ГӀелму
ГIéлму ккола гIадамасул хIалтIул рахъ, жибги хIакъикъаталда бугеб жоялъул бугеб объективияб лъаялъул хIалтIул рахъиялдеги систематизация гьабиялдеги буссараб. Гьеб хIалтIул кьучIлъун ккола хIужжаби ракIари, гьел цIи гьари ва гьезул систематизация гьаби, гьезул критикияб анализ гьаби, ва гьеб киналъулго кьучIалда, цIияб лъай яги гIаммал хIасилал щвей, жидеца гIелмияб мурадалда тIабигIиялги жамгIиялги рихьулел хIалазул ва лъугьабахъиназул хъвай гуребги, гIилла-хIасилияб бухьен гIуцIизе, цебеккун бициналъул мурадалда. Ай гипотезаби, хIужжабаздалъун яги хIалбихьияздалъун жал ритIухълъулел, гIуцIула тIабигIаталъул яги обществоялъул къанунал хIисабалда [1].
ГIатIидаб магIнаялда гIелмуялъ жаниб бачуна данде кколеб ишазул киналго шартIалги бутIабиги:
- гIелмияб хIалтIул бикьигун кооперация;
- гIелмиял гIуцIаби, хIалбихьиялъул ва лабараторияб къайи-къоно;
- гIелмиябгун цIех-рехалъул хIалтIул къагIидаби;
- бичIчIиялъул ва категориялъул аппарат;
- гIелмияб информациялъул система;
- кинабго цебеккун данде гьабураб лъаялъул гIаммаб къадар;
ГIелму лъазабулеб гIелму ккола ГIелмулъай.
ГIелмудал аслиял гIаламатал
[хисизабизе | код хисизабизе]- ГIелму буго лъай, чIван къотIун чIезабураб , ритIарал къагIидабазул кьучIалда бараб, гIаламатазул системалда жибги хIисабалде босараб.
- ГIелму кидаго хъвала бащунго чIан къотIун чIезабураб (щибаб тарихияб даражаялда) мацIалда.
- ГIелму буго объектазул цебетIеялъул ва хIалтIиялъул къануназул хIакъалъулъ бугеб лъаялъул система.
- ГIелму жиндалъун ккола лъайлъун, жиб эмпирияб къагIидаялъ хал гьабунги ритIухъ гьабунги бажарулеб.
- ГIелму жиндалъун ккола гьоркьоса къотIичIиго гIолел ва цIубалел лъаязул система. Гьеб цIубай тIубазабула бищун камилал къагIидабазул кумакалдалъун.
- ГIелмуялъул буго гIуцIи, объект, теория ва гипотеза, къагIида ва хIужжа, эмпирияб материалалъул сипат-сурат гьаби жинде гъорлъе рачIунел.[2][3]
Тарих
[хисизабизе | код хисизабизе]ГIелмияб сообщество
[хисизабизе | код хисизабизе]ГIалимзаби
[хисизабизе | код хисизабизе]ГIелмиял идараби
[хисизабизе | код хисизабизе]Халкъаздагьоркьосел институтал
[хисизабизе | код хисизабизе]Шапакъал
[хисизабизе | код хисизабизе]ГIелмияб къагIида
[хисизабизе | код хисизабизе]ЦIех-рехалъул ккураб рахъ
[хисизабизе | код хисизабизе]ГIелмуялъул философия
[хисизабизе | код хисизабизе]Дунялалъул гIелмияб сурат
[хисизабизе | код хисизабизе]Классификация
[хисизабизе | код хисизабизе]Цебе заманалда
[хисизабизе | код хисизабизе]ГIадамасул лъаялъул рахъалъул батIи-батIиял кьучIаздалъун классификация гьабизе хIалбихьулаан цебе заманалдаго. Попытки классифицировать области человеческого знания по различным основаниям предпринимались ещё со времён античности.
Гьедин, Аристотелица гIелмаби рикьулаан[4] лъабго батIиябтайпаялде, жалги хасаб иерархиялда чIарал:
- ТIадегIанаб тайпалъун ккола теоритикиял, некIсияб грек мацIалда θεωρία «теория» (философия, физика ва математика).
- ХадуррачIуна хIалбихьул (практикиял), некI. грек. πράξις «практика» (политика, этика ва экономика).
- Иерархиялъул ахиралда гьунаралулал, шигIриял, некI. грек.ποιησις«творчество» (риторка ва поэтика)
Аристотелица жинцаго гьабураб формалияб логика философиялде данде кколароан ва рикIкIунаан гьеб лъай щвеялъул тIагIеллъун («органлъун»)[5].
