Сириялда Россиялъул Су-24 бортизаби
Гьаб макъалаялда бицен гьабун буго гьанжесел лъугьа-бахъиназул. Гьанир ругел магІлуматал хисизе бегьула, цІи-цІиял лъарал жалазда рекъон.
Нужеца цІалулеб макъала ккола 02:55 03 март 2024 тарихалда жиб гІуцІараб(UTC). (хисизабизе) |
ГІаммал баянал | |
---|---|
24 ноябрь 2015 сон | |
«гьава-гьава» ракетаялъ бортизаби | |
турциялъулгун-сириялъул гІорхъи | |
35°45′25″ ш. гӀ. 36°04′50″ бб. х.HGЯO | |
1 [1] | |
лъалел гьечӀо | |
Гьавадул гама | |
Су-24 | |
Россиялъул ГЬККЪ | |
ХІмеймим | |
2 |
Россиялъул гьаваялъулгун-космосалъул къуватазул Су-24-ялъул катастрофа — ккола 2015 соналъул 24 ноябралъ турциялъулгун-сириялъул гІорхъода Россиялъул рагъулгун-гьаваялъул къуватазул Сириялда бугеб къокъаялъул гӀарадаби ралеб Су-24М самолёт кьвагьизаби[2].
Россиялъул гӀарадаби ралеб самолёт кьвагьизабуна Турциялъул РГЬКЪ-азул гӀарадаби ралеб F-16 самолёталъ[3][4] 6000 метраялъул борхалъуда ва гьеб бортана сириялъул ракьалда.[5]
Цебеккун букӀа-бахъин
[хисизабизе | код хисизабизе]17 октябралъ турциялъул премьер-министр АхІмад Давудогълуца лъазабун букӀана, пачалихъалъул гьаваялъул гӀорхъалаби рахун жанибехун бачӀараб самолёт Турциялъул яргъидагІуцІарал къуватаз бортзабизе бугоян[6]:
Сон нижеца бортизабуна [изну гьечӀого гьаваялъул гӀорхъи бахун жанибе бачӀараб] пилот гьечӀого хьвадулеб боржарулеб аппарат. Гьеб самолёт букӀарабаниги, нижеца гьелъиеги гьебго жо гьабулаан. Нижер сиясат киназдаго лъала. Нагагь нижер гӀорхъалаби рахун жанибе [изну гьечӀого самолёт] бачӀани нижеца гьелъие жаваб гьабизе буго.
19 ноябралъ, катастрофа ккелалде щуго къоялъ цебе, россиялъул вакил ахӀун вукӀана Турциялъул къватӀисел ишазул министерлъиялде. Гьениб гьесда лъазабун букӀана, Сириялда тӀобитӀулеб россиялъул рагъулаб операция цӀакъго турциялъул гӀорхъабазда аскӀоб тӀобитӀулеб бугин, ва гьеб жоялъ турциялъул хӀинкъибукӀунгутӀиялъе рахӀат толеб гьечӀин. Турциялъул вакилзабаз россиялъул вакиласда лъазабун букӀана, нагагьлъун Турциялъул гьаваялъул гӀорхъаби рахун жанибехун россиялъул самолёт бачӀани жодоца гьеб кьвагьизабулин[7].
«Нижеда лъана, россиялъул самолётаз, нижер Яйладаг абураб гӀорхъи бахунеб пункталда аскӀоб кколеб, Сириялъул севериябгун-бакътӀерхьуда Байирбужак мухъалда ругел туркоманазул росабазде гьужум гьаби» — ян абуна Турциялъул къватӀисеб сиясаталъул идараялъул вакил Танжу Билгичица.[8]
АхІвал-хІал
[хисизабизе | код хисизабизе]Инцидент лъугьана ьакӀалъулаб заманаялъул 09:20 минут араб мехалда. Сириялъулгун-турциялъул гӀорхъабазул мухъалда рагъулаб тӀадкъай тӀобалеб букӀараб Россиялъул гӀарадаби ралеб Су-24, бортизабуна Турциялъул РГЬКЪ-азул гӀарадаби ралеб F-16 самолёталъ «гьава-гьава» ракетаги речӀчӀун.
