Перейти к содержанию

Туркиялъул аварал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Турциялъул магӀарулал» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Туркиялъул аварал (тур. Türkiye Avarları) — 150-200 соналъ цере Туркиялде гочарал аварал руго жидерго мацIги цIунун, нилъеда цIунизе кIолеб гьечIеб маданияталъул цIех-рехги гьабун.

Узухъда, Туркиялъул аварал ккола батӀияб пачалихъалъул чагӀи. Гьезул гӀемерисезда жидер тарихияб ватӀан – Дагъистан – бихьичӀо. Гьезда ватӀаналъул хIакъалъулъ лъала умумузул биценаздасан, гьезул рекӀел угьиялдалъун, берзул магӀуялдалъун. Дагъистан тун батӀияб бакӀ гьез ватӀанлъун рикӀкӀинчӀо. КъватӀисеб улкаялда гӀумру гьабун рукӀаниги магӀарулаллъун дол гьарула мацӀ цӀунун букӀиналъ, жидерго тӀабигӀаталъ, чорхолъ бугеб авар рухӀалъ. [1]

ХӀакъикъаталдаги гьеб кканилан абизе бегьула Туркиялде гьабураб сапаралда, - ян бицана кочӀохъанас. – Гьениб чанго батӀияб миллаталъул (аварал, даргиял, лъарагӀал ва гь.ц.) дагъистанияз бицунеб букӀана цохIо магӀарул мацӀ. БитӀахъе бицани, авар мацӀалда кечӀ ахӀулеб мехалъ гьезул бадиб магӀу хулулеб букӀана. Туркиялда ругел нилъер дагъистаниязе нижер церерахъиназ кӀудияб асар гьабуна. [2]

  1. "ГIасрабаз ватIаналде гIищкъугун". Архивация the original (2014-02-22). Retrieved 2010-12-14. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  2. "АхIулеб буго Бигачевас…". Архивация the original (2014-02-22). Retrieved 2010-12-15. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)

ХIалтIизабураб адабият

[хисизабизе | код хисизабизе]
  • А. МуртазагIалиев «Турциялъул дагъистан диаспораялъул адабият» (2006)


тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.