ЦӀиркъилтӀомав
«ЦӀиркъилтӀомав» (гуржи: ვეფხისტყაოსანი, романизация: vepkhist'q'aosani Гуржи къагІидаялъ: [vɛpʰxist’q’ɑosɑni], Вэпхисткъаосани) яги ЦӀиркъил тӀом ретӀарав багьадур — гьоркьобгӀасрулъиялъул гуржи эпикияб поэма, гуржиязул миллияв шагӀир Шота Руставелица XII гӀасруялда хъвараб[1], бищун рес бугеблъун буго 1189 ва 1212 соназда гьоркьоб заман. Гуржи меседил гӀасруялъул камилаб поэма, гьеб гӀуцӀун буго 1600-ялдаса цӀикӀкӀун Руставелил ункъмухъидаса ва рикӀкӀуна гуржи адабияталъул шедеврлъун.[2] XX гӀасруялъул байбихьуде щвезегӀан гьеб поэмаялъу копия букӀунаан щияай бахӀаралъул къайи-къоноялда гъорлӀ.[3][4]
Поэмаялъул лӀугьа-бахъин "Гьиндустаналъул" ва "ГӀарабистаналъул" ургъун рахъарал бакӀазда кканиги, гьел рикӀкӀадал бакӀазда букӀараб жо буго Тамарил пачалъиялъул, ва гьединго Меседил гӀасруялъул Гуржи пачалъиялъул кӀодолъиялъулги реццалъулги берцинаб аллегория.[5][6] Гьелда бицунеб буго кӀиго гьероясул, Автандилил ва Тариэлил, гьудуллъиялъул ва рокьиялъул объект, Нестан-Дареджан, аллегорическое воплощение царицы Тамар пачаялъул аллегорияб мисал, ялагьиялъе мурадалъулги. Гьел идеаллъизарурал гьероял ва божарал гьудулзаби цадахълъизарун руго рокьиялъги, квербиччаялъги, ракӀбацӀцӀадаб ритӀухълъи-божиялъги, лъазабулеб буго бихьиназдаги руччабаздаги гьоркьоб ращалъиги, гьеб буго такрарлъулеб тема. Поэмаялъул хал гьабула "Гьоркьохъел гӀасрабазул Гуржистаналъул поэтикияб ва философиялъулаб гьунарлъиялъулги пикруялъулги таж" хӏисабалда[7], жубараб асар, бечедал ва тӀокӀал жанралги ругеб. Гьелъие сипат-сурат гьабун буго "эпос", "бахӀарчияб роман", "эпикияб роман" ва "лирикияб поэзиялъул эпикияб поэма" гӀадин.[8] Жиндир формалияб захӀмалъиялъухъ балагьичӀого, гьелъ жакъа къоялъги загьир гьабулеб буго "дунял бихьиялъул гуржи къагӀида".[9]
ХӀалтӀиялъул тарих
[хисизабизе | код хисизабизе]Поэма жиндир байбихьул сипаталда кодобе щун гьечӀо. ГӀасраби анагӀан поэмаялъул тексталъе цо-цо хис-басал гьарун руго гьелда релълъенлъи гьабунчагӀазги гӀемерал насхучагӀазги. ЦӀунун хутӀун руго чанги интерполярлъарал хадусел басмаби XVI–XVIII гӀасрабазул, ва цӀех-рех гьабунчагӀазда гьоркьоб лӀугӀулеб гьечӀо бахӀс асаралъул кинабниги жанибжоялдаги, гьединго гьелъул цо-цо бакӀазе баян гьабиялдаги сверун. Буго поэмаялъул давамги, жиб «Оманиани» цӀаралда гъоркь лъалеб. Из всех редакций поэмы «ЦӀиркъилтӀомав» поэмаялъул киналниги басмаязул къанунлъизабураб ва бищун тӀибитӀараб буго Вахтангил басма–ян абулеб, жиб Туплисалда 1712 Вахтанг VI пачаяс басмаялде бахъараб ва хассал комментариял цадахъ ругеб. Поэмаялъул цӀиял басмаязул къадар бахуна лъебериде, амма кӀиго хутӀизегӀан киналго руго дагьаб-гӀемераб даражаялда Вахтангил басмаялъул такрараллъун. Руставелил философиялгин диниял бербалагьиял рикӀкӀунаан гьересияллъун ва бидгӀаяллъун; гьелъ поэмаялде данде чӀчӀей букӀана рагьун.