Самолёт бортана мугӀрул гӀемераб Жабал ат-Туркман абураб мухъалде. Гьебги ккола сириялъул хӀукуматалъул армиялъ ва россиялъул рагъулаз гурхӀел гьечӀеб куцалда туркменазул гьениб гӀумру гьабун ругел гӀадамазда данде рагъ балеб мухъ. [11]
Лъугьа-бахъиналъул Турциялъул сверел
[хисизабизе | код хисизабизе]Турциялъ чӀезабулеб буго, Турциялъул гьаваялде кӀиго самолёт бачӀанин. Цо чанго нухалъ лъазаби гьабуралдаса хадуб гьезул цояб нахъе анин. КӀиабилеб самолёт нахъе инчӀо, ва гьеб мехъалда хал ккун рукӀарал турциялъул F-16 самолётаз гьелда речӀчӀун буго[12]. Кьвагьизабилалда цебе, самолёталъе чанго нухалъ цебеккун лъазаби гьабун букӀанин абураб жо тасдикъ гьабуна Америкаялъул рагъул нухмалъиялъ[11]. Турциялъ лъазабуралда рекъон, россиялъул самолёталъ хвезабун буго Турциялъул гьаваялъул бакӀ Гьатай икълималъул Яйладаги мухъалда[4][13].
ЦМГІ-ялда Турциялъ гьабураб лъазабиялда рекъон[14][15], 24 ноябралъ лъил щибан лъалареб кӀиго Су-24 самолёт гӀагарун буго Турциялъул Гьатай икълималъул Яйладаги мухъалда аскӀобе. 5 минуталда жаниб самолётазе 10 нухалъ лъазаби кьун буго хехаб каналалдасан, нахъе ралагьичӀого къиблаяб рахъалдехун аян. Лъазабиялъухъ гӀенеккичӀого, 19000 футалъул борхалъиялда кӀиябго самолёталъ хвезабун буго Турциялъул гьаваялъул бакӀ 1,15 милалъул рорженгун 17 секундалда жаниб[14]. Цояб самолёталъ Турциялъул гьаваялъул бакӀ тун буго, кӀиабилеб турциялъул F-16s самолётаз бортизабуна.
НАТО-ялъ у гьабуна россиялъул гӀарадаби ралел самолётаз Турциялъул гьаваялъул бакӀ хвезабунин абураб лъазаби[16].
Лъугьа-бахъиналъул Россиялъул сверел
[хисизабизе | код хисизабизе]РФ-ялъул тущманасдаса цӀуниялъул министерлъиялъ лъазабуна, самолёт бортизабун бугин Сириялъул ракьалда тӀад, «ХІмеймим» авиабазаялде тӀад буссунеб мехалъан ва роржен гьабураб кинабниги заманаялъ гьеб гӀицӀго Сириялъул ракьалда тӀад гурони букӀинчӀоян.[17] Владимир Путинил баяназда рекъон, самолёт бортизабун буго турциялъул гӀорхъодаса 1 км рикӀкӀад, ва бортун буго гӀорхъодаса 4 км рикӀкӀад[18]. РФ-ялъул тущманасдаса цӀуниялъул министерлъиялъ гьединго лъазабуна, турциялъул рахъалъан Су-24-ялъул экипажалъулгун бухьен гьабизе хӀалбихьи гьабиялъул жодор алатаз хъвай-хъвагӀай гьабун гьечӀоян[2].
Хъирщигун-хвасар гьариялъул хӀалтӀаби
[хисизабизе | код хисизабизе]КӀиявго лётчик гъоркье кӀанцӀана[19], цӀояв парашюталда вукӀаго гӀодове щвезецин течӀого мужагьидзабаз гьаваялдаго речӀчӀун чӀван, кӀиабилесул къисмат лъалеб гьечӀо.
Су-24 самолёталъул экипаж хвасар гьариялъул хӀалтӀабазда гӀахьаллъизе бачӀана кӀиго Ми-8 вертолёт. Ракьдадасан речӀчӀараб жоялъул хӀасилалда гьелъул цоялъ тӀадаб рещтӀин гьабуна, ва рещтӀарабго мужагьидзабаз гьеб кьвагьизабуна. Гьелда вукӀарав россиялъул цо контрактгун вагъизе вачӀарав чӀвана. ХутӀарал вертолёталъул экипаж ва хвасар гьариялъул къокъа гьениса нахъе рачун ана. Гьедин бугониги РФ-ялъул тущманасдаса цӀуниялъул министерлъиялъ лъазабуна, хвасар гьариялъул хӀалтӀаби жуги унел ругин.[20][21].
