Перейти к содержанию

Дуче

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Фашизм Дуче
Duce del Fascismo
ХитӀаб Жиндир бетІерчІахъаяв
Резиденция Palazzo Chigi
(1925–1929)
Palazzo Venezia
(1929–1943)
Вилла Торлония
(1925–1943)
Хъулухъалде тӀами Фашизмалъул кІудияб данделъи
Цебесеб хъулухъ Бенито Муссолини (Премйер-министер хІисабалда)
Хъулухъ гӀуцӀи 23 март, 1919
 • Хъулухъалда тӀоцевесев Бенито Муссолини
 • Хъулухъалда ахирисев Бенито Муссолини
Хъулухъ хвезаби 25 апрель, 1945
Муссолинил тІубараб титул букІана «Жиндир тІадегІанлъи Бенито Муссолини, ХӀукуматалъул бетӀер, Фашизмалъул Дуче ва Империялъе кьучІ лъурав» (итал. Sua Eccellenza Benito Mussolini, Capo del Governo, Duce del Fascismo e Fondatore dell'Impero)

Ду́че (Итал: Duce, абул куц [ˈduːtʃe]), Латин: dux «цевехъан» рагІудаса бачІараб) — Националаб фашистияб партиялъул бетІер Бенито Муссолинил букІараб титул, жиб 1925 соналда гІуцІараб; Муссолиние гьеб щвана, жиндаго хадуб Италиялъул хІакимзабазул данделъул бетІерасул хъулухъги букІаго. Гьелдалъун гьесие рес щвана Италиялъул пачалихъалъул унгояв бетІерлъун вукІине, Виктор Эммануил III къираллъун вукІаниги. Хадуб титулалде тІаде жубана «Империялъе кьучІ лъурав» абун, жибги кІиабилеб италгин хӀабаш рагъулӀ Италияги бергьинеги гьабун, гьелъул колониалияб пачалихъ Муссолиница бахъинабиялъе гІоло. Дуче титул хвезабуна 1943 соналъ, къираласул амруялдалъун Муссолини гьелдаса ватӀагьавун хадуб. Гьелъул бакІалда премйер-министрасул титул букІадахъин гьабуна, ва гьебги щвана Пиетро Бадолиохъе

«Дуче» титул лъугьана кьучІаблъун фашистиял ва радикалиял миллиял партиязул церехъабазул титулабазе (гьездаго гьоркьоб Фюрер титулги). 1943 соналъ, жиндирго пачалихъ къураблъун рикІкІинчІев Муссолини лӀугьана «Италиялъул социалияб жумгьурияталъул Дуче»[1].

БачІараб бакІ ва тарих

«Дуче» титул хІалтІизабулаан жиндирго гІадатлъун билъараб магІнаялда (ай цевехъан хІисабалда) 1860-л саназда Италия цолъизабулеб заманалда: Джузеппе Гарибалдил рахъккураз гьедин абулаан гьесда, амма гьес жинцаго жиндаго гьедин абулароан[2]. 1915 соналъ «ТІадегІанав цевехъан» (итал. Duce Supremo) абураб цІар жиндего абизе лъкгьана Виктор Эммануил III, Италиялъул рагъуд гІуцІарал къуватазул бетІерав цевехъан хІисабалда. ТІоцебесеб дунялалъул рагъ лъугІун хадуб гьеб ккуна Габриеле Д’Аннунциоца, Фиуме Республикалъул бетІер хІисабалда. Амма гьеб титулалъе бищунго цІар щвана Бенито Муссолинихъ, Джерардо Доротил гьебго цІар бугеб сураталдаса хадуб гьеб титул лӀугьана Муссолинил цІар хисулеб гІаламатлъун.

Гьанже заманалда Италиялъул сиясатчагІаз ва жигарчагІаз «Дуче» рагІул бакІалда хІалтІизабула «цевехъан» хІисабалда цогидал гьебго магІналъул рагІаби.

Тартиб

Муссолинида ракІалда букІана КІудияб фашистияб шураялъ гьесул ирсилавлъун вищщилин лъабго гьес рихьизарурал чагІазда гьоркьоса, ва вищарасул цІар ханасухъе тІасдикъ гьабизе битІилилан. 1940 соналдаса Муссолиница жиндирго бакІалде хІадурулев вукІун ватизе рес буго жиндирго дурц Галеаццо Чиано[3]

СияхI

Дуче

Сурат ЦІар
(Гьавуна-Хвана)
ВукІараб заман Сиясатаб партия
Хъулухъалде лъугьана Хъулухъ тана Хъулухъалда бараб заман
Дуче Миллияб фашистияб партия
Бенито Муссолини


(1883 – 1945)

24 декабрь, 1925 25 июль, 1943 17 сонги 213 къоги
Италиялъул социалияб республикалъул Дуче
23 сентябрь, 1943 25 апрель, 1945 1 сонги 214 къоги

Гьединго балагье

МугъчӀваял

  1. ^ Quartermaine, L. (2000). Mussolini’s Last Republic: Propaganda and Politics in the Italian Social Republic. p. 21
  2. ^ Lucy Riall, «Garibaldi, Invention of a Hero», London, 2007, Ch. 9
  3. ^ Gunther, John (1940). Inside Europe. New York: Harper & Brothers. гьл. 255, 257–258.