Перейти к содержанию

ТӀабигӀат

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

ТӀабигӀат, ялъуни натура, ялъуни бижел, бищун гӀатӀидаб магӀнаялда, буго физикияб дуниял яги ТӀолгодунял. "ТӀабигӀат" гӀахьалаб буго физикияб дуниялалъул феноменалъе, ва гьединго гӀумруялъе гӀаммго. ТӀабигӀаталъул цӀех-рехел ккола гӀелмуялъул кӀудияб, цо бугеб батичӀониги, рахъ. ГӀадамал тӀабигӀаталъул бутӀалъун кколел рукӀаниги, инсанасулаб жигарчилъи ва пиша гӀемерисеб бичӀчӀула тӀабигӀатазул цогидал загьиратаздаса батӀаго бугеб категория гӀадин.[1]

ТӀабигӀат абураб рагӀи буго гӀараб мацӀалдаса бачӀараб. Натура абураб рагӀи буго бачӀараб латин natura абураб рагӀудаса, "букӀиналъул къагӀида, бижухъеяб хасият" магӀна бугеб, ва некӀо заманалда жиндир хӀарпккураб магӀнаги гьари, рижи абун букӀараб.[2] НекӀсияб философиялда, natura гӀемерисеб хӀалтӀизабулаан латин мацӀалде грек фюсис (φύσις) рагӀи буссинабизе, гьебги байбихьуда букӀана гъветӀ-хералъул, хӀайваназул ва дунялалъул цогидал хаслъабазул жанисел характеристикабазе гӀахьал гьабулеб рагӀи.[3][4] ТӀабигӀаталъул концепция, гӀаммаб хӀалалъ физикияб тӀолгодунялалъул, буго оригиналияб бичӀчӀел гӀатӀид гьабиялъул цояб;[1] гьеб байбихьана Сократида цересел философчагӀаз φύσις рагӀи хӀалтӀизабиялъул аслиял къагӀидаби баян гьариялдас (доб заманалъ гьеб рагӀул динамикияб роцен букӀаниги, хасго Гьераклитие), ва гьелдаса нахъе дагьлъи гьечӀого букӀана машгьурлъулеб.

Ахирисел чанго гӀасрабазда, гьанжесел гӀелмиял методал раккулеб заманалда, тӀабигӀат лӀугьана пассивияб унголъилъун, жиб илагьиял къануназ гӀуцӀа-кӀутӀулеб ва цбехун бачунеб.[5][6] Индустриалияб революциялдаса байбихьун тӀабигӀаталъул цӀикӀкӀу-цӀикӀкӀун хал гьабизе байбихьана жинде ургъунго гъорлӀе къай гьечӀеб унголъиялъул бутӀа хӀисабалда: гьелъ цо-цо традицияз гьеб рикӀкӀунаан сакралияблъун (Руссо, американ трансцендентализм) яги гӀадатго илагьияб провиденциялъе яги инсанияб тарихалъе декорлъун (Гьегел, Маркс). Амма гьебго заманалда цӀилъана тӀабигӀаталъул виталистияб бихьел, жиб пресократииялде гӀагараб, хасго Чарлз Дарвинидаса хадуб.[7]

РагӀи хӀалтӀизабиялъул гьанжесел батӀи-батӀиял вариантазда, "тӀабигӀат" гӀемерисеб гӀахьал гьабула геологиялде ва гӀалхул гӀумруялде. ТӀабигӀат гӀахьалаб букӀине бегьула чӀагоял гъветӀ-хералъул ва хӀайваназул гӀаммаб рахъалъе, цо-цо нухалъ чӀагоял-гурел объектазда хурхарал процессазе — Ракьалъул гьава-бакъ ва геология гӀадал жал-жалазул хасал тайпабазул рукӀиналъул къагӀидаялъе ва жидедаго рекъон хисиялъе. Гьеб гӀемериселъ къабул гьабула тӀабигӀияб сверухъдунял яги гӀалхуллъи — гӀалхул хӀайванап, кьураби, рохь ва гӀаммго инсанасул хӀалтӀи-пиша сабаблъун жал гьедигӀан хисичӀел яги инсан гъорлӀчӀваниги цӀунун хутӀарал жал гӀадин. Мисалалъе, мануфакутрлъарал объектал ва гӀадамазул гьоркьолъаби гӀаммго абуни рикӀкӀунаро тӀабигӀаталъул бутӀалъун, цохӀо гьезул квалификация гьабичӀони, мисалалъе, "инсанияб тӀабигӀат" яги "тӀолго тӀабигӀат" хӀисабалда. Гьеб ккола натуралиял жалазул дагьабги традиционияб концепция, жиб жакъа къоялъги батизе бегьулеб; гьелда гъоркь бичӀчӀула тӀабигӀияб ва гьунарияб жоялда гьоркьоб батӀалъи, гьунарияб абулеб жо бичӀчӀула инсанасул лъавалъ яги инсанасул гӀакълуялъ гьабураб жо гӀадин. Конкретияб контексталда бан, "тӀабигӀияб/натуралияб" батӀа гьабизе бегьула тӀабигӀияб-гуреб (анатуралияб) яги тӀасатӀабигӀияб (супернатуралияб) жоялдаса.[8]

