Перейти к содержанию

Рейс 17 Malaysia Airlines

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
17 рейсалъул боржиялъул схема
ГІаммал баянал
17 июл 2014 сон
хасият чІезабиялъул хІалтІаби уна руго
#REDIRECT Халип:Флагификация/Украина Грабоваялда аскІоб, Донецк област (Украина)
48°07′23″ ш. гӀ. 38°31′33″ бб. х.HGЯO[1]
Ошибка Lua в Модуль:Sources на строке 294: attempt to call field 'list_ref' (a nil value).
Гьавадул гама

Катастрофа ккелалде 3 соналъ цебе Рималда бортараб самолет
Boeing 777-200ER
Malaysia Airlines
 Нидерландал, Схипхол, Амстердам
MH17/MAS17/KL4103
9M-MRD
1997 сон
283
15
298 (киналго)

Доне́цкалда гъоркь Boeing 777 ккараб катастро́фаавиациялъул катастрофа, 2014 соналъул 17 июлалда Украинаялъул ракьазда, Донецк областалъул Грабово абулеб росдада аскІоб ккараб.

Катастрофа ккараб бакІ; боржараб ва унеб букІараб аэропортал

Malaysia Airlines компаниялъул Boeing 777 самолеталъ рейс гьабулеб букІана Амстердамалдаса Куала-Лумпуралде. Россиялъул гIорхъиялде 50 километр хутIараб мехалда халкъазда гьоркьосеб къотIи-къаяз бихьизабураб анцIазарго метралъул борхалъудаса цинтIаго гIодобе ун буго. Хадуб гьелъул цIа рекIарал хутIелал ратана Украиналъул территориялда. Гьеб лъугьа-бахъин ккола гьебго авиакомпаниялъул ахирисеб щуго моцІида жаниб ккараб кІиабилеб кІудияб лъугьа-бахъинлъун. Гьелда цебе ккун букІана Boeing 777 тІагІин. ЦІикІкІун гІадамал хвеялъул рахъалъ гьеб ккола авиациялъул тарихалда жаниб, 11 сентябрялъул лъугьа-бахъиналдаса хадуб кІудияблъун рикІкІараб лъугьа-бахъинлъун.

Самолеталда рукІана 298 пассажир, гьезда гъорлъан 154 чи кколев вуго Нидерландазул ватІанчилъун, 27 австралиялъулав , 23 малайзиялъулав, 11 чи Индонезиялдаса, анлъго британиялъулав, ункъ-ункъ немцавги белгиялъулавги, лъабго Филиппиназул ватІанчи ва канадаялъулав. ХутIарал кинаб ватІанлъиялъул гIадамал ругелали чIезабулеб буго.[2][3], гьел киналго хвана[4]. Украиналъул ракьазда яргъид гІуцІцІараб конфликт унеб районалда бортана самолет.

Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкица лъазабуна, «лъугьа-бахъараб кколин халкъазда гьоркьосеб такъсирин ва гIайиб бугез жаваб кьезе кколин Халкъазда гьоркьосеб трибуналалда цебе»-ян.

Украиналъул президент Петр Порошенкоца жинидрго видеохитIабалда лъазабуна рагъ жидер улка тун къватIибе тIибитIанин.

Лайнер бортиялъул гIайиб лъида бугебали гьанжеги мухIканго чIезабун гьечIо. Амма Москваялъ рикIкIунеб буго гьеб бугин Киевалъул хIалтIи. Киевалъин абулеб буго, гIаксалда, аэроплан Россиялъ бортизабунин. Версияби руго гIемер. МухIканаб жаваб кьезе бегьула лъиданиги бачIеб халкъазда гьоркьосеб цIех-рехалъул къокъа гIуцIани.




  1. "Определено точное место падения Boeing 777 на востоке Украины". 18.07.2014. Архивация the original (2014-07-20). Retrieved 2014-07-18. {{cite web}}: Check date values in: |date= (help); Invalid |url-status=хвараб (help)
  2. "Crash: Malaysia B772 near Donetsk on Jul 17th 2014, disappeared from radar". Avherald.com. Retrieved 17 July 2014. {{cite web}}: Check date values in: |accessdate= (help)
  3. Источник сообщил о падении малайзийского Boeing на границе России и Украины. Интерфакс, 17 июля 2014.
  4. "euronews". Архивация the original (2014-07-25). Retrieved 2014-07-18. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)


  1. перенаправление Шаблон:Авиациялъул лъугьа-бахъинал 2014 соналъул