияб хъалаялда руго Самцхе-Джавахет икълималъул тарихияб музей, жибги Джакъели тухум-кьолбол кӀалгӀаялда бугеб, ХӀаджи АхӀмад Пашал мажгит, мадраса, пашал хоб-рукъ, IX гӀасруялъул ортодоксалияб килиса, цитадель ва амфитеатр.

Хъалаялъул гъоркьияб бутӀаялда руго аслияб къагӀидаялъ туристазе хъулухъ гьабиялъул объектал: гьоболрукъ, ресторан, кӀиго кафе-бар, чӀагӀдал цагъур, брендазул тукаби, ва гьединго Ригьназул рукъ. Туристазе кумекалъе гӀуцӀун буго информационияб центр, рачӀаразе гуржи, ингилис ва гӀурус мацӀазда хъварал жузал ва нухмалъунтӀанчал кьолеб.[9]

ХӀужжаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Параванское землетрясение 13 мая 1986 года - Google Книги
  2. [1]
  3. ""რაბათი – ტოლერანტობის სიმბოლო"".
  4. "Ისტორია".
  5. https://books.google.ge/books?id=QpkiAQAAIAAJ&q=akhaltsikhe+castle&dq=akhaltsikhe+castle&hl=en&sa=X&ved=2ahUKEwjyq7L324bzAhVOSvEDHZ0YBOQQ6AF6BAgGEAI
  6. 6,0 6,1 "РабатӀ хъалаялъул тарих". Архивация оригинал (2021-10-18). Халагьи 2021-10-18. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  7. Гуржистан, Ахалсихъ, РабатӀ хъала | Роман Мироненкол блог
  8. Гуржи РабатӀ хъалаялъул реставрация лӀугӀун буго
  9. Цитатинабиялъул гъалатӀ:Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб test -лъе текст бихьизабун гьечІо