Насранияб дин
Внешний вид
Насранияб дин яги Христианлъи" (грек. Χριστός — «масихІ») — ккола дунялалъул диназул цояблъун, гьеб гІуцІцІун буго насраниязул рагІабазда рекъон ГІиса аварагасул малъа-хъваязда ва гьесул харбазда, Библиялъул ЦІияб КъотІиялда жиб хъвараб[1]. Христианаз иман лъола Назареталдаса ГІиса авараг масихІ вукІиналда ва гьез гьев рикІкІуна Аллагьасул васлъун (Аллагь вацІцІадав вуго гьединал къосарал сипатаздаса) ва инсаният хвасар гьабулевлъунги[2].
Насранияб дин — дунялалда бищун кІудияб динлъун ккола, гьелда нахъ рилъаразул къадаралда бан. Гьезул къадар бахуна 2,3 миллиард чиясде.
Насранияб диналда жаниб чІахІиял къокъабилъун рикІкІуна — ортодоксия, католицизм ва протестантизм.
ХІужаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ BBC—Religion & Ethics—566, Christianity // BBC
- ^ Briggs, Charles A. The fundamental Christian faith: the origin, history and interpretation of the Apostles' and Nicene creeds. C. Scribner’s sons, 1913.
Гьаб тІубачІеб макъала буго диналъул хІакъалъулъ. Нужеца кумек гьабизе бегьула проекталъе, гъалатІ битІизабун ва макъалаялда тIад жо жубан. Гьаб хIужа хисизе кканани, хисизе бегьула цІикІкІун данде кколелдалъун. |