Египталъул анцӏила микьабилеб династия , Тутмосилал (1550–1292 НЩ) букӏана НекӀсияб Египталъул пиргӀанзабазул династиябазулӏ бищунго цӏар рагӏаразул цояб. XVIII династиялъул ккола бищун къуватал пиргӀанзаби (гьездаго гъорлӏ Тутмос III ), жидеца Египталъул гӀурхъаби гӏатӏид гьарурал ва империя гӀуцӀарал. Гьеб наслуялъул ккола пиргӀан-чӏужу ХӀатшепсут . Цоги машгьурав пиргӀанлъун ккола Ахенатон , «пиргӀан-бидгӏачи», жинца НекӀсияб Египеталъул диналде инкар гьабурав, ва гьесул лъади Нефертити
Тутмосилазул ахирисев тахида вукӀарав чилъун ккола Тутанхамон, жиндир хоб-рукъ, 1922 соналъ Гьавард Картерица рагьараб, бищун кӀудияб археологияб рагьилъун кколеб. Ай ва Хоремхеб гьединго рачуна XVIII династиялъулӏе.
XVIII династиялъул мехалда рарал руго Лукъсуралда Амунил кӏалгӏа, III Тутмосил гьатӏан ва ХӀатшепсутил Джесер-джесерау.
Жеги лӏугӀичӀеб релиеф, кинав пиргӀанасулали лъаларо. XVIII династия. Уасеталдаса. Петрил Египталъулаб археологиялъул музей. Лондон.
XVIII династиялъул цевесев пиргӀанасул бетӀер, гӀ-ш. 1539–1493 НЩ, 37.38 E, Бруклиналъул музей
XVIII династиялъе кьучӀ лъуна Камосил (цебесеб династиялъул тӏарамагъадисев пиргӀан) вац I АхӀмосица . Эс рагӀалде бахъинабуна гиксосазде данде гьабулеб букӀараб рагъул кампания ва тӀубанго эркен гьабуна эздаса Гъоркьияб Египет . I АхӀмосил пиргӏанлъи рикӀкӀуна КӀиабилеб хиси ккараб заманалъул ахирлъун ва ЦӀияб ханлъиялъул байбихьилъун. I АхӀмосидаса хадув ханлъуде вачӀана гьесул вас АменхӀотеп I , жиндир ханлъиялъул заманалда жаниб цогиязде данде ккун гӀемер хиса-басиял ккечӀев[ 1] .
I АменхӀотепил, батизе бегьулеб жо, вас вукӀинчӀо, ва гьесда хадусев пиргӀавнлъун лӀугьана Тутмос I , ханзабазул наслуялъулгун лъадудасан хурхен бугев. Гьес жиндир ханлъиялъул заманалда жаниб Египеталъул гӀурхъаби гӀатӀид гьаруна шималияб рахъалдаса Фураталда бугеб Каркемиш шагьаралдаса бахъун жанубияб рахъалде Курусалда Нилалъул 4-б хӀокӀалде щвезегӀан.
I Тутмосидаса хадув ханлъуде вачӀана Тутмос II . Гьев хун хадуб ханлъиялъул иш кверде босана I Тутмосил яс ХӀатшепсутица : цин гьитӀинго вугев жиндирго росасул цогияй лъадуе гьавурав васасул (Тутмос III ТӀадегӀанав ) регент хӀисабалда ва хадуб жийго пиргӀавн хӀисабалда. Гьелъ ханлъи гьабуна 20-ялдаса цӀикӀкӀун саназ.
ХӀатшепсут хисун пиргӀавнлъун вачӀана Тутмос III ТӀадегӀанав , жив Египеталъул бищун къуватав рагъулав цевехъан хӀисабалда машгьурлъарав, гьес Азиялда гьарурал рагъулал кампанияз щула гьабуна Египеталъул кверщел, Египет лӀугьана жиндир заманаялда бищун къуватаб империялъун.
III Тутмосил ханлъиялъул ахирисел саназда гьесда цадахъ ханлъи гьабуна гьесул вас II АменхӀотепица , жив эмен хун хадув пиргӀавнлъун лӀугьарав. АменхӀотеп II вукӀана лага-черх къуватав, чӀорбутӀалъ речӀчӀун жиндихъе чи вахунарев пиргӀавнлъун, бицен буго, гьесул лъидаго нахъе цӀазе кӀолареб чӀорбутӀ букӀанин абун. Батизе рес буго, гьес Египеталъул империялъул гӀурхъаби жанубияб рахъалде гӀатӀид гьари.
АменхӀотеп II хун хадуб пиргӀавнлъун лӀугьана гьесул вас Тутмос IV , гьесда хадув вачӀана вас АменхӀотеп III , жиндир ханлъиялъул заман тӀолабго XVIII наслуялъул къуваталъул ва гучалъул заваллъун лӀугьана, гьесул заманалда гӀумруялде рахъинаруна гӀемерал архитектуриял проектал. Гьелъул рахъалъ III АменхӀотепихъе вахуна цохӀо XIX Наслуялъул Рамсес ТӀадегӀанав [ 2] .