The Blue Marble, Ракьалъул машгьураб сурат, 1972 соналъ Apollo 17-алъул экипажалъ бахъараб

Ракь буго цохӀого цо жинда гӀумру букӀин лъалеб планета, ва гьелъул тӀабигӀиял хаслъаби руго гӀемерисел гӀелмиял цӀех-рехелазул субъектал. Бакъул системаялда, гьеб ккола лъабабилеб бакъалде гӀагараблъун; гьеб буго бищун кӀудияб ракьдалаб планета ва щуалбилеб киназдаго гьоркьоб. Гьелъул бищун хасиятал климатиял хаслъаби руго кӀиго кӀудияб полярияб регион, цогидазде дандеккун тӀеренал рекъарал зонаби ва гӀатӀидал экваториалиял тропикиял ва субтропикиял зонаби.[9] ГӀазу-цӀадалъул балеб къадар гӀемер бараб букӀуна бакӀалда, лъагӀалида жаниб чанго метралдаса бахъараб миллиметралдаса дагьалдеги щвезегӀан. Ракьалъул тӀасалъиялъул 21 процент буго цӀамгӀалаб лълъим бугел океаназ бацараб. ХутӀараб бутӀа буго гӀуцӀун континентаз ва чӀинкӀиллъабаз, гӀумру гьабулеб ракъдаллъиялъул цӀикӀкӀанисеб бутӀаги ккола шималияб бащдасфераялде.

Ракь цебетӀуна жидеца байбихьудасел шартӀазул лъалкӀал тарал геологиял ва биологиял процессазул хӀасилалда. КъватӀисеб тӀасалъи бикьун буго чанго дагь-дагьккун мигратунел тектоникиял къаназде. Жанисеб рахъ буго хутӀун активияб, пластикияб мантиялъул биццатаб гъатгун ва маххалъ цӀураб ракӀигун, жинца макънатӀияб эгьеллъи генератунеб. РакӀиб лӀугьунеб конвективияб багъарахъдиялъ дюнамиял акционаздалъун генератуна электрикиял чвахаби, ва гьез, жидерго иргаялда, генератуна геомакънатӀияб эгьеллъи.

Атмосфериял шартӀал гӀезегӀан хисана тӀоцере рукӀараздаса чӀагоял формаби рукӀиналъ,[10] гьез гьабула экологияб баланс, тӀасалъиялда ругел шартӀал стабил гьарулел. ГӀеблъелалда ва цогиял географиял факторазда рекъон климаталъул гӀатӀидал ратӀалъиял рукӀаниги, халатболжелаб гьоркьохъеб климат буго гӀезегӀан стабилияб цӀороллъиялъул периодазда гьоркьоб,[11] гьоркьохъеб абуни глобалияб температураялъул цо яги кӀиго градусалъулцин хьвагӀдеялъ тарихияб рахъалъ цӀакъ кӀудияб асар гьабулаан Ракьалъул экологикияб балансалде ва фактикияб географиялде.[12][13]

Геология буго Ракь гӀуцӀарал къвакӀараб ва лъамаяб материялъул гӀелму ва цӀех-рехел. Геологиялъул рахъалъ жанибе бачуна гӀуцӀиялъул (композициялъул), структураялъул, физикиял хасиятазул, динамикаялъул ва Ракьалъул материалазул тарихалъул гӀелмияб цӀех-рехел, ва гьединго гьел киналго лӀугьинарулел, хъилдизарулел ва хисизарулел процессазул цӀех-рехел. Гьеб рахъ буго аслияб академикияб дисциплина, ва гьелъул буго гьединго цӀакъ кӀудияб кӀвар минералал ва гьидрокарбон рахъиялъе, тӀабигӀиял балагьал цереккун лъазариялъе ва гьесул хӀасилал тамах ккезариялъе, геотехникияб инжинериялъул цо-цо рахъазда, букӀараб климат ва сверухъдунял бичӀчӀиялъе.