Сюжет
[хисизабизе | код хисизабизе]«ЦӀиркъилтӀомав» поэмаялъул сюжет бачуна хадуселде: ГӀарабистаналъул цӀар рагӀарав, амма херав пача Ростеваница, ирс кьезе васги вукӀинчӀого, тахиде яхинаюла жиндирго цо йикӀарай яс — гьайбатай ва Тинатин, гӀолохъанав рагъул цевехъан Автандилихъ рокьи ккарай. Поэмаялъул бетӀерав гьерой вуго Тариэл (цо-цо: Тариел). Гьев вукӀана Гьиндустаналъул пача Фарсаданил амирбарасул (рагъул цевехъанасул) вас.[10]
Композиция
[хисизабизе | код хисизабизе]Поэмаялъул композициялъе характерияб буго динамикияб драматизм, жиндица ракІалдаго гьечІел ситуациязде бачунеб. Поэмаялъул гьечІо маргьадулал фантастикиял элементал; чІагоял гІадамазул хІакъал, инсаниял, дунялалъулал къуватал ургъелал рихьизарун руго гІумруялъухъего ритІухъго, битІухъе гьунаралда, мухІканго. Щибав гьерой, бетІерав вукІа, кІибалев вукІа, загьир гьавулев вуго бищун тайпадулал тІабгІазда. Гьеб рахъалъ щибаб, хІатта гьитІинабгицин деталь авторасул буго кьучІаб. Гьединал руго поэмаялъул аслиял сипатал — Нестан-Дареджан, Тинатин, Асмат, Тариэл, Автандил, Фридон, Шермадин, жал Гуржистаналда ммашгьураллъун лІугьарал цІарал.
Сюжет рагьиялъулІ шагІирас хІалтІизабулеб буго контрастлъиялъулкъагІида: батІи-батІиял социалиял стратал ва гьунариял сипатал цІакъ махщалида лъолел руго цоцаде данде гІорхъолІа ин гьечІого.
ХӀужжаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Baramidze & Gamezardashvili, p. 17
- ^ Shengelia, p. 106
- ^ Shengelia, p. 105
- ^ Delshad, p. 18
- ^ Baramidze & Gamezardashvili, p. 19
- ^ David Marshall Lang. Landmarks in Georgian Literature. School of Oriental and African Studies, 1966, p. 20
- ^ Asatiani & Bendianashvili, p. 151
- ^ Malinka Velinova, "Interférence des genres dans les emplois du monologue médiéval", Institut Roustavéli, p. 160
- ^ Polet, p. 529
- ^ «Характеристика Тариэла (по поэме „Витязь в тигровой шкуре“)»
Иццал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Nodar Asatiani & Alexandre Bendianashvili, Histoire de la Géorgie, Paris, l'Harmattan, 1997
- A. G. Baramidze & D. M. Gamezardashvili, Georgian Literature, Honolulu, University Press of the Pacific, 2001 (1st ed. 1968)
- Gijs Koolemans Beynen, "Adultery and Death in Shota Rustaveli's The Man in the Panther Skin", Courtly Arts and the Arts of Courtliness, 2004
- Farshid Delshad, Studien zu den iranischen und semitischen Lehnwörtern im georgischen Nationalepos "Der Recke im Pantherfell", Iéna, 2002
- A. Khakhanoff, Abrégé de l'histoire et de la littérature géorgienne, dans Raphaël Isarloff, Histoire de Géorgie, Paris - Tbilissi, Charles Noblet - Librairie de la société géorgienne de lettres, 1900
- M. Kveselava, Anthology of Georgian Poetry, Honolulu, University Press of the Pacific, 2001 (1st ed. 1948)
- Jean-Claude Polet, Patrimoine littéraire européen, vol. 4a, Le Moyen Âge, de l'Oural à l'Atlantique. Littératures d'Europe orientale, De Boeck, 1993
- Donald Rayfield, The Literature of Georgia, Richmond, Curzon Press, 2000 (1st ed. 1994)
- Rapp, Stephen H. (2017). "Georgia before the Mongols". Georgia before the Mongols. Oxford Research Encyclopedia of Asian History. doi:10.1093/acrefore/9780190277727.013.282. ISBN 9780190277727.
- Shota Rustaveli The Knight in the Panther Skin, new translation by Lyn Coffin. Poezia Press, 2015 Tbilisi, Georgia
- Kakha Shengelia, History of Georgia, Tbilisi, Caucasus University Publishing House, 2001
- Marjory Scott Wardrop, The Man in the Panther's Skin: A Romantic Epic by Shota Rustaveli, Royal Asiatic Society, 1912
- Beynen, G. Koolemans. "Murder, Foul and Fair, in Shota Rustaveli's The Man in the Panther Skin," in Medieval and Early Modern Murder, Larissa Tracy, ed. (Woodbridge: The Boydell Press, 2018), pp. 350-70.