Реакция
[хисизабизе | код хисизабизе]Россия Россиялъул Президент Владимир Путиница цо чанго сагӀаьалдасан лъугьа-бахъаралде «террористазе кумек гьабулез гьодида нахъасан щвезабураб кьаби»-ян абуна. Путинил рагӀабазда рекъон, россиялъул Су-24 бортизабизе Турциялъул кинабгӀаги хӀужа букӀинчӀо[22][23]. Россиялъул тущманасдаса цІуниялъул министерлъиялъ турциялъул РГЬКЪ-аз гьабуралъе къимат кьуна, гьудуллъиялъул гуреб пиша бугин абун.[24] КватӀичӀого Россиялъул тущманасдаса цІуниялъул министерлъиялъ лъазабуна, жиб зениталъулал ракетабазул комплексалдалъун хӀадурараб ракетаби раччулеб крейсер «Москва», букӀине бугин Лазикъиялъул ралъдал рагӀалдаян. Киналниги, Россиялъул рагъул авиациялъе хӀинкъи бугел ишанал гьелъ кьвагьизаризе ругоян. Турциялъулгун киналниги рагъул бухьенал къотӀизаруна. Хадубккун гӀарадаби ралел самолётаз гьаризе ругел рагъул рорженал, россиялъул истребителалги цадахъ чӀезарун гьаризе руго.[25]
Халип:Флаг / Турция Турциялъул Президент Ражаб Эрдогъаница Су-24 кьвагьиялда хурхун лъазабуна, киналниги пачалихъаз хӀурмат гьабизе кколин Турциялъ жиндирго гӀорхъаби цӀунизе хӀалтӀизабураб ихтияразулан[26]. Турциялъул премьер-министр АхІмад Давудогълуца лъазабуна,Турциялъул ихтияр бугин жиндирго гӀорхъаби цӀунизе киналниги чара гьечӀел тадбирал гьаризеян. Гьелдаго цадахъ гьес абуна, гьеб самолёт бортизаби рикӀкӀине кколарин тущманлъиялъул акт хӀисабалдаян[27].
Халип:Флаг / НАТО НАТОялъул Советалъул хъата-масан гьабураб данделъиялъул хӀасилалда гьеб рагъулабгун-сиясияб блокалъул гӀахьал-пачалихъазул вакилзабаз лъазабуна Турциялъул ракьазул жибго жиндаго чӀей цӀунизе киналго хӀадурал рукӀин, ва кинго гьез Россиялдеги Турциялдеги ахӀи бана гьеб гьоркьоб ккараб жо лъугӀизабеян.[28]
Халип:Флаг / Франсия Франсиялъул Президент Франсуа Олландица россиялъулгун-турциялъул рахъазде ахӀи бана, россиялъул Су-24 бортизаби сабаблъун кӀиябго пачалихълда гьоркьор ругел бухьенал хвезе тунгутӀиялде.[29]
Халип:Флаг / АЦШ АЦШ-ялъул тущманасдаса цІуниялъул министерлъиялъул вакилас лъазабуна, гьеб катастрофа ккеялъе сабаблъун АЦШ гьечӀоян. Самолёт бортизабунин гӀицӀго турциялъул РГЬКЪ-азу F-16 самолёталъ-абун[30][31][32]
ХӀужаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ "Минобороны подтвердило гибель пилота Су-24 : Минобороны подтвердило гибель пилота Су-24". РБК. 24 ноября 2015.
{{cite web}}
: Check date values in:|date=
(help) - ^ a b c "Выступление начальника Главного оперативного управления Генштаба ВС РФ генерал-лейтенанта Сергея Рудского по факту провокационных действий ВВС Турции" (in русский). Министерство Обороны РФ. 24 ноября 2015.
{{cite web}}
: Check date values in:|date=
(help) - ^ ВВС Турции сбили российский истребитель Archived 2015-11-25 at the Wayback Machine // ИА «Повестка дня», 24/11/2015 — 13:21
- ^ a b Турецкий генштаб заявил о сбитом самолёте // Lenta.ru, 24.11.2015 13:04
- ^ Петр Скоробогатый (24.11.2015). "В Сирии сбит российский бомбардировщик". «Expert Online». Архивация оригинал (2015-11-25). Щвей 2015-11-24.
{{cite web}}
: Check date values in:|date=
(help); Invalid|url-status=хвараб
(help) - ^ Турция будет сбивать самолёты, нарушившие её воздушные границы
- ^ http://www.bbc.com/news/live/world-middle-east-34908469
- ^ МИД Турции вызвал российского посла за удары по ИГ в Сирии близко к границе
- ^ http://www.bbc.com/news/world-middle-east-34912581
- ^ "Выступление начальника Главного оперативного управления Генштаба ВС РФ генерал-лейтенанта Сергея Рудского по факту провокационных действий ВВС Турции" (in русский). Министерство Обороны РФ. 24 ноября 2015. 19-я секунда.
19-я секунда
{{cite web}}
: Check date values in:|date=
(help) - ^ a b "Turkey's downing of Russian warplane - what we know". Би-Би-Си. 24 ноября 2015.
{{cite web}}
: Check date values in:|date=
(help) - ^ http://www.bbc.com/news/live/world-middle-east-34908469
- ^ BASIN AÇIKLAMASI, 24 Kasım 2015, 10:55 — Пресс-релиз Генштаба Турции (тур.)
