Сура ТӀа Гьа

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

<table class="infobox " style="text-align:center; " data-name="ТІа́ Гьа́ — طه"> Sura20.pdf

ГІараб текст

ТІа Гьа Маккаялъулаб 45 Статистика 20 135 16 32 8 1341 5242 QuranAcademy.org
IslamNews.ru


ТІа́ Гьа́ (гІар. طهТІа Гьа) — Къуръаналъул къоабилеб сура.

Сура ТІа Гьа буго Маккаялда жиб рештӀине гьабураб, жинда жаниб нусиялда лъебералда щуго аят бугеб.

Гьаб сураталъул аслияб мурад буго диналъул аслаби рицин ва гьел рацӀцӀад гьари. Аллагь вукӀин чӀезабиялъул далилал рицингун цадахъ гьев Аллагь жив цогояв вукӀин гьесие гӀахьалав чи гьечӀеблъиги бицунеб буго. Аварагзабазул ва гьел ритӀиялъул хӀикматги бицунеб буго. Ахират букӀин, хӀисаб мизан ва жазаъ букӀиналъулги бицунеб буго.

Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас Аллагьасе гьабулеб гӀибадаталъулъ яхӀ бахъи, жиндие гьабулеб къварилъи ва заралалда сабро гьаби бицулеб буго. Жинда тӀад къараб рисалат тӀубазе гьабун, Аллагь цо гьавун, гьесие гӀибадат бацӀцӀад гьабиялда уммат ахӀана хирияв аварагас, амма гьесда тӀад къан букӀинчӀо хӀал-зулму гьабун гӀадамал исламияб диналде ахӀизе.

Сураталда жаниб лъикӀго гӀатӀид гьабун бицунеб буго жив Аллагь вуго абун хьвадулев вукӀарав пиргӀавнил ва гьесул къавмалъул. Муса авараг ТӀадегӀанав Аллагьасда кӀалъаялъул, гьесда рисалат тӀад къаялъул ва Мусалги пиргӀавнилги бахӀс бицун буго.

Адам аварагасул къисаялда бакка-бахъи гьабун буго, инсанасул ракӀ хӀинкъулеб хӀалалъ къиямасеб къоялъул ва гьелъул захӀмалъабазул бицун буго:. Гьеб къиямасеб къоялъ хӀисаб мизан гьабун Аллагьасда мутӀигӀаб халкъ алжаналда иналъул, Аллагьасда гӀасилъарал гьев жидер БетӀергьан вукӀиналда инкар ккураб халкъ жужахӀалда иналъулги бицун буго. Сураталда цӀар лъун буго «сурату ТӀа-гьа»- абун. Гьеб ТӀагьа абураб цӀарги Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагасул цӀараздаса цо цӀар буго. Гьеб хирияв аварагасул цӀаралдалъун сурат байбихьиялда жанибги аварагасул ракӀ парахат гьаби буго. Мушриказул къварилъабазда сабро гьабизе гьесие квер бакъи гьабиги буго. [1] Сура букІана рештІун Маккаялда ва гьелда жаниб буго 7 аят.

Текст[хисизабизе | код хисизабизе]

« Жив ГурхІулев, гурхІел гІаммав, Аллагьасул цІаралдалъун. Ayah.svg

ТІа. Гьа. Ayah.svg Мы ниспослали тебе Коран не для того, чтобы ты стал несчастен, Ayah.svg а только в качестве назидания для тех, кто страшится. Ayah.svg Это – Ниспослание от Того, Кто сотворил землю и высокие небеса. Ayah.svg Милостивый вознесся на Трон (или утвердился на Троне). Ayah.svg Ему принадлежит то, что на небесах, и то, что на земле, и то, что между ними, и то, что под грунтом. Ayah.svg Если даже ты будешь говорить громко, Ему все равно известно тайное и сокрытое. Ayah.svg Аллах – Тот, кроме Которого нет иного божества и у Которого самые прекрасные имена.

Къуръан 20:1—8 (Кулиев)
»

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Линкал[хисизабизе | код хисизабизе]

Цебесеб: Сура Сура Марйам Сура 20ГІараб текст Хадусеб: Сура Ал-Анбийаъ