Халип:Портал:Дин/ТӀасабищараб макъала

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
/ТӀасабищараб макъала» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Гутенбергил Инжил
Гутенбергил Инжил

Инжи́л (грек. βιβλία — гI. къ. βιβλίον — «тIехь», грек. βύβλος — Библ шагьаралда гьабулеб папирус) — ягьудиялдаги христиан диналдаги мукъадасаблъун рикIкIунеб хъвай-хъвагIазул данд-бакIари. Православиял ва католикиял Инжилалъул текстал протестанияб Инжилалъдаса гьабцоялъда НекIсияб Заветалда цогиги тIахьал рукIиналъ цоцалаздаса батIиял руго. Цояб Инжилалда абула «каноническияб гуребилян» ва цогидалъда «девтероканоническияб»-илан (гьебги католицизмалъул).

БатӀи-батӀиял Инжилазда цо-цо батӀалъаби рукӀуна. ЖугьутӀ Инжилалда (Танах) буго 24 тӀехьалъул 3 бутӀа: 5 тӀехь Тавраталъул («ГӀелму» яги «Къанун»), Невиим («Аварагзаби») ва Ктувим («Хъваял»). Танахалда «Аварагзаби» (Невиим) (Ктувим) хъваялдасан цебе буго ва гьелда жанир руго «цересел аварагзабазул» тӀахьал: Иисус Навинил тӀахьал, ДиванчагӀазул, 1 ва 2 Самуилил (1 ва 2 Ханлъиязул) ва гьединго 1 ва 2 Ханзабазул (3 ва 4 Ханлъиязул). Гьел киналго тӀахьал Паралипоменонил тӀахьал гӀадин тарихияллъун рикӀкӀула тарихчагӀаз. ЖугьутӀаз гьединго Даниилил тӀехь вахӀью гӀадин бачӀараб рикӀкӀунаро.

Насраниязул тӀахьазул состав батӀи-батӀияб буго. Масала, протестантазул къануналда 66 тӀехь буго, ХӀабаши православнияб килисаялъул - 81 тӀехь. Насраниязул инжилалъул тӀоцебесеб бутӀа ккола — НекӀсияб Завет — гьебги буго цодагьаб хиса-баси гьабураб 39 тӀехьалда бикьараб дандбакӀари. Рev-католик килисаялъ ва Машрикъияб насраниялъ гьединго некӀсияб заветалда жубала второканоническиял тӀахьал. КӀиабилеб бутӀа буго — ЦӀияб Завет — 27 тӀехьалъул: 4 къануниял Евангелиял ва ХӀавариюназул хӀалтӀаби, 21 хӀавариюназул кагъталб, гьединго Иоанн Богословасул вахӀью. (жеги цӀализе…)