Перейти к содержанию

Лъим

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
71 % ракьалъул цӀун буго лъималъ

Лъим (гьидрогеналъул оксид) — инорганикияб, токІкІараб (каркарараб), тагІамукъаб, махІ ва кьерго гьечІеб химикияб субстанция, жиб Ракьалъул гьидросфераялъул аслияб гІуцІунжоги ва киналниги чІагоялщинал организмазулги лъамалъиялъулги аслуги кколеб (билъунжо хІисабалда жиб бугеб). Лъеда гъорлъ я калориял, я органикиял регьунел субстанциял гьечІониги, гьеб чара гьечІого къваригІуна гІумруялъул лъалел киналниги формабазе.

гьелъул химиялъулаб формула буго - Н2O[1].

Лъималъул молекула буго кӀиго водородалдасанги ва цо — кислородалдасанги лъугьараб жубай. Гьел атомал цоцазда рухьун руго ковалентияб бухьеналдалъун.

Стандартиял шартIазда гьеб букӀуна лъамияблъун, жиндир кьер(дагьаб къадаралда), махӀ ва тӀагӀам гӀечӀеб.

Лъималъул тӀaлъиялда речӀунеб тӀири

Агрегатиял хIалал

[хисизабизе | код хисизабизе]
Лъел фазовияб диаграмма: ось Yмерхьин (Па·10n), ось X — температура (Кельвиназда), S — къвакӀараб букӀин, L — лъамияб, V — гьава, CP — критикияб тӀанкӀ, TP — Лъималъул лъабикьараб тӀанкӀ (273.16°K, 611.73 Па).


Агрегатиял хІалазда лъим букӀуна лъабго батӀияб:

ГӀазул хӀулабазул тайпаби.

Химиялъулал хаслъаби

[хисизабизе | код хисизабизе]
  • Лъим бахъизе бегьула гьал реакциябаздалъун:
  • Маххалъул оксид водородалъ рукIалиде ккезабунги:

Лъим тӀабигӀаталда

[хисизабизе | код хисизабизе]

Дунялалъул океаналда жаниб уна 97,54 % ракьалда бугеб лъел, ракьуда гъоркь бугелъул (подземный) — 0,63 %, цӀорол гІусазул — 1,81 %, гӀоразул ва хӀоразул — 0,009 %, материкабазул цӀамІӀалал лъимазул — 0,007 %, атмосфераялъул — 0,001 %.

Лъамияб лъим букӀуна планетабазул спутниказул гъаталда гъоркь, цIикIкIун рес буго гьеб букIине Юпитер спутникалъул Европаялда букIине.

Гидроло́гия — лъималъул тӀабигӀат лъазабулеб гІелму.

Лъим гьекъей ва гьелъул квен гьаби

[хисизабизе | код хисизабизе]

Чиясул гӀелалдаги цӀайалдаги балагьун инсанасул чорхолъ 50 % бахъараб 75 % щвезегӀан лъим букӀуна[2].

  • Гьоркьохъеб куцалда гӀадан-инсанасул ва гӀурчинлъиялъул ургьимесалда букӀуна 50% лъел[3].
  • Ракьалъул мантиялда жаниб буго, тӀолабго дунялалъул океаналъул лъималдас 10-12 нухалъ цӀцӀикӀун лъим.[4].
  • Гьоркьохъеб гъварилъиялда, 3,6 км, Дунялалъул океаналъ жинда гъоркь бачуга 71% ракьалъул ва гьелда гъоркьобе уна 97,6% кинабниги бугеб лъималъулги.
  • Ракьалда тӀад гъварилъаби ва рорхалъаби рукӀинчӀелани, лъеца Дунял бахчизе букIана 3 км биццалъи бугеб гъаталдалъун[5].
  • Лъим ккола - тӀабигӀаталда цIакъ дагьал ругел жалаздаса. Лъамалъиялдасан цӀерлъун жиб лъугьунеб мехалъ, гьеб кӀодолъула, цӀцӀикӀкIуна (гьединабун цӀцӀикӀкIине кӀолеб цоги жо буго сурьма[6], висмут, галлий, германий ва цоги-цогидал жубаял).
  1. ^ Какие вирусы и бактерии содержатся в воде?
  2. ^ Watson, P. E. et al. (1980) Total body water volumes for adult males and females estimated from simple anthropometric measurements, The American Journal for Clinical Nutrition, Vol. 33, No 1, pp.27-39.
  3. ^ "Наука и техника. Книги. Загадки простой воды". Архивация оригинал (2009-01-22). Щвей 2015-02-23. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  4. ^ Состав и природа минтии Земли
  5. ^ Биосфера Земли
  6. ^ {{{заглавие}}}. — 1990. — ISBN 5-7155-0292-6.
  • Лъим // Брокгаузил ва Ефронил энциклопедияб къамус: 86 томазда (82 т. ва 4 тӀаджубаял.).
  • Лосев К. С. . — Гь. 272.
  • Гидробионты в самоочищении вод и биогенной миграции элементов. — М.: МАКС-Пресс. 2008. 200 с. Предисловие члена-корр. РАН В. В. Малахова. (Серия: Наука. Образование. Инновации. Выпуск 9). ISBN 978-5-317-02625-7.
  • О некоторых вопросах поддержания качества воды и её самоочищения // Водные ресурсы. 2005. т. 32. № 3. С. 337—347.
  • Андреев В. Г. Влияние протонного обменного взаимодействия на строение молекулы воды и прочность водородной связи. Материалы V Международной конференции «Актуальные проблемы науки в России». — Кузнецк 2008, т.3 С. 58-62.