III АменхӀотепил вас ва ирсилав Тутмос хеко хола ва гьесул бакӀалда вачӀуна АменхӀотеп IV, жинца инсул ахирисел саназда гьесда цадахъ ханлъи гьабурав. Гьеб цадахъ ханлъи чан соналъ гьабурабали мухӀканго лъаларо, цо-цо египтологаз рикӀкӀуна гьеб дагьабго заманалъ букӀанин абун, цогида — 12 соналде щвезегӀан букӀанин абун; руго гьединаб цадахъ ханлъи букӀинчӀин абун рикӀкӀунелги.
Жиндир ханлъиялъул 5-б соналъ, IV АменхӀотепица жиндирго цӀар хисун босула Ахенатен абураб цӀар (ꜣḫ-n-jtn , "Атоние мукагӀалъи бугев"), ва Уасе т шагьаралъул бакӀалда Египеталъул тахшагьарлъун гьабула цӀияб бараб Ахетатон шагьар. Ахенатонил ханлъиялда жаниб гьес Атон (jtn? бакъул гор) лӀугьинабула цин бищун тӀадегӀанаб илагьлъун, ва хадуб цохӀо бугеб илагьлъун, бабйбихьула Ахенатонил диниял хиса-басиял, жидер хӀасилалдалъун египтяназул гӀадатазул дин нахъ чӀвалев ва хутӀарал илагьзабазул килисаби къалеб[ 3] . Ахенатонил хиса-басиял хӀакъикъияб монотеизмаялда бащад букӀиналъул суалалда тӀасан бахӀсал жакъа къоялъги руго гӀалимзабазда гьоркьор. Цо-цояз рикӀкӀуна Ахенатеница монотеистияб дин бахъанин абун, цогидаз — гьес цогидал илагьазул культал къинарун, Атонил культ бетераблъун гьабунин, амма гьебго заманалда цо-цо гӀадатазул илагьаздасаги инкар ьабичӀин абун.
Хадусел египтяназ Амарналъул период рикӀкӀунаан мекъе ккейлъун ва Ахенатенил хиса-басиял бидгӀалъун ва гьересилъун. Ахенатен хун хадуб рукӀарал лӀугьа-бахъинал руго ричӀчӀуралел. Лъала Сменхкара ва Нефернеферуатен абулел цӀарал ругел чагӀи, амма гьезул роль ва тарихалда жаниб бакӀ руго жидеда тӀасан бахӀал лӀугӀичӀел суалалъун. Нефернеферуатен йикӀун ятизе бегьула Ахенатенил кӀудияй лъади Нефертитилъун, Нефернеферуатен абулеб тах цӀаралда гъоркь къокъаб заманалъ ханлъи гьабурай.
XVIII Наслуялда гӀагарлъиялъулаб хурхен бугев пиргӀавн ккола Тутанхамун , жиндир ханлъиялъул заман цӀакъ къокъав; гьев гӀолохъанго хола. Гьесул заманалда Ахетатон шагьар рехун тола, Ахенатенил диниял хиса-басиял нахъчӀвала[ 4] .
Айил блок-статуя, гӀ-ш. 1336–1327 н. щ., 66.174.1, Бруклиналъул музей
XXVIII Наслуялъул ахирисев кӀиго пиргӀавн — Ай ва ХӀоремхӀаб — бетӀерлъуде рачӀуна лъимал гьечӀого хварав Тутанхамунида хадур. Гьев кӀиявго вукӀуна ханзабазул хӀакимзабазда гьоркьоса. Ай гьединго вукӀун ватизе бегьула Ахенатенил имгӀаллъун эбелалъул рахъалдасан.
Айица чӀужун ячун йикӀун ятизе бегьула Анхесенамун, Тутанхамунил бесдал яц ва лъади, жиндихъего ханлъи щвеялъе гӀоло; гьей гьелдаса хадуб хеко хола, ва Айица ячуна Тэи , жий Нефертитил рахьдал эбеллъун йикӀарай.
Айил ханлъи халат бахъунаро. Гьесдаса хадуб ханлъуде вачӀуна ХӀоремхӀаб , Тутанхамунил аскаразул цевехъан, жив ирсилавлъун гьавизе Тутанхамунада ракӀалда вукӀарав. Батизе бегьула, гьес Ай тӀаса рехи. ХӀоремхӀабице байбихьула пачалихъалъул иш рукӀалиде бачине, гьес гьабула чанго рагъул сапар ва хеттазде данде рагъ, ГӀагараб Машрикъалда Египеталъул кверщел, жиб Ахенатенил заманалда загӀиплъараб, букӀадахъин гьабизе.
ХӀоремхӀаб хола лъимал гьечӀого, жиндирго ирсилавлъул вазир Рамсес лъазе гьабун. Рамсес I вачӀуна ханлъуде н. щ. 1292 соналъ ва гьесдаса байбихьула XIX Наслу .