Перейти к содержанию

Насранияб дин

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Насрания» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Хъанч. Христианаз жиндие лагълъи гьабулеб жо

Насранияб дин, яги Христианлъи (грек. Χριστός — «масихӀ») — ккола дунялалъул диназул цояблъун, гьеб гӀуцӀцӀун буго насраниязул рагӀабазда рекъон ГӀиса аварагасул малъа-хъваязда ва гьесул харбазда, Библиялъул ЦӀияб КъотӀиялда жиб хъвараб[1]. Христианаз иман лъола Назареталдаса ГӀиса авараг масихӀ вукӀиналда ва гьез гьев рикӀкӀуна Аллагьасул васлъун (Аллагь вацӀцӀадав вуго гьединал къосарал сипатаздаса) ва инсаният хвасар гьабулевлъунги[2].

Насранияб дин — дунялалда бищун кӀудияб динлъун ккола, гьелда нахъ рилъаразул къадаралда бан. Гьезул къадар бахуна 2,3 миллиард чиясде.

Насранияб диналда жаниб чӀахӀиял къокъабилъун рикӀкӀуна — ортодоксия, католицизм ва протестантизм.