Перейти к содержанию

Гъизлярка

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Кизлярка» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

ГъизляркаДагъистаналъул шагьар Гъизляралда бахъулеб цӀолбол гӀаракъи. Гъизлярка къватӀибе биччала Гъизляралъул коньякалъул заводалъ.

Гьабулеб къагӀида

[хисизабизе | код хисизабизе]

ЦӀолбол бахъараб спирт тӀола хассал чирмакъолобахъе тӀагӀамги кьерги босизегӀан. Хадуб тӀаде жубан чакаргун биччала гӀаракъи[1], 40-45 % къвакӀиялъул[2]. Гъизлярка гьабула лъабго батӀияб тайпаялъул: 1) «ХӀакъикъияб» — 40% къвакӀиялъул мехтел чирмакъолобахъ кквечӀеб; 2) «ГӀадатияб» — анкьго моцӀалъ чирмакъолобахъ ккураб, 40% къвакӀиялъул мехтел; 3) «Хераб» — 18 моцӀалъ чирмакъолобахъ ккураб, 45% къвакӀиялъул мехтел[3].


ТӀоцебе цӀолбол гӀаракъи Гъизляралда бахъизе байбихьана 1657 соналъ. 1731 соналдаса нахъе ГӀурус пачалихъалда бахъараб пихъил мехтелалда абула гъизляралъул гӀаракъи яги гъизлярка абун[4][5][6][7]. ЦӀолбол гӀаракъи гьабизе Гъизляралъул чогърохъабазда малъана Французаз[8]. Гьеб гӀаракъи бахъизе гӀилалъун ккана квешаб хасияталъул чагъир[8]. Чагъир гьекъолезе гъизлярка бокьана цӀикӀкӀун ва гьелдаса нахъе гъизляралъул гӀаракъи машгьурлъана тӀолго дунялалда. Гъизлярка бахъизе хӀалтӀизабула багӀараб тӀерский абураб цӀибил[9].

ЧагӀир-гӀаракъи бахъулеб заводалъул нухмалъулев П. Н. Суровикинасул хӀукмуялда рекъон, гъизлярка кӀудиял къадаразда бахъизе байбихьана 1810-1815 сонаца. 1812 соналъул ВатӀанияб рагъуе гӀоло, хъвалеб буго Суровикинас, гьукъун букӀанила къватӀисел улкабаздаса чагъир баччизе. Гьелъие гӀолон гъизляралъул гӀаракъи машгьурлъана ГӀурус пачалихъалда[10]. Цоги гъизлярка машгьурлъиялъе гӀилалъун ккана учузаб багьа батӀиял улкаязул чагъиралде дандеккун[8].

«Чагъир бахъиялъул кьучӀ» абураб, 1897 соналъ хъвараб гӀелмияб хӀалтӀул автор А. Е. Саломоновас бицунеб буго: «Кутакалда лъикӀаб хасияталъул гӀаракъи бахъулеб букӀана Гъизляралда. Гъоркьияб Новгородалда ва тӀолабго ГӀурус пачалихъалда гьеб лъалаан "Гъизлярка" абун. Французазул гӀаракъилде данде гьабизе бегьулеб мехтел букӀана»[11].

1893 соналъ тӀолго дунялалъул цебе лъеялда, Америкаялъул шагьар Чикагоялда, гъизляркаялъе щвана мазгарул медал ва хӀурматалъул грамота[12].

Адабияталда рехсей

[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀурусазул хъвадарухъан НикӀолай Лесковас «Левша» абураб къисаялда рехсолеб буго гъизлярка: «Платовас щибго абичӀо пачаясда, жиндирго цӀутӀараб мегӀер буртинаялъги бахчун, гьев ана рокъове. Хъулухъалъе тарав солдатасе гьес буюрухъ кьуна хъаба цӀураб гъизлярка босеян. Гьекъон цо цӀураб стакангун, буртинаги тӀаде бачун хъванхъвадилаго кьижана...»[3].

  1. Нина Волкова (2017-01-05). "Винная карта туриста" (мацӀ: русский). Strana.ru. Архивация оригинал, 2018-11-16. Щвей 2018-11-12. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  2. Людмила Викулова (2018-01-14). "Сколько градусов может быть у водки?" (мацӀ: русский). Аргументы и факты. Щвей 2018-11-12.
  3. 1 2 Кулинарная энциклопедия. Том 12. К (Кашови – Кишмиш). ЛитРес, 2017. — Т. 12. — 140 с.
  4. Книга о водке / Ю. Г. Иванов. — Смоленск, 1995. — Гь. 15—16.
  5. Романов С. История русской водки. М., 1998. — Гь. 102.
  6. Шапкин И. И. Отечественное предпринимательство: Очерки истории. М., 1995. — Гь. 80.
  7. Калинин В. Д. Из истории питейного дела в России (XV — начало XX в.). М., 1993. — Гь. 9.
  8. 1 2 3 Гарунова Нина Нурмагомедовна. К вопросу о появлении «Кизлярской водки» в низовьях Терека в XVIII-XIX веках (ru) // Вопросы южнороссийской истории. — Махачкала. № 18.
  9. Похлебкин В. В. История водки. М.: Центрполиграф, 1997. — Гь. 23.
  10. Голубев Р. И. Флагман коньячного производства России. — Кизляр, 2001. — Гь. 59.
  11. Саломон А. Е. Виноградарство и погребное хозяйство // Основы виноделия. — Одесса. — 1897. С. 188.
  12. Кадиев Д. К. Развитие виноградарства и виноделия в Дагестане в 70-80-е годы XX в.. — Махачкала, 2007. — Гь. 89.