- ^ a b H.E. Mr. Matthew Ryeroft (24 november 2015). "Permanent Mission of Turkey to the United Nations, Ambassador 2015/10165510" (in английский). UN. Архивация оригинал (24 November 2015). Щвей 24 November 2015.
{{cite web}}
: Check date values in:|access-date=
,|date=
, ва|archive-date=
(help); Invalid|url-status=хвараб
(help): «Disregarding these warning, both planes, at an altitude of 19.000 feet, violated Turkish national airspace to a depth of 1,36 miles and 1,15 miles in length for 17 seconds from 0.24'.05 local time.» - ^ "Türkiye'den BM'ye mektup: İhlal 17 saniye sürdü" (in турецкий). Hurriyet. 24 ноября 2015.
{{cite web}}
: Check date values in:|date=
(help) - ^ http://www.bbc.com/news/live/world-middle-east-34908469
- ^ "Российский Су-24 при возвращении на авиабазу «Хмеймим» был сбит турецким истребителем F-16". Министерство Обороны РФ. 24 ноября 2015.
{{cite web}}
: Check date values in:|date=
(help) - ^ Самолёт был сбит над Сирией в одном километре от границы с Турцией — Путин
- ^ "Turkey shoot down warplane on Syria border". Би-Би-Си. 24 ноября 2015.
{{cite web}}
: Check date values in:|date=
(help) - ^ Генштаб: во время операции по спасению пилотов Су-24 погиб российский морпех, Би-Би-Си.
- ^ Боевики уничтожают ракетой российский вертолёт Ми-8 в Сирии
- ^ "Путин назвал крушение Су-24 ударом в спину от пособников террористов". meduza.io. 24 ноября 2015.
{{cite web}}
: Check date values in:|date=
(help) - ^ "Путин: Су-24 был атакован в 1 км от границы с Турцией, а упал в 4 км". РИА Новости. 24 ноября 2015.
{{cite web}}
: Check date values in:|date=
(help) - ^ http://function.mil.ru/news_page/world/more.htm?id=12066671@egNews
- ^ РФ будет сбивать опасные для российской группировки в Сирии цели, Интерфакс (24 новембер 2015).
- ^ http://www.bbc.com/news/live/world-middle-east-34908469
- ^ "Turkey's downing of Russian warplane - what we know" (in английский). BBC. 2015-11-24. Архивация оригиналалдаса 2015-11-24. Щвей 2015-11-24.
- ^ Александр Артемьев. Совет НАТО поддержал позицию Турции по сбитому Су-24, РБК (24 новембер 2015).
- ^ Олланд заявил, что в ситуации с Су-24 нужно избежать любой эскалации
- ^ https://russian.rt.com/article/118251
- ^ http://ria.ru/world/20151124/1327628126.html
- ^ http://www.vesti.ru/doc.html?id=2690645
Ссылкаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- Катастрофа российского Су-24 в Сирии — сюжет на Lenta.ru
- Выступление начальника Главного оперативного управления Генштаба ВС РФ генерал-лейтенанта Сергея Рудского по факту провокационных действий ВВС Турции // Министерство обороны Российской Федерации, 24 ноября
- Генштаб Турции: ВВС страны сбили нарушивший воздушное пространство республики самолёт // ТАСС, 24 ноября 2015.
- Путин: атака Турции на Су-24 — это «удар в спину» РФ, он будет иметь серьёзные последствия // ТАСС, 24 ноября 2015.
Гьаб тІубачІеб макъала буго авиациялъул лъугьа-бахъиназул хІакъалъулъ. Нужеца кумек гьабизе бегьула проекталъе, гъалатІ битІизабун ва макъалаялда тIад жо жубан. |
- перенаправление Шаблон:Авиациялъул лъугьа-бахъинал 2015 соналъул
- Страницы, использующие расширение JsonConfig
- CS1 errors: dates
- CS1 русский-мацӀаб ицц (ru)
- Webarchive template wayback links
- CS1 errors: invalid parameter value
- CS1 английский-мацӀаб ицц (en)
- CS1 турецкий-мацӀаб ицц (tr)
- Гьанжесел лъугьа-бахъинал
- Википедия:Статьи с вики-разметкой в изображении карточки
- Макъалаби цІар гьечІел халипал-карточкабигун
- Файлазул хӀалтӀуларел регӀелалгун гьумерал
- ТІурачІел макъалаби авиациялъул лъугьа-бахъиназул хІакъалъулъ
- Рагъул авиациялъе ккарал авиациялъул лъугьа-бахъинал
- Сириялда рагъ
- Рортизарурал гьаваялъул гуми
- Картабигун гьумерал