Рахьдал мацӀалъул къо
| Рахьдал мацӀалъул къо | |
|---|---|
| | |
| Тайпа | Халкъаздагьоркьосеб |
| Лъуна | 1999 соналъ |
| КІодо гьабула | санайил |
| Къо-моцІ | 21 феврал |
Халкъаздагьоркьо́себ ра́хьдал ма́цӀалъул къо́ (цогидал ЦМГІялъул расмиял мацІазда: инг. International Mother Language Day,гӀараб: اليوم العالمي للغة الأم,исп. Día Internacional de la Lengua Materna, кит. 國際母語日,гІур. Международный день родного языка,пар. la Journée internationale de la langue maternelle) — гӀуцӀана ЮНЕСКОялъул Генералияб конференциялъул 30-абилеб сессиялда, 1999 соналъул ноябралъ ва 2000 соналдаса бахъун санайил 21 февралалъ кӀодо гьабула рахьдал мацӀал цӀуниялъе ва маданияталъул мультикультурализм цӀцӀикӀкӀине.
ЮНЕСКОялъул оценкабизда реъон, 6000 дунялалъул мацӀазул бащалъи тӀагӀиналъул хӀинкъи бугел руго[1]. 2009 соналъ ЮНЕСКОялъ 136 Россиялъул территориялда бугеб мацӀ тӀагӀиналъул хӀинкъи бугеблъун рикӀкӀана.
Рахьдал мацӀалъул къо Россиялда
[хисизабизе | код хисизабизе]Дагъистаналда санайил 21 февралалъ Авартеатралда тӀоритӀула мероприятиял рахьдал Авар мацӀ кӀодо гьабизе. МагӀарул Миллиябгун Маданияб Автономиялъул хӀаракаталдалъун исана микьабилеб нухалдаги 22 февралалда МахӀачхъалаялъул ЦӀадаса ХӀамзатил цӀаралда бугеб Авар музыкалиябгун драматическияб театралда тӀобитӀана авар мацӀалъул фестиваль. Щибаб соналъ гӀадин Авар театралъул жанахӀ цӀун букӀана батӀи-батӀиял мухъаздаса ва шагьараздаса рачӀарал магӀарулазул ва гьединго цогидал миллатазул вакилзабазул[2].
ХӀужаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ (гІурус) Международный день родного языка на сайте ЮНЕСКО (ссылка проверена 20 февраля 2011)
- ↑ "Авартеатралда рахьдал мацIалъул къо. 28.02.2020 c." Архивация оригинал, 2022-04-08. Щвей 2022-04-08.
РегӀелал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Алфавиталда рекъон байрамал
- Макъалаби инглис-мацӀаб текстгун
- Макъалаби гӀараб-мацӀаб текстгун
- Pages using Lang-xx templates
- Макъалаби яин-мацӀаб текстгун
- Макъалаби гӀурус-мацӀаб текстгун
- Википедия:Шаблон «КъватІисел регІелал» чІобого буго
- ЮНЕСКОялъул халкъаздагьоркьосел къоял
- ЦМГӀялъул халкъаздагьоркьосел къоял
- Алипбаялда рекъон байрамал
- МацӀал
- 21 февралалъул байрамал