Халип:Аннотация/ГӀиса авараг

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ГӀиса, жинда салам лъеяв
ГӀиса, жинда салам лъеяв

Ма́рьямил вас ГІиса Ал-Маси́хІ (гӀар. عيسى ابن مريم‎‎ — Иисус Мариял вас) — жиндир Исламалда жаниб цІакъ адаб-хІурмат гьабулев авараг (наби). ЦІияб Заветалда рехсолев Иисус Христосгун цого чи ккола. Къуръаналда жанив масихІ (мессия), Ибн Марьям (Марьямиял вас), ГІабдуллагь (Аллагьасул лагъ) абурал цІараздалъун 25 нухалъ рехсон вуго гьев. ТІадегІанав Аллагьас гьесие гьадинал цІарал кьолел руго: расулюллагь (Аллагьасул расул), салихІ (ритІухъав), калима ([Аллагьасул] рагӀи), къавлул хӀакъ (хӀакаб рагӀи) ва цогидал.

ГӀиса авараг витӀун вукӀана бану исраилалъухъ Таврат (Тора) тасдикъ гьабун цӀияб Мукъадасаб тӀехь — Инжил (Евангелие) босун. ГӀиса вуго Аллагьасул авараг, илчи (расул) ва цӀияб къануналъе кьучӀ лъурав чи.

Цогидал аварагаздасанги цІикІкІун хъван буго Къуръаналда ГІиса аварагасул хІакъалъулъ. 25 нухалъ рехсон буго гьениб гьесул цІар. Биценалда рекъон, «Марьям»-абураб сура мугьажираца Эфиопиялъул негусасда цебе цӀалула букӀун буго христианлъиялъулги МухӀаммад аварагас гьабулеб дагӀваталъулги ругел релъенлъаби рихьизарун.

Къуръаналъ цо лъабго аллагь вугин - живго Аллагьги, ГӀисаги гьесул эбел Марьямги - абулеб Троицаялъул идеяби нахъчӀвала. Къуръаналъ чӀезабула, ГӀиса кинавнги аллагь гьечӀин ва Аллагьасул вас гьечӀин, гьев вугилан, киналго гӀадамал гӀадин, цохӀого-цо вугев Аллагьасул лагъ.