ЦӀер

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

ЦӀер[a]лъим, жиб цӀорон къвакӀараб хӀалуде буссараб, лӀугьуна гӀодегӀанаб температуралда: 0 °C, 32 °F, яги 273.15 K.[1] Рижалида данчӀвалеб кристаллинаб органикияб-гуреб ва рекъоннкураб структура бугеб къвакӀараб лага гӀадинан, цӀер рикӀкӀуна минераллъун.[2][3]

Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]

ЦӀер (хъвалс. цӀоро́-) рагӀи лӀугьараб буго инс-авар *c̣:VrV кьолбодаса, жиб инс-хьундакавказияб *=ǝc̣_ŏr ('цӀорозе') рагӀудаса бачӀараб.[4]

Рижалида лӀугьин[хисизабизе | код хисизабизе]

ХӀулаххараб цӀвер Алталда аскӀоб бугеб тӀалъи, Норвегия. Кристалал лӀугьуна температура −30 °C (−22 °F). яги элдаса гӀодегӀан бугони

Ракьалъул тӀасалъул лъим цӀорохъе букӀунеб киналниги бутӀабазде дандакӀарун абулеб термин ккола криосфера, цӀорол горен абун магӀна бугеб. ЦӀер ккола глобалаб климаталъул кӀвар бугеб компонентлъун, хасго лълъел горсверуда хурхун. ЦӀоролги гӀаздалги тӀунсби руго гьекъолеб лъим цӀуниялъул кӀвар бугел механизмаллъун; ригь-ригьалдасан гьел бегьула сублимазе яги риине. ГӀазу биин буго иццлъун сезонияб гьекъолеб лълъее. Дунялалъул Метеорологияб Организациялъ лӀугьада, роцада, куц-мухъалда, асаралда рекъон баян гьабула цӀорол чанго тайпа.[5] Клатратал гьидратал лӀугьуна жиндир кристалияб цӀеркънилӀ къарал газалъул молекулаби ругеб цӀородаса.

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. "CK-12 Chemistry for High School 15.2 Structure of Ice". ck12.org (in английский). Халагьи 2023-08-17.
  2. Demirbas, Ayhan (2010). Methane Gas Hydrate. Springer Science & Business Media. гь. 90. ISBN 978-1-84882-872-8.
  3. "The Mineral Ice". minerals.net. Халагьи 2019-01-09.
  4. "ЦӀер рагӀул этимология". Халагьи 2024-01-19.
  5. "WMO SEA-ICE NOMENCLATURE" Archived 2013-06-05 at the Wayback Machine (Multi-language Archived 2012-04-14 at the Wayback Machine) World Meteorological Organization / Arctic and Antarctic Research Institute. Retrieved 8 April 2012.


Цитатинабиялъул гъалатӀ: Для существующих тегов <ref> группы «lower-alpha» не найдено соответствующего тега <references group="lower-alpha"/>