Аваразул ярагъ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Аваразул ярагъКавказалъул рагъул заманалда ва гьелде щвезегIан магIарулазул яргъилаб сурсат.

Яргъил кӀвар[хисизабизе | код хисизабизе]

« «Дагъистанияс живго мурадалде щваравлъун рикIкIунаан йокьулей чIужуги, гъабардаязул чуги, базалай абураб ханжарги, мадьяразул туманкIги бугони», - ян хъвалеб буго гIалимчи ХIасан Алкъадарица[1]. »

Хвалчаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Хунжрузул кIудияб машгьурлъи Кавказалда букIун буго нилъер эраялде щвелалде XIII гIасруялда. МагIарулазул хунжрул рукIана чIахIиял ва бакIал, гьезда цохIо гъуризе гурони, борлъизе кIолароан. Гъабардаялдаса хвалчаби рукIана чIедерал, цIакъго чIахIиял гурел. Шапсугазул хвалчаби - къокъал ва гIатIидал, гьез лъураб ругъун хвалилаб букIунаан[1].

МагIарухъ жеги-харги цIунун хутIун руго парс, гIараб ва цогидалги мацIаздаса рачIарал некIсиял хвалчабазул ва хунжрузул цIарал. Масала, мисриязул хвалчен (Египеталдаса бачIараб), паранг хвалчен (Франция), тисс маймун (Димишкъалдаса машгьураб хвалчен, цогидаб яргъида гьоркьоб гьелъул кIудияб къимат букIана).

Тарихчи Маркъо ШагIбановасул рагIабазда рекъон, Наполеонилгун букIараб рагъдаса ва Кавказалде гIурусазул пачаясул аскараз гьабураб гьужумалдаса хадуб, гIурусазул нухмалъиялда бичIчIана жидерго хвалчаби, цогидал халкъазул яргъида дандеккун, гIемерго къадарал рукIин. Хвалчабийин абуни Кавказалда раккана Россиялдасаги цере[1].

ТункIал[хисизабизе | код хисизабизе]

Мадьяразул тункIал. Гьелда абулаан мажариланги. БакIлъи букIана 18 килограмм. Гьелда мажарин абиялъе гIиллаги букIана – нилъер умумул татаразул Маджар абураб шагьаралде даран-базаралъ щолел рукIин.

ТункIихер[хисизабизе | код хисизабизе]

МагIарулаз тункIихер хIадурулаан бищунго гIадатияб куцалда. ГIемерисел росабалъ мажгиталъул къел ракьанда яги годекIанир рукIунаан жаниса рикIарал кIудиял ганчIал. ТункIихер къваригIарав чияс вачIун гьенивегун, балаан гьеб ганчIида жанибе чIабатIгун тIурччи ва селитра. Цинги, чанго чиги тIаделъун, цо цIулал алаталъ хIарулаан гьеб кинабго. Гьелъул лъугьараб хIур, дагьабго лъимги тIаде тIун, буцулаан. Гьеб жо балаан чахъдал тIомол гьабураб таргьинибе[1].

Цинги гьеб кутакалда кIобокIулаан буцараб жоялъул гарал лъугьинегIан. Гьел гаралги цIалкIиниреги ран цIалкIулаан. Гьедин цIалкIун бачIараб хIур кколаан тункIихер. Дол хутIарал гаралги цIидасан цIалкIулел рукIун руго гьагъабго хIур лъугьинегIан. Гьедин тункIихер гьабулел бакIал рукIанила Даргъорги, Унсоколорги, Веденорги, Гъунирги. Гьенире селитрагун чIабатI бачIунеб букIун буго Кьохъа, Муниса, Гъуниса, ХIотIочIиса, Хьиндахъа, Нахъахьиндаллъиялдаса ва ГIандаллъиялдаса. Рагъулаб хъулухъ гьабиялда бащалъулеб букIун буго гIадамазе гьеб иш. Гьелда цадахъго тункIихарие хIажатаб жо гьел мастерскаязде щвезабурал хъизамазе имамасул рахъалдаса гIарцул 1,5 гъурущги кьолеб букIун буго.

Ярагъ къанагIатаб мех букIиналъ гIурусазул гIарадабаздасан риччарал гумпараби ракIараралъухъги цо-цо росабазул гIадамал магъалоялдаса эркен гьарулел рукIун руго Шамилица.

Гьединго магIарулазда лъалеб букIун буго гранатаби цIезеги. Амма тункIихер гIураб къадаралда букIинчIолъиялъ гьез гьел салулги цIезарун, гумпараби гIадин речIчIулел рукIун руго тушманасда[1].

ГIарадаби ва ракетаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Имам Шамилица гIуцIараб «Имамат» пачалихъалда киданиги букIун гьечIо артиллерия. ГIарада гьабизе Дагъистаналда байбихьун буго XVIII гIасруялда ва цохIо Кубачи гурони тIокIаб кибниги гьабулебги букIун гьечIо. Руго баянал Надир-шагь Дагъистаналде вачIунаго гьесухъа чанго гIарада бахъун букIанинги, амма хадур гьел кирниги хIалтIизарунин абураб баян гьечIо.

Шамилида кIвана артиллерия рагъулаб тайпаялде гъорлъе бачине[1].

Ракетаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьединго магIарулаз хIалбихьулеб букIун буго жидерго ракетабиги гьаризе. Гьел гьаризе гьезда малъулеб букIана Шамилил рахъалде вачIарав гIурусазул солдатас, гьесда абулеб букIун буго ГIурус ХIасанилан. Гьеб букIун буго XIX гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда Великобританиялъул армиялда хIалтIизабулеб букIараб, Уильям Конгрив абурав чияс ургъараб ракета.

Амма гьединаб ракета хIадуризе ккани, хIажалъулаан лъикIаланго къадар маххул ва тункIихералъул. Гьезул абуни мугIрузда кIудияб къанагIалъи букIана. Гьединлъидал гьеб ракетаялдаса пайда босизе рес щвечIо доб мехалда[1].

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. 1,0 1,1 1,2 1,3 1,4 1,5 1,6 Даку Зургъалов (19.03.2022). "МагIарулазул ярагъ: хвалчабигун тункIихер, хадур - гIарадаби ва ракетаби". Онлайн-журнал «Ориент». avariya.wixsite.com/orient. Халагьи 2022-04-04. {{cite web}}: Check date values in: |date= (квеки)

Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]

  • ХӀажи-Мурад Доногъо, «Военная история аварцев» // МахӀачхъала, 2015 с.