Румазул энциклопедист Марка Варронил классификациялда гъорлъе уна хадусел гIелмаби: грамматика, диалектика, риторика, геометрия, арифметика, астрология, музыка, медицина ва архитектура [6].
Гьоркьохъел гIасрабазда
[хисизабизе | код хисизабизе]ГIелмабазул таблица
[хисизабизе | код хисизабизе]ЦебетIей
[хисизабизе | код хисизабизе]Mатематика, логика, информатика, кибернетика гIадал гIелмаби цо-цо мехалъ ратIа гьарула хасал гIелмабазде — формалиял гIелмаби[7][8][9][10][11], батIияб къагIидаялъ абстрактивиял гIелмаби жидеда абулел. Оормалиял гIелмаби данде лъола тIабигIиял ва жамгIиял гIелмабазде, жидеда гIамм гьабун эмпирикиял гIелмабийилан абулел[12]. Цогидал гIалимзабаз математика рикIкIуна битIараб гIелмулъун, хутIарал — когнитивиял гIелмабилъун[13][14][15][16].
ЦIияб гIелму гIуцIи
[хисизабизе | код хисизабизе]ГIелмияб лъаялъул элементал
[хисизабизе | код хисизабизе]- ТIабигIатлъай (тIабигIаталъул хIакъалъулъ гIелму, тIабигIиял гIелмаби)
- Техникалъай (техникалъул хIакъалъулъ гIелму, техникиял гIелмаби)
- Обществолъай (социумалъул хIакъалъулъ гIелму, жамгIиял гIелмаби)
- ГIаданлъай (гIадамасул хIакъалъулъ гIелму, гуманитариял гIелмаби)
ГIелмияб адабият
[хисизабизе | код хисизабизе]ГIелмияб адабияталде гъорлъе унв гIелмиял хIалтIаби, монографиял ва журналал.
ГIадатаб адабияталдасаги фолософиял хIалтIабаздасаги гьелъул батIалъи буго хIужжабаздалъун чIезарурал пикрабазулъ, мухIканал хIалбихьиязда кьучIги тIамурал, гIелмиял иццазде мугъчIвайги бугел.
ГIелму машгьур гьаби
[хисизабизе | код хисизабизе]Гьереси гIелму
[хисизабизе | код хисизабизе]Баянал
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Уайтхед А. Н. Избранные работы по философии. М.: Прогресс, 1990. 716 с.
- ^ Ракитов А. И. Анатомия научного знания. — М., Политиздат, 1969
- ^ Копнин П. В. Гносеологические и логические основы науки. — М., 1974, 568 с.
- ^ Теория познания. Классификация наук https://magisteria.ru/aristotle-intro/epistemologiya-i-teologiya-aristotelya
- ^ Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалебkoh
-лъе текст бихьизабун гьечІо - ^ Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалебDoH-464
-лъе текст бихьизабун гьечІо - ^ C. West Churchman. Elements of Logic and Formal Science. New York: J. B. Lippincott Co., 1940.
- ^ James Franklin. The formal sciences discover the philosophers' stone // Studies in History and Philosophy of Science. Vol. 25, No. 4, pp. 513—533, 1994.
- ^ Stephen Leacock. Elements of Political Science. Houghton, Mifflin Co, 1906. P. 417.
- ^ Bernt P. Stigum. Toward a Formal Science of Economics. MIT Press, 1990.
- ^ Marcus Tomalin. Linguistics and the Formal Sciences. Cambridge University Press, 2006.
- ^ Mario Augusto Bunge. Philosophy of Science: From Problem to Theory. — 1998. — Гь. 24. — ISBN 0-765-80413-1.
- ^ "Что такое когнитивная наука". Архивация оригинал (2008-12-07). Щвей 2008-10-16.
{{cite web}}
: Unknown parameter|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help) - ^ "Вторая международная конференция по когнитивной науке". Архивация оригинал (2008-10-19). Щвей 2019-08-07.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help) - ^ "М. В. Фаликман. Введение в когнитивную науку (программа спецкурса)". Архивация оригинал (2008-09-24). Щвей 2008-10-16.
{{cite web}}
: Unknown parameter|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help) - ^ "Журнал Санкт-Петербургский университет ISSN 1681—1941 / Страница новостей". Архивация оригинал (2007-07-17). Щвей 2019-08-07.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help)