КӀиябго хӀарамалъул хъулухъчи

КІиябго хІарамалъул хъулухъчи (гӀар. خادم الحرمين الشريفين, Хадимул-ХІаромайни-ш-Шарифайни[1]) — СагІудиязул ГІарабиялъул ханасул тІокІцІар[2][3].
Гьеб тІокІцар лъуна Фагьдица 1986 соналъул 27 октябралъ «Гьесул тІадегІанлъи» абураб тІокІцІаралъул бакІалда. ТахбакІ ирсие щварав ГІабдуллагьицаги гьебго тІокІцІар хІалтІизабуна.
«КІиябго хІарам» — ккола Маккаялда бугеб ал-ХІарам ва Мадинаялда бугеб Аварагасул мажгит. СагІидиязул ГІарабиялъул ханзабазде щвелалде гьеб тІокІцІар хІалтІизабулаан цере Исламияб Халифаталъул рукІарал халифаз, Мамлюказул пачалихъалъул ва ГІусманиязул империялъул бутІруз.
ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]
![]() |
Гьаб тІубачІеб макъала буго СагІудиязул ГІарабиялъул хІакъалъулъ. Нужеца кумек гьабизе бегьула проекталъе, гъалатІ битІизабун ва макъалаялда тIад жо жубан. |