Перейти к содержанию

Хунзахъа Жалалудинил ГӀалибег

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Хунзахъа Жалалудинил ГӀалибег (2 май 1935 — 28 новембер 2023, Хунзахъ, Дагъистан) — авар тарихчи, Дагъистаналъул мустахӀикъав мугӀалим, филолог, коллеционер. Хунзахъ историкиябгун мухълъавул музеялъе кьучӀ лъурав ва гӀемераб экспонат гьениб бакӀарарав чи, Хунзахъ 2400 сон тӀубаялъул хурхун тӀобитӀараб тадбиралъе сценариялъул автор.

ГӀалибег гьавуна 1935 соналъул 2 маялда Хунзахъ. ЦӀалана Хунзахъ анкьсонил школалда, 6 ва 7 классалда цӀалулев вукӀана Агъвали. 10 класс лӀугӀизабуна ГӀарани гьоркьохъеб школалда. 1951 соналъ цӀализе лӀугьана Дагъистаналъул педагогикияб университеталъул филологиялъулаб факултеталде. Щуго сонидаса вачӀана хӀалтӀизе ГӀарани школалде, гьенибго байбихьана гьисториялъул мугӀалимасул нух. 1963 соналъ гьев хӀалтӀизе лӀугьана ГӀарани руччабазулаб школалда завуч хӀисабалда.

1960-л соназ эс байбихьана, экспонатал ракӀарун, школда этнографияб музей гӀуцӀизе, гьелъул кьучӀда хаду гьабуна Хунзахъ историкиябгун мухълъавул музей. 1972 соналъ ГӀалибегида батана Ахъбердил МухӀамад вукъараб бакӀ Чачан Республикалъул Гушкурталда. Гьес гӀахьаллъи гьабуна ГӀакаро магӀарде гуржи-дагъистанияб археологияб экспедициялда, жинда АнцӀила кӀиго апостоласул килиса батараб.

НахъалъагӀан хӀалтӀулев вукӀана Хунзахъ школа-интернаталда историялъул мугӀалимлъун. Хвана ГӀалибег 2023 сонил 28 новембралда.

  • Кавказалъул кӀалден
  • КӀудияв ГӀумахан
  • Сивулал росаби
  • Хунз гӀурус-япон рагъулӀ
  • Чаландар устар

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]