Сочи

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Сочи

Сочи

Зулмуяб рагъул хIасилалда Россиялъул империялъ кавказиязухъа бахъараб ракь ккола Сочи. Гьениб олимпиада гьабиялда жал дандечIарал ругилан лъазабуна, Кавказалъул рагъ лъугIидал, гьаниса къватIире гъурал бакIалъул гIадамазул ирсилаз (Турциялда ва цойги бусурбабазул пачалихъазда гIумру гьабун руго гьел). Гъоркьиса сентябралда къватIибе бачIараб «ХIакъикъаталъул» кIудияб газеталда, авар мацIалде таржама гьабун, дица бахъун букIана Борис Соболевасул «Гьужум хираго чIезе буго…» абураб тIехьалъул цо бутIа. Гьебго асаралда Сочиялъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго авторас: «Гьелдалъун Кавказалъул рагъ лъугIичIо. Шамил асирлъидал, Чачанлъиги Дагъистанги мутIигI гьабидал, рагъулал тадбирал Бакъбаккул Кавказалдаса БакътIерхьул рахъалде рехана. Гьенир гIумру гьабун ругел къавмазде гIамм гьабун черкесалилан абулаан гIурусаз. Гьезул чанго бикь-бикьараб къавм мукIур гьабизе хIажалъана гIицIго щуго сон. Чачанлъиялдаго гIадал къагIидабаздаса пайда босана гьанибги. Амма букIана цохIо батIалъи – мутIигI гьарурал черкесаздаса тIалаб гьабулеб букIинчIо пачаясул тIалъиялъе мукIурлъи, гьа бай. Гьезда тIадаблъун гьабуна цохIо жо – Россия жибго тун, мугъ берцин гьаби. Сочиялда аскIоб буго БагIараб Тала (Красная Поляна) абураб бакI. Ункъо батIияб рахъалъан бачIун, БакътIерхьул Кавказ кверде босараб гIурусазул ункъо гучаб къокъа цолъана гьаниб. Гьеб дандчIвай ккараб къо, 1864 соналъул 21 май, лъазабуна Кавказалъул рагъ лъугIараб къолъун. Гьайгьай, гьеб дата букIана гIицIго кагътида бугеблъун. ХIакъикъаталдаги доб рагъул бергьенлъиялъул къо кIиго буго. ТIоцебесеб – Шамилги кверде вачIун, Бакъбаккул Кавказ мутIигI гьабураб къо. КIиабилеб – бакIалъулал халкъазул ахирисев чи Турциялдеги хъамун, БакътIерхьул Кавказ кодобе босараб къо.

Олимпиялъул шагьар[хисизабизе | код хисизабизе]

2007 соналъул 5 июлалда Гватемалаялда Халкъазда гьоркьосеб Олимпиялъул комитеталъ (МОК) 2014 соналъул хасалил Олимпиялъул хIаял тIоритIулеб бакIлъун тIаса бищана Сочи. Улкаялъул президентлъун вукIарав В. Путинги ун вукIана Гватемалаялде, Сочиялъул тIокIлъаби реццун, бацIцIадаб паранг мацIалда кIалъана гьев. ГIадатиял сочиялъулазда цIехедал, гьезул гIезегIаназ абуна гьеб олимпиадаялъул жидее пайдаялдаса зиян цIикIкIараб бугилан. Автовокзалалдаса санаториялде дун щвезавурав таксист (250 гъ.) гуржияв ватана. Гьес бицана: «Сочиялда жанир ралел руго гIемертIалаял, чIахIи-чIахIиял, гIадамазе гIумру гьабизе рихьизарурал минаби. Олимпиадаялъул росу балеб буго Сочиялдаса югалдехун бугеб Адлералда. «Пробкаби» сабаблъун, гIемер заман гIадада хола. ЦеретIурал улкабазда гIадин, чанго тIала бугел нухалгIаги гьаричIони, цIакъ квешаб хIал буго шагьаралда. Амма хIакимзабазе гьелъул ургъел гьечIо. Сочи бакьулъ руго Россиялъул президент Д. Медведевасулги премьер-министр В. Путинилги резиденциял. Киналго къватIалги къан, занкIан чIезабула шагьар, гьел рачIаралщинахъе. Сочиялъулазе кIудияб квалквал гьабула гьелъ». Югалъулаб Кавказалда Россиялъ гьабулеб бугеб политикаялъул хабар ккедал, таксистас абуна: «Россиялъул рагъулал къуватаз цIикIкIараб зарал ккезабуна гъоркьиса августалда Грузиялъе. Сочиялдаса югалдехун букIиналъ, гьалдасаги тIабигIат берцинаб, гьайбатаб бакI буго Сухуми. Инсуцаги вацазги цадахъ лъугьун, гьениб бараб дир минаялъув гIумру гьабун вуго абхазав 1992 соналдаса нахъе. Абхазиялде дун виччаларо. Гуржиявлъун гьавун вати дир гIайибищ кколеб?» - ан. ЗахIматаб, жуба-гъубараб, хасаб тема кколелъул, гьаб очеркалда рехсараб суалалда гъорлъегIан къаларо. Гьевго таксистас бицана, Султан абун цо дагъистаниявги вукIанила жидеда цадахъ хIалтIулев, гьанже нахъе анилан.[1]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. "Бице, Сочиялъул БагIараб тала". Архивация оригинал (2016-03-05). Халагьи 2010-12-14. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)