Перейти к содержанию

Амстердам

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Халип:ГӀБ+


Амстерда́м (нидерл. Amsterdam [ˌɑmstərˈdɑm]) — тахшагьар ва бищун кӀудияб шагьар Нидерландазул. Ханлъиялъул тахшарлъун буго 1814 соналдасан байбихьун. Гьеб буго Шималияб Голландия провинциялда, улкаялъул бакътӀерхьул рахъалда Амстел ва Эй гӀорал лӀугӀулеб бакӀалда. Нордзе-каналалдалъун Амстердам хурхинабун буго Шималияб ралъадгун.

2012 соналъул 1 январалде щвезегӀан Амстердам муниципалитеталъул халкъалъул къадар бахун букӀана 801 847 чиясде[1], шагьаралъул рагӀаллъабазда ругелгун цадахъ (шагьаралъул округ) — 2,3 млн чиясде.

Шагьаралъул цӀар бачӀун буго кӀиго рагӀиялдасан: «Амстел» ва «дам». Амстел — шагьар жинда аскӀоб бугеб гӀоралда цӀар, ва «дам» нилӀер мацӀалде буссинабуни «сангар къай». XII гӀсаруялъ гьеб букӀана гьитӀинаб ччугӀихъабазул росулъун, амма Нидерландазул меседил гӀасруялъ Амстердам лӀугьана дунялалъулго бищун кӀвар бугел портазул цояблъун ва кӀудияб бича-хисиялъул центрлъунги.

Шагьар ккола батӀи-батӀиял маданиятал дандечӀвалеб бакӀлъун — 2009 соналъул апрелалда гьениб гӀумру гьабун рукӀана 177 миллаталъул вакилзаби.

Амстердам гьединго ккола Нидерландазул финансазул ва маданияталъултахшагьарлъунги. Гьанир рукӀана бищунго дунялалда чӀахӀиял 500 компанияздаса кколеб 7 компаниялъул штаб-рукъал, мисалалъе, Philips ва ING Groep. Гьединго шагьар бакьулӀ буго дунялалдаго бищун некӀсияблъун рикӀкӀунеб фондалъулаб биржа.

Амстердамалда буго Гринписалъул бетӀераб офисги.






Байрахъ ва герб

[хисизабизе | код хисизабизе]















  1. ↑ Цитация мекъи: Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб dem -лъе текст бихьизабун гьечІо