Халип:Аннотация/МухӀаммад авараг

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
"МухӀаммад" - абун гӀарабалъ хъвай-хъвагӀай.
"МухӀаммад" - абун гӀарабалъ хъвай-хъвагӀай.

МухІа́ммад (гІар. محمد [mʊħɑmːæd] ), 571 соналъул 22 апрелалъ Маккаялда гьавурав ахирисев авараг. Аллагьас гьесухъе рещтІана вахІйалдалъун Къуръан. МухІаммад вукІана цеветІурав сиясатчилъунги, рагъул цевехъанлъунги ва гьединго тІоцебе бусурбабазул умма жинца гІуцІцІаравлъунги. Гьев чІаго вугев мехалда, тІолабго ГІарабазул бащадабчІинкІиллъи букІана исламалъул ракьлъун.

Исламалъул кІудияв гІалим ва тарихчи Абу ЖагІфар МухІаммад атІ-ТІабарияс жиндирго «Тариху атІ-ТІабари» абураб тІехьалда хъван буго аварагасул сипаталъул хІакъалъулъ гьадин:

« Гьев вукІана гьоркьохъеб лагаялъул: халатав гурев, къокъав гурев. Гьумералъул букІана гвангъараб кьер, цІакъго хъахІабги гуреб, тІогьилабги гуреб, берал — чІегІерал, расал — ризал, кунчІулел, цІакъ берцинал. Гьумер берцин гьбун букІана магжица. Халатал расал кІигъажаде щварал рукІана. Гьелъул кьер букІана чІегІераб… Гьесул рилълъин букІана тІадагьаб, гали тІамураб щинахъе кколаан гьев ракьалдаса ватІалъулев вугоян. Кинго гьесул рилълъиналъулъ букІинчІо чІухІи. Гьесул гьурмада букІана рокьи, хинлъи, лъикІлъи жиндаса бер босизе кІолареб. Ракъарал гІадамал гьесухъ ралагьидал гьезда гьебсагІатго квен кІочолаан. Гьесда аскІоре къварилъиялда ругел ккейдал, гьезда жодорго къварилъаби кІочонаан, гьесул тІабигІаталъул берцинлъиялъ ва каламалъул бигьалъиялъ хІайранги гьарун. Гьев вихьаралщинал якъинго рукІана, кидаго цебеги хадубги, гьесулгун гІадин кІалъай гьуинав чи жодода вихьичІоян. Гьесул мегІер букІана битІараб, цаби рукІана цоцадаса батІа тІурал, (берцинал). Зама-заманаялдасан гьесул ботІрол расал кІигъажаде риччан рачІунаан ва цо-цо мехалъ гьес гьел ругьунаан кІиго яги ункъго гъалги гьабун. 62 сонил гІумруялде вахиндал гьесул букІинчІо хъахІаб рас… »