Атмосфера, климат, гьава-бакъ

[хисизабизе | код хисизабизе]

Ракьалъул атмосфера буго экосистема кколеб аслияб фактор. Ракь сверун бугеб газазул тӀеренаб гъат бакӀалда чӀезабула гравитациялъ. Гьава гӀуцӀун буго аслияб къагӀидаялъ нитрогеналдаса, оксигеналдаса, лъел хӀухьладаса ва дагьабго къадар карбогеналъул оксидалдаса, аргоналдаса ва гь. ц. Атмосфераялъул тӀадецуй дагьлъула борхалъи цӀикӀкӀингун. Озоналъул гъаталъул буго цӀакъ кӀудияб кӀвар тӀасалъиялде щолеб ултрафиолетияб радиациялъул къадар дагь гьабиялда. Ултрафиолетияб радиациялъ ДНЦӀ бигьаго хвезабулелъул, озоналъул гъат ккола РакьалтӀа бугеб чӀаголъи цӀунулеб факторлъун. Атмосфераялъ гьединго цӀунула хинлъи сардил заманалда, гьелдалъул дагьлъизабула температураялъул къойилаб хисарди.

ГӀадамазул гьоркьолъаби

[хисизабизе | код хисизабизе]

Материя ва энергия

[хисизабизе | код хисизабизе]

Ракь тун къватӀиб

[хисизабизе | код хисизабизе]

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]
  • The IUCN Red List of Threatened Species (iucnredlist.org)
  • Ducarme, Frédéric (3 January 2021). "What is nature?". Encyclopedia of the Environment. {{cite web}}: Check date values in: |date= (help)

Халип:Nature Халип:Natural science Халип:Environmental science Халип:Branches of biology

  1. ^ a b Ducarme, Frédéric; Couvet, Denis (2020). "What does 'nature' mean?". Palgrave Communications. 6 (14). Springer Nature. doi:10.1057/s41599-020-0390-y.
  2. ^ Harper, Douglas. "nature". Online Etymology Dictionary. Щвей September 23, 2006. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= (help)
  3. ^ An account of the pre-Socratic use of the concept of φύσις may be found in Naddaf, Gerard (2006) The Greek Concept of Nature, SUNY Press, and in Ducarme, Frédéric; Couvet, Denis (2020). "What does 'nature' mean?". Palgrave Communications. 6 (14). Springer Nature. doi:10.1057/s41599-020-0390-y.. The word φύσις, while first used in connection with a plant in Homer, occurs early in Greek philosophy, and in several senses. Generally, these senses match rather well the current senses in which the English word nature is used, as confirmed by Guthrie, W.K.C. Presocratic Tradition from Parmenides to Democritus (volume 2 of his History of Greek Philosophy), Cambridge UP, 1965.
  4. ^ The first known use of physis was by Homer in reference to the intrinsic qualities of a plant: ὣς ἄρα φωνήσας πόρε φάρμακον ἀργεϊφόντης ἐκ γαίης ἐρύσας, καί μοι φύσιν αὐτοῦ ἔδειξε. (So saying, Argeiphontes [=Hermes] gave me the herb, drawing it from the ground, and showed me its nature.) Odyssey 10.302–03 (ed. A.T. Murray). (The word is dealt with thoroughly in Liddell and Scott's Greek Lexicon Archived март 5, 2011 at the Wayback Machine.) For later but still very early Greek uses of the term, see earlier note.
  5. ^ Isaac Newton's Philosophiae Naturalis Principia Mathematica (1687), for example, is translated "Mathematical Principles of Natural Philosophy", and reflects the then-current use of the words "natural philosophy", akin to "systematic study of nature"
  6. ^ The etymology of the word "physical" shows its use as a synonym for "natural" in about the mid-15th century: Harper, Douglas. "physical". Online Etymology Dictionary. Щвей September 20, 2006. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= (help)
  7. ^ Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб What does nature mean2 -лъе текст бихьизабун гьечІо
  8. ^ Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб What does nature mean3 -лъе текст бихьизабун гьечІо
  9. ^ "World Climates". Blue Planet Biomes. Архивация оригиналалдаса December 17, 2008. Щвей September 21, 2006. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= ва|archive-date= (help)
  10. ^ "Calculations favor reducing atmosphere for early Earth". Science Daily. September 11, 2005. Архивация оригиналалдаса August 30, 2006. Щвей January 6, 2007. {{cite web}}: Check date values in: |access-date=, |date=, ва|archive-date= (help)
  11. ^ "Past Climate Change". U.S. Environmental Protection Agency. Архивация оригиналалдаса May 11, 2012. Щвей January 7, 2007. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= ва|archive-date= (help)
  12. ^ Hugh Anderson; Bernard Walter (March 28, 1997). "History of Climate Change". NASA. Архивация оригинал (January 23, 2008). Щвей January 7, 2007. {{cite web}}: Check date values in: |access-date=, |date=, ва|archive-date= (help)
  13. ^ Weart, Spencer (June 2006). "The Discovery of Global Warming". American Institute of Physics. Архивация оригиналалдаса August 4, 2011. Щвей January 7, 2007. {{cite web}}: Check date values in: |access-date=, |date=, ва|archive-date= (help)